Машгьурал политикал

Ахираб анкьалда цIакъго хIалуцараб хIал лъугьун буго гIарабиязул улкабазда.

Катаралъулгун дипломатиял гьоркьорлъаби къотIизаруна Америкаялъ, СагIудиязул ГIарабиялъ, Египеталъ (Мисрия), ГIарабазул Цолъарал Эмиратаз. Гьезулго рахъалда руго БахIрейн, Мальдивал ва Маврикия, ай гIарабазул кинабниги 8 пачалихъ.   

Катар ккола дунялалъул бищунго бечедал улкабазул цояб. 2013 соналда 33 сонил ригьалда, эмен хисун, хIукуматалъул бетIерлъун вачIана Тамим бин ХIамад Аль Тани. 
КIиго миллион чияс гIумру гьабулеб Катаралъул руго гIунги тIокIал магIданиял бечелъаби. Масала, тIабигIияб газалъул нахърателалъул рахъалъ дунялалда лъабабилеб бакI ккола. Бихьулеб букIахъе, гIадамазул къадаралъул рахъалъ Катар Дагъистаналдаса гьитIинаб буго. Гьеб пачалихъалъ бахъула 77 млн тонна газалъул.  Ираналъги Катаралъги газ бахъулеб бакI буго, пачалихъияб гIорхъиялъ батIагьабун букIин гуреб, цогояб. 
 
Россия-Катар — цоцада ричIчIиялъул нухда
 
Россиялъулгун гьелъул дипломатиял гьоркьорлъаби  руго 1988 соналъул 1 августалдаса байбихьун, СССРалъул заманалдаго гьарурал. 2007 соналъул февралалда Россиялъул президент В. Путиница Катаралде сапарги бухьун  букIана.
Амма 2011 соналъул ноябралда  Дохиялъул аэропорталда гьенив вугев Россиялъул посол  Владимир Титоренко ва гьесул кIиго хIалтIухъан Катаралъул хIинкъи гьечIолъиялъул вакилзабаз рухаралдаса хадуб  пачалихъазда гьоркьоб  гьогьен ккун букIана.
Жакъаги Россиялъулги Катаралъулги батIи-батIияб пикру буго Сириялъул суалалда хурхунги. ХIамад Аль Тание къваригIун буго Башар Асад тIаса рехизе. Амма гьеб суалалда тIасан, лъалеб букIахъе, Россиялъул пикру батIияб буго. Гьедин бугониги, кIиябго  хIукуматалъ хIаракат бахъулеб буго борца-къотIараб,  гIодобиччараб политика бачине.
 
Щай кьал ккараб?
 
Катаралдаги гьел пачалихъаздаги гьоркьоб  лъикIаб гуреб ахIал-хIал ккун буго гьеб пачалихъалъ террористазе кумек гьабун  цо млрд долларазул кьеялдалъун. ХIукуматалъул бутIруз абулеб буго гьеб гIарац бугила  ГIиракъалъул ракьалда лаченгун чан гьабулаго шигIитазул «Катаиб ХIезболла» абураб къокъаялъ асирлъуде росарал Катаралъул къираласул хъизамалъул чагIигун цадахъ гьел цIунун рукIарал кинавниги 26 чи къватIиве виччаялъе гIоло кьурабилан. 
СагIудиязул ГIарабиялдаги Катаралдаги гьоркьоб ккараб дагIба-рагIиялъе гIиллабазул цояблъун халкъазда гьоркьосел экспертаз бихьизабулеб буго Катаралъ Ираналъулгун гьудуллъи гьабиги. Гьезда гьоркьоб Тегераналъе дандекколеб гьечIо сагIудияз шигIитазул ихтиярал мукъсан гьари.  Ираналъин абуни сагIудиязде гIайиб гIунтIизабулеб буго шигIитазул хIукуматалде дандечIарал къокъабазул рахъ ккунилан.
Дипломатиял гьоркьорлъаби къотIизари гуребги, гьел пачалихъаз Катаралде юк баччиги къотIизабун  буго. ГIицго газ ва нарт бахъи гурони цебетIей гьечIеб гьеб улкаялъе цогидал пачалихъаздаса (аслияб куцалда СагIудиялдаса) рачIунел квана-гьекъолел сурсатал, ретIел-хьит, дараби  къотIулел рукIиналдалъун гьениб лъикIаб ахIвал-хIал кколеб гьечIо. Гьединлъидал, халкъалъ кинабго босун, тукабиги чIороголъулел руго. Гьединаб ахIвал-хIал халатбахъани, гIадамал хIалтIуде рахъинги, гьенире туристал рачIинги щакаб буго. Катаралда чи рикIкIун щолеб бечелъи дунялалда бищунго цIикIкIараб букIаниги, сверухъ  ругел улкабазулгун бухьен къотIараб ахIвал-хIалалда гIумру гьабизе бигьалъизе гьечIо. 
Кумек гьабилин абуниги, Ираналъги жиндиего лъикIал шартIазда гурони квербакъи гьабулеб гьечIо. Катаралда хIалтIулел рукIарал 200 азарго Египеталъул хIалтIухъанги гьениса нахъе вачунев вуго. Гьеб хIалуциналъул хIасилалда цIатариялъул багьа хиралъилилан гIемерал пачалихъазул хьул букIаниги, гьеб ритIухълъичIо. Иш кколеб буго гьелъул гIаксалда.  Гьелъ рес кьолеб буго СШАялъул президент Трампил экономикияб политика цебетIеялъе. 
Катаралде дандечIей байбихьана Трампица СагIудиязул ГIарабиялде сапар бухьун кIиго анкьидасан. Гьединлъидал гьеб гъалмагъиралъе кьучI лъурав чиги гьев вугилан рикIкIунеб буго халкъазда гьоркьосел экспертаз ва политологаз.
 
Цолъиялде нух 
ва нилъее дарсал
 
Гьел лъугьа-бахъиназул гIахьалчагIилъун кколел пачалихъазул бутIруз, иш квешаб бакIалде ккезе бегьулеблъиги бичIчIун, хIаракат бахъулеб буго «гьвел кIалдире тIилал регьичIого» тезе ва питна ракълидалъун гIодоцинабизе.
Пикру гьабураб мехалъ Катаралда ва цогидал пачалихъазда гьоркьоб ккараб  гьеб лъугьа-бахъиналъ цоги нухалда бихьизабулеб буго, цо бугони, бусурбабазда гьоркьоб цолъи гьечIолъи, гьел бигьаго цоцаде данде тIамизе кIолеб букIин. КIиабизе, жакъасеб къоялъ миллатазда гьоркьоб яги политикияб гIумрудулъ, хIукуматазул гьоркьорлъабазулъ тIоцебесеб бакIалда лъолеб буго цо масъала: кIванагIан цIикIкIун материалияб пайда щвей.
Цоги пикру бачIунеб буго ботIролъе: бусурбанаб умматалъ кIалкколеб Рамазан моцIалъ ахIула гьуинлъиялде, цоцада тIаса лъугьиналде, хIалимлъиялде, маслигIаталде, амма гьабулеб буго батIайиса, гIажаиблъи!
Гьеб дандечIеялъ рагъдейищ рачинел, ялъуни дипломатияб къагIидаялдайищ гьеб хIалуцин лъугIилебали жеги якъинго бихьулеб гьечIо. Амма кIиабилелъе хIаракат бахъулеб буго.