ЦIияб гIумру — цIияб закон

«Халкъияб нухмалъиялъул цогояб низамалда бакIалъулаб, жидецаго жидерго хIакимлъиялъул ва цогидалги ишал тIуразарулеб къагIидаялъул нухмалъиялъул гIаммал масабазул (принципазул) хIакъалъулъ» абураб федералияб законалъул проекталда тIасан гIемераб хабар буго халкъалда гьоркьоб. Гьелъ батIи-батIиял, вабил гIаксиял пикрабиги рижизарулел руго. ГьабсагIаталда гьеб, 88 статья- ялдасан гIуцIараб, кIинусиялда хадуб гьумер бугеб законалъул проект, Россиялъул киналниги субъектазде битIун, гьоркьоб лъолеб, дандбалеб, гьезул пикру лъазабулеб буго. Гьеб закон хIалтIизабизе планалде босун буго 2028 соналдаса хадуб. Закон къабул гьабун хадуб Россиялъ- ул №107 законалда хиса-басиял гьаризе ккола, щайгурелъул гьелъ, росдал муниципалияб гIуцIиялдаса байбихьун, Россиялъул президен- тасде щвезегIан, гIемерал цIиял юридикиял рахъал рижизарулел руго нилъер улкаялъул нухмалъиялда жанир.

БакIалъулаб нухмалъи – кIвар бугеб бутIа

Киназдаго лъалеб жо буго, бакIалъулаб нухмалъи (местное са- моуправление) ккола нилъер улкаялъе, хасго Дагъистаналъе цIакъго кIвар цIикIкIараб бутIа. Гьеб битIун, халкъалъул мурадалги гьезул рукIарахъиналъул даражаги борхизабулаго, социалияб ритIухълъиги цIунун хIалтIизабуни, жамгIияталда киналниги рахъал ритIа-рищула ва гIадамазда гьоркьоб цоцалъ рекъей, жахIда-хIусуд гьечIого, ракълилаб гIумру гьабизе рес букIуна. Жакъа Россиялда цониги чи ватуларо «БакIалъулаб, жидецаго жидерго хIакимлъиялъул ва цогидал ишал тIуразарулеб нухмалъи гIуцIиялъул гIаммал масабазул (принципазул) хIакъалъулъ» абураб №131 федералияб закон лъаларев. Гьеб къабул гьабун букIана 2003 соналда. БитIун абуни, гIумруялъ бихьизабухъе, гьелъул рукIана гIемерал нилъее заралалъе хIалтIулел рахъалги. Киназдаго лъалеб жо буго — бокьараб улкаялда къираласдаса, президентасдаса байбихьун, гьитIинаб кулиялде щвезегIан цо къагIидаялда хIалтIулеб закон бугони, гьединаб улкаялда гIадамазул рукIа-рахъинги гIадлу-низамги лъикI букIуна. ГIадада гурелъулха магIарулазул аби бугеб, гIадлу гьечIеб росулъ гIакIа гIемер ахIизе кколин абураб.

Гьанжесеб законалъул заманалде дандеккунгутIи

Амма гIумруялъ бихьизабуна цIикIкIарасеб БакътIерхьул улкабазул, Америкаялъул мурадал цIунулезул кумекалдалъун, гьезул бихьизабиялда рекъон хъвараб, къабул гьабураб гьеб №131 законалъ нилъер халкъалъе ва улкаялъе кIудияб пайда бугеб жо гьабичIолъи. Гьелда ругел цо-цо жалаз Дагъистаналда гIадамазда гьоркьор гIезегIанго ккана цоцада ричIчIунгутIиялъул хIужаби. Квалквал гьабула гьеб законалда рекъон, бакIалъулал муниципалитетазда гьабулеб нухмалъи хIукуматалъул нухмалъиялде жа- нибе унареблъиялъ ва жибго жин- даго чIараб жолъун гьеб букIиналъ. Гьелъ кIудияб зарал гьабула па- чалихъалда гьабулеб иш, киналго рекъон, цадахъ цебе бачиналъе. Киназго цо гIужда речIчIизе рес букIинчIо. ХIукуматалъул идарабазулги бакIалъулал нухмалъулезулги иш, пикру данде кколарел рахъалги гIемер рукIана. Амма, кин бугониги, нухмалъулезул хIаракаталдалъун бакIалъул мурадалги пачалихъияб нухмалъиялъул масъалабиги данде ккезаризе, захIматго бугониги, ба- жаризабулеб букIана. Жакъа гIумруялъул киналго ра­хъал церетIураб заманалда халкъияб нухмалъиялъул цогояб низам пачалихъалда чIезаби – гьеб ккола улкаялъул киналниги нухмалъиялъул бутIабазул аслияб масъала.

