«Клеткаялъур тIамун цIумал чIоларо»

«Анжи-Аренаялда» данд­чIвай гьабуна UFCялъул чемпион ХIабиб НурмухIамадовасда

 

Гье­нире рачIун рукIана ДРялъул Хал­къияб Собраниялъул председателасул тIоцевесев заместитель СайгидахIмад АхIмадов, ДРя­лъул хIукуматалъул председателасул тIо­це­весев заместителасул ишал тIу­ралев Анатолий Карибов, Россиялъул спортивияб гугариялъул федерациялъул тIоцевесев президент ГIумар МуртазагIалиев, ДРя­лъул спорталъул министрасул ишал тIуралев МухIамад МухIамадов, республикаялъул министерствабазул, ведомствабазул нухмалъулел, чемпионасул гIага-божарал, гьудулзаби ва болельщикал.
Аза-азар чи гIахьаллъараб гьеб дандчIваялда кIалъалаго Анатолий Карибовас гьадин абуна:
«ГIемерисел дагъистаниял, спортивиял лъугьа-бахъиназда хадуб кидаго халкколарелцин, анкьабилеб октябралда нугIзаллъун лъугьана UFCялъул речIчIухъанлъиялъул къеркьеялда ХIабиб НурмухIа­ма­довас бихьизабураб бахIарчи­лъия­лъул нугIзаллъун. Гьес, жиндирго бажариялдалъун, таваккалалда­лъун, ишалдалъун тIолабго дунялалдаго бихьизабуна Россия кIудияб спортивияб пачалихъ, Дагъистан – спортивиял регионазул цояб букIин.
ХIабибица бихьизабуна речIчIу­хъа­на­сул унго-унгояб хасия­т. ТIо­лабго Россия чIухIараб бу­го МугIрузул улкаялъул васасул къур­кьунгутIиялдаса ва бахIар­чи­лъи­ялдаса. Нилъер бахIарчиясул эмен ва тренер ГIабдулманап Нур­му­хIамадовасги гьеб бергьенлъия­лъулъ кIудияб бутIа лъуна. Баркала, ГIабдулманап, дуе гьединав бахIарчияв, кьураб рагIуеги гьабулеб ишалъеги ритIухъав васасе тарбия кьуралъухъ.
Хирияв ХIабиб, республикая­лъул ва тIолабго улкаялъул аза-азар лъималазеги гIолилазеги мун ккола унго-унгояв бахIарчи. Гьарула дуе, гьединго Дагъистаналъул киналго спортсменазегун тренеразе, спортивиял гIуцIарухъабазе, спорт бокьулелщиназе щулияб сахлъи, сах-саламалъи, парахалъи, ни­лъер ВатIан машгьур гьабиялъе жеги чIахIиял цIиял бергьенлъаби», — ян.
«Байбихьудаса нахъего нужеца халккун букIана лъугьа-бахъунебщиналда хадуб, — ан кIалъана ХIабиб НурмухIамадовги. – ГIемерал лъугьа-бахъинал рукIана турнир байбихьилалде цереги. Амма тIадегIанав Аллагьасда дица гьарулеб букIан цо: октагоналда дандиявгун дандчIвазе нижее рес кьейилан. Дие бокьун букIана нилъер халкъазда гьоркьоб бугеб батIалъи гьесда бихьизабизе. Клеткаялда жанире лъугьиналде, Конорица гIемераб чороклъи тIуна. Дицайин абуни, гьесие жаваб кьуна къеркьолелъул бихьилин дур хIалилан. Щибха букIараб къеркьей лъугIун хадуб: цоцояз абулеб буго гьеб битIун букIинчIин, цогидаз рикIкIунеб буго дица битIун гьабунин. Дица гьадин абила: «Клеткаялъур тIамун цIумал чIоларо!» Ва дица дандиясда ва гьесул командаялда гьеб бихьизабуна. Нужее киназего кIудияб баркала буго».