Миллатчилъи цIикIкIана гIазизаб улкаялда

 

 

    23 ноябралда МахIачхъалаялда тIобитIана республикаялъул НКО­язул (коммерциялъул гурел гIуцIабазул) съезд.

    Гьелда гIахьаллъана миллияб политикаялъул ва диниял ишазул, гьединго сахлъи цIуниялъул, информациялъул министралги, батIи-батIиял районазда­са рачIарал хъулухъчагIиги, жамгIиял гIуцIабазул нухмалъулелги, ассоциациязул вакилзабиги.

   Гьеб данделъиялда цадахъго жеги чанго батIияб дандеруссинги тIобитIана жамгIиял гIуцIабаз гьениб. Масала, гьелъул цоялда бицен ккана ахираб заманалда Северияб Кавказалда гIумру гьабулел гIадамаздехун фе­дералиял СМИяздасан, социалиял гьиназдасан бижизабулеб бугеб рокьукъаб бербалагьиялъул хIакъалъулъ.

   Гьединаб бербалагьи загьир гьабулел журналистазги политиказги багьанадуй бачунеб буго централияб Россиялъул шагьаразде рачIиндал, Кавказалдаса цо-цо г1олохъабаз гIадлу хвезабулеб букIин. Масала, дагьалъ цебе гьединаб ахIи-хIур бахъана Москваялъул метроялъуб нилъер гIолохъабаз гIурус миллаталъул гIолохъанчи вухидал.

   ГIицIго кавказиялъулазищ гьадинал такъсирал гьарулел, нилъ нилъерго ВатIаналда гурищ ругел, Россияги Москваги нилъер ватIан кколарищин кIалъана «Гьудуллъиялъул Рокъоб» тIобитIараб «Рикьа-риххиялде данде миллатазул ва диназул цолъи» абун гIаммаб цIар тараб данделъиялда гьелъул гIахьалчагIи. Жидерго росу-ракь тун, яшав гьабизе къватIире арал гIолохъабаз гIадлу хвезабурал жал ккани, цебе гьезие тамихI, милициялъги прокуратураялъги гуребги, гьезул жамагIатазги гьабулаанин бицана данделъи рагьулаго ДРялъул БетIерасда цебе гIуцIараб гражданияб жамгIият цебетIезабиялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ советалъул председатель Зикрула Ильясовас.

 

   Гьес ракIалде щвезаруна КIудияб ВатIанияб рагъда гIахьаллъарал, хадур СССРалъул ва Россиялъул БахIарзаллъун рахъарал нилъер умумулги, улкаялъул къадру борхизабурал Дагъистаналдаса Олимпиялъул хIаязул чемпионалги, космонавтги, космосалде битIулеб гамил конструкторги, цIар рагIарал шагIирзабиги, цогидалги. Амма букIине кколедухъ нилъецаго къимат гьабулеб гьечIин къадруял ракьцоязулинги бицана гьениб. Масала, СССРалъул киналго БахIарзазул цIарал гуро лъун ругел къватIаздаги, школаздаги, цогидал бакIаздаги.

   Гьеб пропагандаялъул рахъ нилъецаго бичча-бихъан тун букIиналъул хIакъалъулъ бицана гIурус ма­цIалъулгун литератураялъул централъул нухмалъулев Руслан Луговоясги: «Миллатазда гьоркьоб рокьукълъи бижизабиялъул тема буго гьанже киса-кибего бугIулеб. Гьеб хабар цоцахъе босулел, жеги цIадабе нарт тIолел цо-цо блогералги руго. Гьелда данде гьабулеб хIалтIиги загIипаб буго – гьеб рахъалъ СМИязулги социалиял гьиназулги хIалтIи хашаб буго. ГIицIго чанго фильм буго интернеталде рехун. Амма гьезухъ балагьарал чагIазул къадар буго цIакъго мукъсанаб», — ан бицана гьес.

  ГIадатлъун лъугьун буго квешаб жо гьабуни, СМИяздасан гьесул хIакъалъулъ дагъистаниявин, чачанавин, ингушавин хъвай, Олимпиадаялда чIел босидал, яги цогидаб ишалъулъ цебетIей бихьизабуни, россиялъулавин абун хъвай. Гьеб хIалалдасаги разилъи гьечIолъи загьир гьабуна жамгIиял хIаракатчагIаз.

   Хадур гьел рачIана гIицIго чияде гIайиб-гъвел гьабунги нилъ тIурангутIиялде, лъилниги тIадкIалъай букIунареб куцалда нилъеца гIолилазе тарбия кьезе ккеялде.

  Масала, Каспийскиялъул килисаялдаса иеромонах Иоанница бицана гьеб данделъиялде вачIунев жинда рихьанила хъубаб мацI бицунел, жиндир инсудасаги кIудиял чагIи. Килисаялъул чи хIисабалда жив инегIанцин руцIцIун чIечIила гьел. Гьединго дин батIиял чагIиги лъикI къабул гьарулел рихьичIин жинда гьанирин тIаде жубана иеромонахас: «Насранияб диналъул чагIи сурун рихьизаризелъун дагьалъ цере тIиритIизарун рукIана кьучI гьечIел харбал – ГIурусазул Килисаялъ Библия хисизабулеб бугилан. ЧIорогоял харбал руго гьел! Килисаялъул гьечIо гьединаб ихтияр».

   Гьанже заман хисун бугин, гьединлъидал гIолохъабазе гIадлу росабазул жамагIатаз гьабиялдаса ун бугин ишилан кIалъана гьенив этнограф, гIалимчи МухIамадхан МухIамадханов:

   «Нилъер гьаниб иш буго Америкаялда гIадин: Колорадоги буго, мугIрулги руго, амма магIарулал хутIун гьечIо. Масала, рахIатхвезабулеб буго лъай кьеялда сверухъ ришватчилъи цIикIкIун букIиналъ. Киназдаго цIар-цIарккун лъала лъица сундухъ кигIан босулебали, амма кIалдибе лъим босаралгIанги руцIцIун чIун руго нилъ. Амма рагьун гьелъул хIакъалъулъ бицинчIони, нилъер кинабгIаги цебетIей букIине гьечIо. Гьединго хIалтIизе бакIал гьечIолъиялъул масъалаги буго чара гьечIого тIубазе кколеб.

   Ракьазул суалги буго. Дальний Востокалда ругел гектаразул бицунел руго нилъ (Путиница абун букIана гьенире гочарал чагIазе чIорого ракьал кьезе ругилан – авт.). Гьединалго ракьал магIарухъги руго. Амма саламатаб ришват кьурасе гурони, гьелги кьолел гьечIо».

   ПалхIасил, гIезегIан кIвар бугел суалал рорхана гьенир. Гьединго съездалъул ахиралда жамгIиял хIаракатчагIаз рахъккуна СМИяздасан такъсирчагIазул миллатги динги бихьизабугеян Чачан республикаялъул парламенталъ РФялъул Пачалихъияб Думаялде битIараб законалъул проекталъулги.