Анкьил хIасилал

Исана базе буго анлъго школа

 

ХIалтIи гьечIолъиялъул рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб 53-абилеб бакIалда букIараб республика 2015-2017 соназда бачIана 23-абилеб бакIалде

Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас 28 маялда тIобитIараб данделъиялда бицана хIалтIулел бакIаздалъун гIадамал хьезариялъул хIакъалъулъ.
— Ахираб лъабго соналда жаниб хIалтIи гьечIого хутIаразул къадар дагьлъана 284 азарго чиясдалъун. Жакъа къоялда бищун хIажатаблъун кколеб буго дармил, общепиталъу­л, гостиницабазул бизнесалъул махщел. Амма цебечIараб аслияб масъа­лалъу­н хутIулеб буго гьединал бакIазда хIалтIизе махщел бугел гIадамал дагьал гурони гьечIолъи. ХIалтIизе росизеги хIалбихьи бугел гурони рокьулел гьечIо. КIвар кьезе ккела хIалбихьи гьечIелги хIалтIуде росиялде, ругьун гьариялъул къотIи-къаялда, — ян абуна гьес.
Гьединго республикаялъул нухмалъулес бицен гьабуна ЕГЭялъулги.
— Эбел-инсудаги лъималазда­ги бичIчIизе ккола ЕГЭ гьезие гIа­забалъе гуреб, пайдаялъе бу­кIин. Щайгурелъул, гIумру цебе­тIунагIан, нилъее хIажалъизе руго гъваридаб лъаялъул гIолилал, — ан бицана Васильевас.
Дагъистаналъул экономикаялъу­л ва территориалияб цебетIеялъул ми­­нистр ГIусман Хасбулатовасул рагIабазда рекъон, гIадамазе хIалтIи гьечIолъиялъул рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб 53-абилеб бакIалда букIараб республика 2015-2017 соназда бачIана 23-абилеб ба­кIал­де. Северияб Кавказалъул феде­ралияб округалда Дагъистан буго кIи­абилеб бакIалда, Ставрополь краялдаса хадуб. ХIалтIулел гIадамазул къадар цIикIкIана 180 азарго чиясдалъун.
Републикаялъул жанисел иша­зул министр ГIабдурашид МухIа­ма­довас абуна гьабсагIаталда миграциялъулаб хъулухъалъул хIисабалда вугила 22 азарго чи.
— Нижеца кIвар кьолеб буго изну­ги гьечIого, балъго къватIисел улка­­­баздаса республикаялде ра­чIу­­нел гIадамал тIатинариялде. Гьаб­­са­гIаталда респуб­ликаялда ву­­го хIал­тIизе ихтияр щварав СНГя­лъул улка­баздаса вачIарав, анлъ­азарго чи. Гьелдалъун кIиго ну­халда цIикIкIана бюджеталде ба­чIунеб гIарцул къадарги, — ян би­цана гьес.
«Газпром» ПАОялда хурхун гьабулеб бугеб регионалияб политика гIумруялде бахъинабиялъе гьарулел хIалтIабазул хIакъалъулъ бицана республикаялъул промышленнос­талъул ва энергетикаялъул министр Сайгидпаша ГIумахановасги вице-премьер Екатерина Толстиковалъги.
«Цогояб Россия» фракциялъ, Пачалихъияб Думаялъ, Россиялъу­л Финансазул министерствоялъ, рес­пуб­ликаялъе кумек гьабун, бюджеталде тIадеги биччан буго 497 млн гъуруш. 433 млн гъуруш харж гьабизе буго школал раялъе, 63 млн гъуруш — лъедалъун гIадамал хье­зариялъе. Исана рагьизе буго 1,5 азарго цIалдохъанасе бакI бугеб анлъго школа: Сулейман-Стальск рай­оналъул Эминхюр, Курах района­лъул Гелхен, ЦIумада районалъул ТIинди, Табасаран районалъул Цуртил, Тарумовка районалъул Таловка ро­сабалъ. Гъизляр шагьаралъул №5 школалда тIадеги базе буго кIиго спортивияб объект. Хасавюрт шагьаралдаги Гъизилюрт районалъул Гелбахъ росулъги базе буго гIадамал лъедалъун хьезарулеб лъабго объектги. Гъарабудагъкент районалъул Гъурбукъи, Хасавюрт районалъу­л Къуруш, ЦIияб Лак районалъул ЦIияб МелъелтIа росабалъги разе руго социалиял бакIал.