Халкъазда гьоркьосеб ахIвал-хIал

Рагъ лъазабуна. Ахир кинаб букIинеб?

 

Сириялда химиялъулаб ярагъ хIалтIизабуниги гьабичIониги, Россиялдеги
Путинидеги данде рагъ гьабизе байбихьана

Рагъ байбихьана некIого, ай Сириялдаги, ГIиракъалдаги, Газалъул секторалдаги, Афгъанистаналдаги рагъулал лъугьа-бахъинал унеб заманалдаго. Жеги лъазарун рукIинчIо Россиялде данде санкциялги къватIире ритIун рукIинчIо улкаялъул вакилзабиги, Крымцин букIана Украинаялда гьоркьоб. Гьеб рагъул буго гьадинаб хасият — Россия­лъеги, гьелъул бетIер Путиниеги ва гьезул рахъкколел цогидал улкабазеги дандекколаребщинаб гьаби.

Химиялъулаб яргъил гьужумал гьари тасдикъ гьабулел хIужаби ратичIониги, бакътIерхьул улкабаз цебеккунго къотIи гьабун буго Россиялъеги гьелъул гьудулзабазеги квешезего хIалтIизе. Гьеб хIалтIул бетIерлъунги кколаро пуланаб улкаялъул президент, яги премьер, ялъу­ни депутатал – нухмалъи гьабулеб буго балъгояв Субъектас. Гьелда гъорлъе уна Британиялъул къираласул чукъбиги, цо чанго тухумалъ, «къавмалъ» нухмалъулел финансазулги финансазулгун промышленниял анцI-анцI чIахIиял корпорациялги (гьеб хIужа тасдикъ гьабуна Швейцариялъул гIалимзабаз) ва Рималъул католикияб килисагун ресалда ругел Америкаялъул тухумалги (амма нухмалъиялде гьел риччалел гьечIо).
Байбихьана Лъабабилеб дуняла­лъу­л рагъ. Гьеб букIине бугилан бицун букIана 2014 соналдаго Рималъу­л Папа Францискица. Ядернияб ярагъ жеги хIалтIизабулеб гьечIо, амма унеб буго информациялъулабгун психологиябги, финансазулабгун экономикиябги, биологиябгун политикиябги ярагъги хIалтIизабун гIуцIараб рагъ. Гьелда цIарги лъун буго «гибридияб рагъилан». Европаялъул СМИяздасан жамгIият хIадурулеб буго тактикияб ядернияб ярагъ хIалтIизабун хадуб чIаго хутIиялъе ресал ратиялде. Гьеб киналдаго цадахъго аздагьабилъун рихьизарулел руго Россияги, Сирияги, Иранги. Китаялда жеги «хъвалел» гьечIо – хадубалде тун буго.
Нилъер экспертазулги эксперталлъун рукIине хIаракат гьабулезулги кIудияб гъалатIлъун ккола Россиялъулгун гибридияб рагъ байбихьизе хьул лъурав дов балъгояв Субъект мухIканго лъангутIи. ГьабсагIаталда гIей гьабулеб буго Россиялъул союзниказде бомбаби рехиялде. Субъек­тасул нухмалъиялда гъоркь унеб бугеб рагъ релълъуна преферанс хIаялда: гьез хIаракат бахъулеб буго батIи-батIиял галабаздалъун жидер мурадал тIуразе рес кьолебгIанасеб ракь эркен гьабизе. Нилъеразин абуни, гьезде данде хIалел руго шахматал. ХIалелги руго, чIегIерал фигурабиги хIалтIизарун: абулеб буго, бакътIерхьул улкабаз щибалиго гьабунин ва жавабалъул бакIалда нилъго ритIухъ гьаризе жигар бахъу­леб буго яги ахIдолел руго, «нужго гIабдалзаби ругилан» абун.
Гьел хIаязул руго кIудиял политикиял мурадал. Нилъеда ракIалде кколеб буго, дозие хIажат ругин нилъер чIегIернатил нахърателги цогидабги. Амма ункънусгоялдаса цIикIкIун соназ «лъугьарал» бакътIерхьул улкабазул руго тIубанго батIиял хьулалги ишалги. Гьел чIухIун ралагьулел руго нилъехъ, «щалгун нуж къеркьолел ругел, ядернияб ярагъ кодосеб бананалъул республикаян» абулаго. Гьез рагьун абулеб буго, Россияги, Путинги, Сирияги, Иранги ва гь.ц. «низамалда чIезаризе заман щванилан». Амма руго балъгоял мурадалги масъалабиги.
БакътIерхьул улкабазда бугеб финансазул кризис хисизабулеб нухлъун гьезда бихьулеб буго рагъ. Гьединабго хIал дунялалда лъугьун букIана КIиабилеб дунялалъул рагъда цересел соназдаги.
Кибха гьеб рагъ байбихьилеб? ДандеккунгутIабазул цIикIкIараб хIалуцин бугел бакIазда, ай Сириялда, Украинаялда, Кореялда… Сириялда лъугьун буго бичун бажарулареб масъалабазул гарацI. ГIизраилалъ гьоркьоса къотIичIого бомбаби ралел руго Сириялде – Ираналдаса яргъид хьезабулеб «ХIизболла» абураб шигIиязул къокъаялъул гуч цIикIкIунгутIиялъул мурадалда. Гьелъие кумекалъе рахъунел руго Британияги СШАги. Гьезул руго жидерго мурадалги. Лондоналда данде бакIарун буго бакътIерхьул улкабазул СМИязулги халкъазда гьоркьосел гIуцIабазулги къуват. Гьенибго буго кIудиял хIукмабазе данделъаби тIоритIулеб штабги.
