«Бермудазулаб гуреб» лъаббокIон

Кибе араб лъабго млн евро (20 млн гъуруш)?

 

ТIагIана миллионал Москваялъу­л тамашаяб «лъаббокIоналда»: Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул Москваялда бугеб бетIераб цIех-рехалъул управлениялъул ЦIияб Арбаталда бугеб минаялдаги къуваталъулал идарабазул пуланаб институталдаги – Москваялъул казначействоялдаги Сбербанкалъул «Вол­гоградский» абураб кассаялъул­гун инкассациялъул централдаги (КИЦ) (гьениб гьабулеб букIана ге­нетикияб экспертиза) гьоркьоб. Сбербанк му­кIурлъулеб гьечIо гьеб ишалъулъ жидеца «гъалатI» биччаялъе: абулеб буго, жидехъе щвараб щибаб капекалъул мухIканаб хIисаб гьабулин, гIарац гIолеб гьечIолъиги жидеца тIатинабунин. «Тамашаяб» лъаббокIоналъул цогидал гIуцIабаз жеги щибго абулеб гьечIо гьеб хIу­жаялда бан.
Гьеб кIинусго млн гъуруш ккола полковник Дмитрий Захарченкохъа пачалихъалъе бахъараб гIарцул гIицIго кIиго процент (кинабниги бахъун букIана кIиго млн евроги, 140 млн СШАялъул долларги, 374 млн гъурушги – гIаммаб къадаралда ичIго миллиардгIанасеб гъуруш). Цо-цояз махсара гьабулеб буго, цо бакIалдаса цогидаб бакIалде босулеб мехалда, гIарац «бакъван ва дандекъан» индал, процентал тIаса ун ругилан(?!). Буго цоги пикру – «гIункIкIаз квананилан» абурабги, амма гьеб пикру данде­кколаро, щайгурелъул улкаялъул къад­руял идарабазда гIункIкIал рукIунаро. Лъабабилеб пикруялда рекъон, гьеб буго кIудияб «общакалъул» лъалкI тIатинабурал хIалтIухъабазе кьезе мустахIикъаб бонус. ГIарац бахъараб заманалда, низам цIунулел идарабазул цо-цо хIалтIухъабаз рагьун абулеб букIун буго: «Гьаб буго нижее щвараб давла», — абун. Бегьила гьелда разилъизеги.
«Общакалъул» хIакъалъулъ абуни, гьеб гIарац батана полковник Захарченкол яцалъул рокъоб. Захарченкоги кколаро гIадатияв полковник – гьев вукIана РФялъул МВДялъул экономикияб хIинкъигьечIолъи цIу­ния­лъулги ришватчилъиялде данде къеркьеялъул­ги рахъалъ бетIераб управлениялъул (ГУЭБПК) «Т» абураб управлениялъул бетIерасул заместитель. Амма гьанибго абила, живго цIунулаго полковник, партизан кинигин, тIирун чIана, «жинда лъаларин яцалъул рокъобе гьеб гIарац кин ва киса ккарабалиян». ДНКялъул экспертиза гьабидалги, гIарцуда батичIо полковникасул лъалкIго.
Захарченкол адвокат Александр Игнатенкоца абулеб буго, гьеб билараб ичIго млрд гъуруш «кинабгIаги рахъалъ хъинтIизе гьечIила Захарченкол уголовнияб делоялда, щайгурелъул гьеб гIарац, «вещдок» хIисабалда, делоялда гьоркьобе унарила». Огь, тамашаяб улка.
БатIи-батIиял регионаздаса хIалтIу­хъа­би гъорлъ ругеб, Дагъистаналда хIал­тIулеб гIадаб, хасаб комиссияйищ би­тIилеб Москваялде? Гьеб комиссиялъ битIахъего сири базабулеб буго батIи-батIиял делабазул фигуранталлъун кколел нилъер хIакимзабазда гуребги, гьезулгун цIаргIахьалаздагицин (тIатинабуна цо чамалиго млн гъуршил багьаяб гьезул мулкги, нусаза-азар гъуршал яги млн гъуруш бугел банказул счеталги). ГъалатI ккун батизеги бегьула, кинниги ритIухъаб иш гуро гьеб.
ТIагIана Сахалиналъул экс-гу­бер­на­тор Александр Хорошавинихъа рахъа­рал «вещдоказул» бутIаги (мискинал регионазде дандеккун, мукъсанаб бутIа гуребха, кинабниги 280 млн гъурушги СШАялъул анлъго млн долларги). Жеги лъаларо гьелъул цIех-рех гьабулеб бугищалиги.
