Республикаялъул гIумру

ГIадамазе цIикIкIун лъикIлъи гьабулезда цIикIкIун гурхIула Аллагьги

 

ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатаз республикаялъул бетIерлъун вищана Владимир Васильев

РФялъул президентасул Северияб Кавказалъул округалда вугев вакил Александр Матовниковасул рагIабазда рекъон, Халкъияб Собраниялъул депутатаз Владимир Васильев бетIерлъун тасдикъ гьави ккола цIакъ ургъун тIамураб гали. «Улкаялъул президентас божилъиги гьабун, республикаялде витIарав Владимир Васильев бетIерлъун тасдикъ гьавиялдалъун бихьулеб буго республикаялъул халкъалъулги гьесде божилъи букIин. В.Васильевасул хIалтIул ва политикаялъул рахъкколеб буго гIадатиял гIадамазги. Васильевасул нухмалъиялда гъоркь мугIрузулаб улкаялда кколел руго лъикIал хиса-басиял. Гьездаса разиго буго халкъги. ГьабсагIаталда Дагъистаналда тIадбан унеб буго регион цебетIезабиялъул мурадалда гьабулеб хIалтIи. Гьайгьай, гьелъ лъикIал хIасилал кьезе рукIиналда дир щибго щаклъиги гьечIо», — ян абуна А. Матовниковас, республикаялъул бетIерлъун Васильев тасдикъ гьавун хадуб.
Божилъи гьабуралъухъ баркалаги кьолаго, Владимир Васильевас абуна республикаялъул гIадатияб халкъалъул гIумру лъикIлъизабиялъул мурадалда бажарарабщинаб гьабизе тIаде босулеб бугин жинца.
«Жакъа нилъеца гIахьаллъи гьабулеб буго гIадатияв чиясул гIумру хисизабизе бугеб тарихияб лъугьа-бахъи­налъулъ. Халкъ гьелда божилъиялдаги руго. Бигьаяб масъала гуро. Гьеб хисизабизе ккани, тIатIала квералги лъун чIезе бегьуларо нилъ. Дир гьалмагъзабаз ва цадахъ хIалтIулез – фракциязул нухмалъулез – дандчIваязда ва жакъасел кIалъаязда кIвар кьуна нилъеда церечIун ругел масъалабазде ва тIурачIого рес гьечIел суалазде. Дица, гIадатияв гражданин, патриот ва офицер хIисабалда, рагIи кьола республикаялъе, республикаял­да гIумру гьабун вугев щивав чиясе гIоло, сундаго барахщичIого хIалтIизе вугин. Гьелдаго цадахъ цIунизе буго респуб­ликаялъул къадру-къиматги. Дица кIвараб хIаракат бахъи­зе буго нужер божилъи хвеларедухъ хIалтIизе», — ян абуна Дагъистаналъул бетIерас.
Гьелдаго цадахъ, республикаялъул гIумру цебе­тIе­забиялъул мурадалда гьабулеб бугеб хIалтIухъ В. Васильевас баркала загьир гьабуна Халкъияб Соб­раниялъул ва Пачалихъияб Думаялъул депутатазе, РФялъул Федерациялъул Советалъул гIахьалчагIазе, улкаялъул президентасул СКФОялда вугев вакиласе.

«Цоцазе кумекги гьабулаго, цадахъ рекъон хIалтIулел ругони, хIакъаб жо, нилъ мурадалде щвезе руго. Мурадги буго нилъер цо, киназего гIахьалаб: республикаялъул ва улкаялъул гIадамазул гIумру лъикIлъизаби. Гьелдаго цадахъ, дица баркала кьола диде божилъи гьабураб ва дир рахъккураб республикаялъул халкъалъеги. Дица, цоги нухалда такрар гьабун абила, бажарарабщинаб гьабизе буго республика цебетIезабиялъул мурадалда. ХIукуматалъул минаялда аскIоб бугеб мажгиталъул къадада хъван буго гьадин: «ГIадамазе цIикIкIун лъикIлъи гьабулезда цIикIкIун гурхIула Аллагьги», — абуна. Гьеб ахIиялда ре­къон гIумру гьабизе ва хIалтIизе вуго дун. Дида ракIалде ккунго букIинчIо, къокъабго заманалда жаниб, дие гIагараблъун ва хирияблъун лъугьинин Дагъистанилан. РакI-ракIалъ абулеб буго: хIалтIизе вуго ракIбацIцIадго, республикаялъул ва халкъалъул къадру-къиматги цIунун. Гьебго заманалда хьул буго нужецаги дир рахъкквелин ва дие кIвараб кумекги гьабилин абун. Цадахъ рекъон хIалтIани, нилъеда кIвезе буго цебелъунщинаб масъала тIубазабизе», — ян кIалъана Владимир Васильев.

Дагъистаналъул бетIерасул хъу­лухъалде лъугьиналда бан, рес­публикаялъул нухмалъу­лес гьа бана ва рагIи кьуна Рос­сиялъулги Дагъистаналъул­ги Кон­ституциялги, республикая­лъул цолъиги цIунизе, мугI­ру­зулаб улкаялъул халкъалъе ракIбацIцIадго хъулухъги гьа­бизе.