Пенсиялъул реформаялъул рахъкквезе ахIана

РФялъул президент Владимир Путиница халкъалде хитIаб гьабуна

 

Улкаялъул президентас халкъалде хитIаб байбихьана Россиялъул пенсионерал цIикIкIунел рукIиналъулги, гьеб рахъалъ хиса-басиял гьаризе цебего заман щвеялъулги, реформа гьабичIого тани, ккезе бегьулеб хIалкъаялъулги ва цогидалги масъалабазул бициналдаса. Реформа чарагьечIеб иш букIиналъе далилалги рачана гьес. Гьелдаса хадуб Владимир Путиница загьир гьаруна пенсиялъул реформаялъул хIакъалъулъ гьадинал пикраби.
1. Законалъул проекталда абу­леб буго, пенсиялде уней чIу­жугIаданалъул букIине кколин 63 сон, ай гьеб ригь микьго соналъ цIикIкIинабулеб буго. Узухъда, гьедин бегьуларо. Гьеб мекъаб пик­ру буго. Нилъер улкаялда буго руччабазде хасаб бербалагьи. Гьел хIалтIула ва цадахъго гьез тIубала рукъалъул магIишат, тIалаб гьабула хъизамалъул, тарбия кьола лъималазе, хьихьула лъималазул лъимал. Гьединлъидал 60 сон барал руччабазе ихтияр букIине ккола пенсиялде ине.
Хадубги. Нилъеца рес кьезе ккола гIемер лъимал гьарурал улбузе ригь щвелалдего пенсиялде ине. Масала, лъабго лъимадул эбел пенсиялде ина лъабго соналъ цее, ункъо лъимадул – ункъо соналъ цее ва щугоги цIикIкIунги лъимал ругей – 50 сон бараб мехалда.
2. Пенсиялъул ригь цIи­кIкIи­набизе буго дагь-дагьккун, сонал­даса соналде. Гьединлъидал гIа­га­раб кIиго соналда жанир пен­сиялде унел гIадамазе ихтияр кье­ла цIияб законалда бихьизабурал­даса анлъ­го моцIалъ цебеккун пен­сия чIе­забизе. Масала, пуланав чи пенсиялде ине ккола 2020 соналъул январалда, гьесие ихтияр кьела 2019 соналъул июлалдаго пенсиялде ине.
3. Сункьа хIинкъулел ругел пен­­сиялъул ригьалде раху­нел гIа­дамал? ХIалтIудаса махIрум­лъиялдаса, ай моцIрол харжги пенсияги гьечIого хутIиялдаса. ХIакъикъаталдаги, 50 сон барав чиясе хIалтIи батизе захIматаб иш буго. Гьединлъидал пенсиялде ине щуго сон хутIарал гIадамал хIалтIудаса нахъе ритIизе гьукъизе буго. Гьедин гьабурав яги ригьалъухъ балагьун хIалтIизе чи восичIев идараялъул нухмалъулесул рахъалъ административияб яги уголовнияб жавабчилъи чIезабила. Гьелда бан хиса-басиял гьаризе ккела законалдаги.
Ригь арал гIадамал рукIуна гIад­­луги, лъайги, гIумрудулгун хIал­тIул хIалбихьиги бугел мах­щел­чагIи. Гьездаса кIудияб хайир ба­хуна предприятиязеги компаниязеги. Гьединлъидал къваригIун буго, гьанжезаманалда рекъонкколедухъ, гьезул лъай камилгьабиялда тIад ургъизе. Дица хIукуматалда тIадкъалеб буго пенсиялда цебесеб ригьалъул гIадамазул лъай камилгьабиялъул хасаб программа хIадуреян. Гьелъие харжалги гьаризе руго федералияб бюджеталдаса.
Нагагьлъун пенсиялда цебесеб ригьалъул чи жиндиего бокьун хIалтIудаса нахъе ани, хIалтIи гьечIолъиялда бан, гьесие кьолеб пособие цIикIкIинабизе ккела. ГьабсагIаталда буго 4900 гъуруш, 2019 соналъул январалдаса нахъе букIине ккела 11280 гъуруш.
Цоги: пенсиялда цебесеб ригьалъул хIалтIухъанасе кьезе ккела, моцIрол харжги цIунун, чIобого диспансеризация гьабиялъе кIиго къо.
4. Хиса-басиял гьарулеб ме­хал­­да, хIисабалде росизе ккола гIа­дамазул гIумруялъулги захI­ма­талъулги шар­тIал. Нижеца хIи­­сабалде росун руго шахтеразеги, багIари цIикIкIарал цехазулгун химияб производствоялъул хIал­тIухъабазеги, чернобылалъулазеги, цогидазеги бигьалъаби (льготаби) цIуни.
Бигьалъаби цIунизе ккола Севералъул къадар дагьал халкъазеги, росабалъ гIумру гьабулезеги. Масала, бахIсал рукIана, 30 соналдаса цIикIкIун росдал магIишаталдаги хIалтIарал, росулъ гIумру гьабулел ва кирниги хIалтIуларел пенсионеразе цо чIараб страховияб пенсияги гьелде тIаде 25 процентги кьезе кколин абураб суалалда тIасан. Гьедин гьабизе ракIалда буго 2019 соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе.
5. Дир пикруялда, гьитIинго, гIолохъанго хIалтIизе байбихьарав чиясе, захIматалъул стажа­лъул хIисабги гьабун, рес кьезе ккола хехго пенсиялде ине. ЦIияб законалда рекъон, 40 соналъ хIалтIарай чIужугIаданалъулги 45 соналъ хIалтIарав бихьинчиясулги ихтияр буго, пенсиялъул ригьалде рахинчIониги, пенсиялде ине. Дица абулеб буго, гьединаб ихтияр кьезе кколин 37 соналъ хIалтIарал руччабазеги 42 соналъ хIалтIарал бихьиназеги.
6. ЦIияб низамалда рекъон пенсиялде унел соназда цIунизе руго 2018 соналъул 31 декабралде щвезегIан хIалтIулел ругел киналго федералиял льготаби (мулкалъухъ­гун ракьухъ налог кьеялъул рахъалъ).
ХитIабалъул ахиралда В. Путиница абуна рехсарал хиса-басиял жинца ритIизе ругин Пачалихъияб Думаялдеян.