ЦIияб законалъул проекталъул лъикIал рахъал

Дир хIисабалда, кIиго даражаялъул (росдал ва районалъул) нухмалъи хисун бачIине бихьизабулеб бугеб къагIидаялъ рес кьела гIадамазул мурадал, къасдал тIуразариялде цIикIкIун пикру бусинабизе. Щайгурелъул гьаниб цебе бачунеб буго территориалияб гуреб, инсанасул тIалабал рагIа-ракьанде щун тIуразариялъул ва гьел цIуниялъул рахъ.Киназго бицунеб буго росдал нухмалъиялда ругел гIадамал хIалтIи гьечIого хутIиялъул хIакъалъулъ. Амма гьеб битIараб гьечIо. Щайгурелъул законалъул проекталда бихьизабулеб буго бакIалъулаб нухмалъиялъул гIуцIи хисизе гьечIин. Гьеб ккола – халкъалъ бищулеб вакиллъиялъул гIуцIи, муниципалияб гIуцIиялъул бетIер, бакIалъулаб администрация, гьелъул хIисаб-суал гьабулеб ва гьелда релълъарал цо- гидалги муниципалияб гIуцIиялъул Уставалда рихьизарурал идараби. Гьезул ихтиярги букIине буго халкъалъул рукIа-рахъиналъул, ма­гIишатиял суалал, лъиданиги цIехечIого, жидерго пикруялда рекъон гIумруялде рахъинаризе. ХIалтIухъабазул хисулеб жо буго гьел районалъул яги шагьаралъул администрациялъул специалисталлъун лъугьин. Гьелде тIадеги, бакIа­ лъулаб администрациялъе нух­ малъи гьабулев муниципалияб гIуцIиялъул бетIерасул букIуна, гьанжелъизегIан букIинчIеб, хIуку­ маталъул хъулухъчиясул даражаги. КIиабизе бугони, гьабсагIаталда бугеб къагIидаялда цо пуланаб рай- оналъул нухмалъиялда бетIерлъун чанго соналъ вукIуна кколеб куцал- да хIалтIи гьабуларев цого чи. Гьев хIалтIудаса эркен гьавизе республи- каялъул бетIерасулгицин гьанже бугеб законалда рекъон ихтиярги букIунаро, халкъалъул гьесие къимат кьезе къуватги гIоларо, хасго районалъул, шагьаралъул депутатаз гьев вищулев вугони. Щайгурелъул ришватчилъиги хIалтIизабун, гьес гьаркьал ричун росула. ЦIияб законалъин абуни республикаялъул БетIерасе рес кьолеб буго рахъи бугеб къагIидаялда хIалтIи гIуцIуларев районалъул, шагьаралъул бетIер божи хвеялда бан хIалтIудаса эркен гьавизе. Лъабабизе бугони, цIияб законалъ бихьизабулеб буго предста­ вительнияб гIуцIиялъул болжал лъугIани, гьеб муниципалияб гIу­ цIиялъул бетIерги гьелдаго цадахъ хIалтIудаса гIодов чIезе кколилан. Гьебги нилъер шартIазда цIакъ кIвар бугеб суал буго. Щайгурелъул представительнияб гIуцIиялъул председателасдаги муниципалияб гIуцIиялъул бетIерасдаги гьоркьор кидаго рукIуна дандеккунгутIиял ва гьезул цояз цояв хIалтIудаса инавизе хIаракат бахъула. ЦIияб къагIидаялда гьединал хIужаби рукIунаро. Щайгурелъул гьединал дандеккунгутIиязул кIиязего зарал кколелъул. Нилъеда лъала, жакъа щибаб му- ниципалияб гIуцIиялъул буго жин- ди-жиндир газета. ЦIияб законалъ ихтияр кьолеб буго, масала, кIиго муниципалитеталда гьоркьосеб цо газета букIинеги. Гьелъги рес кьола аскIор, мадугьалихъ ругезул ахIвал-хIал лъазе ва лъикIаздаса мисал бо- сизе. Цоги, законалъул цIияб жо буго районалъул, шагьаралъул бетIер ви- щизе яги жидедаго гьоркьоса ялъ- уни республикаялъул БетIерас ри- хьизарурал гьалмагъзабазда гьоркьоса. Гьединаб къагIида бугони, Дагъистаналъул нухмалъулесда цебе гьезул жавабчилъи цIикIкIуна ва хIалтIулъ лъикIал хIасилал рихьизаризе гьезул гъирачилъи борхула. Гьединго цIияб законалъ ихтияр кьолеб буго муниципалиял гIуцIабазул ва росабазулгун шагьаразул жидерго символика (гIаламат) букIине.

Щаклъи бижизабулел цо-цо суала

Руго гьенир цо-цо, дир хIисабалда, тIасан ккарал рахъалги. Мисалалъе, законалъул №21 статьяялда муниципалияб гIуцIиялъул бетIерасул заман щвелалдего хIалтIудаса эркен гьавиялъул хIужабазул бицунаго, бихьизабулеб буго «Россиялъул президентасул божилъи хвеялда банги» абун. Улкаялъул бетIер гьоркьове жувазавичIого, бокьараб субъекталъул бетIерасда кIоларебдай гьеб борч тIубазе? Дида ккола гьеб президентасе гьабулеб «цидул» хъулухъ бугилан. Законалъул №45 статьяялъул микьабилеб пункталда хъвалеб буго: «БакIалъулаб жамгIияб идара бищиялъул собрание хIакъикъияблъун рикIкIуна гьеб бакIалда гIумру гьабун ругел 16 соналдаса цIикIкIараб ригьалъул гIадамазул лъабго бутIа гьабун цо бутIаялъ гIахьаллъи гьабулеб бугони», — ян. Тухумчилъиялдалъунги цогидал гIаламатаздалъунги жиде-жидер лъикIал гурел мурадал тIуразаризе хIаракат бахъулел цо-цо къокъабаз гьелдаса пайда босичIого теладайха? ЛъикIаб букIинаан гьениб «Лъабго бутIа гьабун кIиго бутIайилан» бихьизабуни. Гьединго нилъеца гьаб федералияб закон гIумруялде бахъинаби мурадалда Дагъистаналъул закон къабул гьабулаго, дир пикруялда, чара гьечIого хIисабалде росизе ккарал суалазда гьоркьоб буго кIиго рахъ: росабазул ракьул ва цогидаб буголъиялъул — цо, росабалъ вукIине кко- лин законалда вихьизавурав «старо- ста» абураб хъулухъалъе нилъерго гIадатазда рекъараб ва гIадамазе данде кколеб цIар теялъул суал — кIиго.

Зикрула ИЛЬЯСОВ, Россиялъул Халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналъулаб советалъул председатель