Махсара гуро, нилъер пачалихъа­лъулги нилъергоги букIинесеб къисматалъул хIакъалъулъ пикру гьабуни, хIинкъизе бачIуна. РакIалда буго, 11 соналъ цебе ФСНКялъул (наркоконт­роль) бетIерлъуда тарав ФСБялъул генерал Виктор Черкесовас байбихьана къуваталъулал идарабазулъ букIараб ришватчилъиялде данде къеркьей. Гьеб букIана хIакъикъияб рагъ. Халкъалда кIочон батиларо, гьесул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб «Лъабго киталъул» машгьураб дело – законалъул тIалабалги цIуничIого, Италиялдаса мебель баччиялъул хIакъалъулъ. Ахиралда къварилъи ккана гьесие жиндиего: ФСКНалде данде гьабуна жавабияб гьужум. Гьелдаса хадуб Черкесовас хъвана «Бегьуларо рагъухъаби даранчагIазде сверизе. Хасал хъулухъазул къокъабазул «жанисел рагъазул» хIакъалъулъ» абураб макъала (09.10.2007, https://www.kommersant.ru/doc/812840). Гьелда хъвалеб буго: «Чекистазе щаллъун рукIине бокьаниги – цIиял гIорхъабазде улка ккезабизе хIаракат бахъулеб къуватлъун, яги, цогидаздаса бахчараб, балъгояб къагIидалъунги букIаго, социалияб рахъалъ чIара-хьараб хIал букIинабулеб системалъун, нилъеца нилъедаго гьоркьоб цIунизе ккола къанун. Амма батIияб хIалтIи гьабизе ккола, жидер ракIалъе къабулаб ишлъун бизнес рикIкIунел хIалтIухъабаз. Бегьуларо цадахъго вукIине базарганлъунги рагъухъанлъунги. Гьедин букIунаро. Гьаниб букIине ккола я хъулухъ, яги даран. Бегьуларо, «киназдего данде киналгоян» ахIиги балаго, гьеб рагъул гIахьалчилъунги живго вукIине»; — ян. ЛъикIал рагIаби руго, ракIбацIцIадав чекистасулги патриотасулги. Ахир-къадги гьев нахъекъана, ва ккана КПРФалъул къвалакьеги партия­лъул сияхIалда гъорлъ Пачалихъияб Думаялъул тахидеги. Гьединал кадраби «нухазда ратуларо».
БачIунеб буго суал: Черкесов къунищха, нилъер улкаялда гIадатлъунищха ккараб, бизнесги рагъулаб хъулухъги цадахъ гьаби? Гьедин бугони, нилъер иш лъикI гьечIо. Дир пикруялда, «аскариязул» ракIбацIцIалъиялде букIараб божилъиялъул хутIелги билунгутIиялъул мурадалда, лъикI букIинаан, «ВатIа­налъул цагъринибе кье Захарченкохъаги Хорошавинихъаги бахъараб ва хадубккун «хьухьикье тIерхьараб» гIарац!» абураб ахIи гIуцIизе. Нус-нус млн гъуршазуллъидал бицен гьабулеб бугеб, махсарабазде регIун гьечIо.
РакIалда буго, 14 соналъ цебе (Бесланалда къварилъи ккун хадуб букIун батила) Владимир Путиница абуна, «заман щвана, къуваталъулалги низам цIунулелги идарабазул хIалтIухъабазул иш жамгIияб халгьабиялда гъоркь букIинабизеян» (магIна гьединаб бу­кIана). Гьеб камилаб пикру, та­лихIкъосиналъ, хутIана гIицIго пик­рулъун.
P.S. Гьаб макъала хъвалаго, бачIана цIияб хабар. «МКялда» хъвалеб буго: «ГIарац банкалдаса гуро тIагIараб. Гьеб билана цIех-рехалъул идарабазухъ букIаго, — ян лъазабуна МВДя­лъул экономикияб хIинкъигьечIолъи цIуниялъул департаменталъул отделалъул начальникасул заместительлъун ву­кIа­рав Дмит­рий Целяковас», — абун.
Денга Халидов,
ДГУялда цебе бугеб Геополитикаялъулги тарихиялгун политикиялги цIех-рехазул НИИялъул директор, Геополитикиял масъалабазул академиялъул президиумалъул член