Сессия

Депутатлъиялдаса махIрумлъи

25 октябралда тIобитIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул данделъи

Гьелда гIахьаллъана ДРялъул бетIер Владимир Васильевги. Депутатаз ракIалдещвезаруна Керчалда ккараб пашманаб лъугьа-бахъиналъул къурбанал. Гьелдаса хадуб данделъи нухда бачунев СайгидахIмад АхIмадовас дагъистанияздаги ДРялъул спорталъул министр МухIамад МухIамадовасдаги баркана UFCялъул чемпионлъун вахъарав ХIабиб НурмухIамадовасулги дунялалъул чемпионаталда Россиялъул эркенаб гугариялъул командаялъулги бергьенлъаби.
Сессиялъул аслиял суалазул бициналде, трибунаялде рахъана батIи-батIиял партиязул вакилзаби. КПРФалъул вакил МахIмуд МахIмудовас абуна, МахIачхъалаялдаги Иваново шагьаралдаги гьоркьосел бухьенал щула гьари лъикIаблъун бихьулин жиндаян. Гьединго пайдаяблъун рикIкIана гьес Иркутск областалъул экономикияб хIалбихьиги.
«РитIухъаб Россиялъул» депутат Марат Алияровас ракIалде­щвезабуна пачалихъиябгун хасал предпринимателазул ва муниципалитетазулгун цадахъал ишал гьари. Хасго социалияб кIваралъул бакIал ралеб мехалда гьединаб бухьеналъул пайда цIикIкIунин бицана гьес. Масала, рехсараб къагIидаги хIалтIизабун, «Билдинг-сад» абураб проект гIумруялде бахъинабуни, Алияровасул пикруялда рекъон, республикаялъул бюджеталъул гIарацги тIокIлъула, лъималазе школалда цебесеб лъайкьейги щола, ришватчилъиялъул квекIеназе бакIги хутIуларо.
«Цогояб Россиялъул» вакил Висампаша ХангIалиевас борхана туберкулезалдеги ВИЧалдеги данде къеркьеялъул суал. Гьеб рахъалъ масъалаби дагьлъиялъул нухлъун гьес рикIкIуна туберкулезалдаса сахлъизарулеб гьанжезаманалъул диспансер рагьи.
ТIоцебе цIаларабго, депутатаз къабул гьабуна «ДРялда лъайкьеялъул хIакъалъулъ» абураб законалда хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ закон. Хиса-басиял хъинтIула мадугьалихъ ругел росабалъе яги цого росулъ цIалдохъа­би автобусазда щвезариялда. МугIрузул районазул школазе цIакъ кIвар бугеб масъала кколин гьебан бицана депутатаз.
Гьединго хехго къабул гьаруна цогидал законазул проекталги: «ДРялда бакIалъул самоуправлениялъул цо-цо суалазул хIакъалъулъ», «ДРялъул гражданазул сахлъи цIуниялъул хIакъалъулъ», «Туристияб хIаракаталъул хIакъалъулъ» ва гь.ц.
Депутатаз къабул гьабуна «ДРялда пенсионерасе гIумру гьа­бизе хIажалъулеб моцIрол роценалъул хIакъалъулъ» абураб законалъул проектги. Гьелда рекъон, 2019 соналда пенсионерасе моцIрое хIажалъизе буго 8600 гъуруш.
«ХIукуматалъул сагIат» данделъиялда кьуна ДРялъул миллияб политикаялъул министралъе. Татьяна Гамалейица бицана 2018-2020 соназда Дагъистаналда пачалихъияб миллияб программа тIубазабиялъул хIакъалъулъ. 2018 соналда гьеб программаялъе биччан буго 13,8 млн гъуруш.
Данделъиялда депутатасул мандаталдаса махIрум гьаруна «Цогояб Россия» партиялъул вакилзабилъун кколел МухIамад МахIачевги МухIамад Сулеймановги. Ражаб ГIабдулатIиповасул бакIалда, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул лъайкьеялъулги, гIелмуялъулги, культураялъулги, гIолилазул ишазулги, спорталъулги ва туризмалъулги комитеталъул нухмалъи гьабизе тIадкъана Мурад Пайзулаевасда. Пайзулаевасул бакIалде, ай экономикаялъулги, инвестициязулги, предпринимательствоялъулги комитеталъул председателасул заместительлъун вищана ИсмагIил МухIамадшарипов.