Рагьараб накъит

В. Васильев:  «Нилъее хIажат буго бацIцIадаб республика»

ДРялъул нухмалъулев дандчIвана журналисталгун

«Рокъор гIодорги чIун хIуку­маталъул хIалтIи какун рукIунеб гьаб роччараб къоялда нилъ ракIарун руго тIасияб сона­лъул бюджеталъул суалал данд­разе», — ян махсараги гьабун, байбихьана Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильевас 31 октябралда журналистазулгун Дагъистаналъул телевидениялда (РГВК) букIараб данделъи. Хадуб гьес гIаммаб куцалда бицана бюджеталъул бугеб экономикиябгун политикияб кIваралъул, гьабсагIаталда рес­пуб­ликаялда лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъул, унел ругел хиса-басиязул. Васильевасул ра­гIабазда рекъон, ахирал соназда Да­гъистаналъул бюджет букIана со­циалияб балагьиялъул, амма тIа­сияб соналда гьеб букIине буго цебетIеялъулаблъун. Гьеди­наб рес нилъее щвана бюджета­лъул гIарац бикъиялъе рукIарал шар­тIал тIагIинариялъул, нало­гал ракIариялъулъ гIадлу-низам чIезабиялдалъун бюджеталде ба­­чIу­неб гIарцул къадар борхия­лъул ва федералияб централъ гIар­цудалъун гьабулеб кумек дагьабги цIикIкIиналъул хIасилалда. Рес­публикаялда би­къулеб букIа­раб гIарцул бицунаго, мисал хIи­сабалда, гьес тIадчIей гьабуна ТФОМСалда бюджета­лъулаб гIа­рац пасат гьабулеб букIараб ку­цалда. РакIчIезабуна гьениб ми­салияб низам чIезабизе ва гьеди­набго низам чIезабизесел ида­рабазул ирга гIезегIан халатаб букIи­налда.
Хадуб рагIи кьурав хIуку­ма­талъул председателасул замес­титель ХIажимухIамад ХIу­сеновас жеги мухIканго бицана бюджеталъул хIакъалъулъ. Гьес абухъе, бюджет гIуцIун буго харжаздаса хайир дагьаб цIикIкIунеб (400-500 млн гъуруш) хIисабалда. Гьединаб бюджеталъ рес кьезе буго киналго социалиял тIадеросиялги тIуразе, инвестициязулал проектазе нухги рагьизе.
ТIадеялъул бищун гIодобе­гIа­насеб моцIрол харж бахина­бизе буго 12280 гъуршиде, тIо­це­бесеб январалдаса нахъе анлъ­г­о проценталъ борхизабизе бу­го социалиял хIалтIухъабазул (тар­биячагIи, лъайкьеялъул ва сах­лъицIуниялъул хIалтIухъаби ва гь.ц) харжги.
Цинги В. Васильевас ва ХI. ХIусеновас кьуна журналистазул суалазе жавабалги. ГIезегIанго рагьун кIалъарав В. Васильевас цо-цо суалал тана гьезде жеги заман щун гьечIинги абун, цогидазе кьуна чIванкъотIарал жавабал.
Мисалалъе, МахIачхъалаялда унел ругел хиса-басиял кида щвезе ругел цогидал муниципалиял гIуцIабазде абураб суалалъе гьес кьуна гьадинаб жаваб:
– Хиса-басиял жеги гьаризе руго. ГьабсагIаталда хIажат буго республикаялъул идарабазда низам чIезабизе, квер гIунтIулеб гьечIо, къуват гIолеб гьечIо, гьелда цадахъго киналго муниципалитетазда жанире лъугьинеги. Щвела гьездеги ирга.
— ЧIороголъулел руго магIа­рухъ ругел росаби, гIадамал гочунел руго гIодоблъиялде. Гьеб масъала тIубаялъе щибго жо хIисабалде босун бугищ бюджеталда?
— Гьеб буго цIакъго захIматаб, амма кIвар бугеб масъала. Ниж ургъулел руго гьелда тIад. Гьеб буго республикаялъул идарабазулги муниципалитетазулги цадахъаб хIалтIи. ТIасияб соналда, гьеб мурадалда, бюджеталда лъун буго 80 млн гъуруш, цебехун киданиги букIинчIо гьединаб гIарац.
— ТIадеялъул газет-журналазе биччалеб гIарац 28 млн гъурушалъ дагь гьабун буго. ГьечIищ гьеб хIал хисизабизе рес?
— Гьеб буго нужерги бербалагьиялда гъоркь букIине ва тIадал идарабазда цебе цоги нухалъ борхизе кколеб суал. Нижги ургъулел руго гьелда тIад, киналго шартIалги хIисабалде росун, дандбан, цо рес батизе ккола.
— ТIадеялъул чиновниказул харжал цIикIкIинаризе хIиса­балда босун букIин битIараб бугищ?
— ХIалтIи цебетIезабизе, гье­лъул даража борхизабизе нилъее къваригIун батани, гье­лъие къваригIуна профессиона­лиял хIалтIухъаби. Москваялда лъи­кIаб хIалтIиги тун, гьаниве вачарав, ришваталги росичIого хIал­тIулев чиновникасе букIине кко­ла хIалтIуда рекъараб харжги. Дагьаб харжги кьун ришватазда теялдаса, лъикIаб харжги кьун чиновник ришватаздаса рикIкIад гьави битIараблъун бихьула дида.
РукIана жеги гIемерал суалал. Киналъулго хIасил гьабулаго, В. Васильевас абуна:
— Дагъистаниязда бичIчIизе кко­ла нижеца гьабулеб хIалтIул му­рад республика цебетIей, гIа­дамазул рукIа-рахъин лъикI гьаби, чороклъиялдаса гьеб бацIцIад гьаби букIин. ЛъугIана доб, ай бюджет тIутIулеб, нич тIагIун буголъи бикъулеб, гIарцухъ хъулухъал росулеб заман. Нилъее къваригIун буго бацIцIадаб республика, хIалтIулеб экономика, профессионалиял хIалтIухъаби. Гьелде нилъ унел руго, гьедин букIинеги буго, — ян.
ГIабаш ГIабашилов