Чан соналъ халалъилеб Сириялда рагъ? Кин ине бугеб рагъ ва кида гьеб лъугIилеб – гьел суалазе жаваб батизе захIмалъула. Жидерго мурадал тIурачIого, чIезе гьечIо бакътIерхьул улкаби. Рагъул хIасилалда, дозул пик­руялда, Гьоркьохъеб Бакъбаккуда (яги КIудияб ГIагараб Бакъбаккуда) бижизе ккола Россиялдеги гьелъул мурадаздеги дандечIараб геополитикияб ва диниябгун политикияб гIуцIи. Гьеб гIуцIиялъ квербакъизе ккола доллараз система рукIалиде ккезабиялъеги. Гьел мурадал тIуразелъун, СШАялдаги Британиялдаги хIалтIизарулел руго «интеллектуалиял танкал» (think tank). Гьезул аслияб хIалтIи буго жидеца гьужум гьабизесел гIадамазулги, улкабазулги, ракьазулги хIакъалъулъ баянал рати. Масала, пуланаб ракьалъулги, гьелъул халкъазулги, тарихиялгун маданиял хIужабазулги цIех-рехазул кьучIалда гьез хIадурула гьеб бакIгун рагъ гьабизе бигьаял къагIидаби.
Сундуе гIоло гьабулеб бугеб рагъ? Дир руго гьеб рахъалъ гьадинал пик­раби. ТIоцебе абуни, бакътIерхьул улкабазул хьулазда рекъон, гьеб ишалда гьоркьоса рахъизе ккола Россияги гьелъул союзникалги. Цин Сирия, хадуб Иран ва Турция (шартIияв союзник, щайгурелъул Анкара ккола НАТОялъул член); хадубги: Белоруссия, Эрмения, Казахстан (Астана некIого хIинкъизабуна, Швейцариялда ругел долларазулал счетал «туснахъ гьаризе» ругинги абун). Россия жибго хутIизе ккола ва тIадрекъезе ккола бакътIерхьул улкабазул шартIазда. Гьедин букIана 1990-абилел соназдаги. Яги Россия биххила ва гьелъул ракьалги рикьила.
КIиабилеб. СШАялъул доллар хIалтIулеб бакI дагьлъила (гьеб хутIила гIицIго бакътIерхьул улкабазда). Цадахъго букIина меседил роценги: гьеб хIалтIизабила улкабаздаги пачалихъазул блоказдаги гьоркьосел дармил бухьеназулъ.
Лъабабилеб. Дунялалдаго чIезаби­зе бегьула цIияб, «гьоркьосеб зама­налъул» низам. Амма анцIго соналдаса гьеб халалъиларо. Гьеб низамалда рекъон, рукIина цоцалъ къацандулелги рагъулелги, хIатта конкуренциялда ругелги пачали­хъал. Масала, СШАялъул нухмалъиялда гъоркь бакътIерхьул улкаби; Британиялъул империя; Европа; Евразиялъул союз; Китай, Индия, Гьоркьохъеб ва ГIагараб Востокалда лъугьине бегьулеб шартIияб исламияб «халипат». ГIизраилалъул буго хасаб масъа­ла. Африкаялдаги чарагьечIеллъун рукIина гIадлу гьечIолъиги рагъа­зулгун унтабазул эпидемиялги. «ХIалуцаралги» дармилалги, информациялъулалги, финансазулги рагъа­зул хIасилалда дунялалъул олигархазул чунтбухъе чвахила гIарцул гIорал – хутIаралъул ургъелги гьезие букIинаро.
Нилъее аслияблъун буго суал: гьеб «гьоркьосеб заманалда» бакI бугищ Россиялъе? Гьеб букIиналда божула Владимир Путин, гьединлъидал гьес кьварараб жаваб кьолеб гьечIо бакътIерхьул улкабазул галабазе. Гьеб буго жавабчилъи цIикIкIараб иш! Амма СШАялъги Лондоналъги хIалхьи тезе гьечIо гьесие. Гьел хIалтIула такъсирчагIазул принципазда рекъон: хIехьана ГIизраилалъ Сириялде бомбаби рехи, рачIа нилъе­цаги рехизе; хIехьанищ гьаб гьужумги – гьабила цогиги…
Гьел принципал малъуларо нилъер Генералияб штабалда ва цогидал идарабазда. Щай? Щайгурелъул гьел ккола гIаданлъи тIагIарал, гьерсида гIуцIарал, гIаламалъего зарал ккезабулел къагIидаби. Нагагьлъун Россиялъ жаваб кьуни, хIадурго буго батIияб нух. Трамп яги Мэй, Макрон яги Столтенберг (НАТОялъул генералияв секретарь) – гьел руго кIудияб хIукму гIумруялде бахъинабулел ясикIаби.
В. Путиние бищунго захIматаб масъалалъун ккола: кин кьелеб жаваб? Патриотизмалъул карачелалъ малъу­хъе, дандейищ кьвагьилеб? Яги «БакътIерхьудаса гьудулзабазухъищ» гIенеккилев? Нилъер президентасулги расги лъикIаб хIал гьечIо.
1914 соналъул августалда Россиялъул пача НикIалай II гIенеккана патриотазухъ. Ва хъущтIана тах­бакIидасаги махIрумлъана Романо­вазул империялдасаги. Ахиралде щвезегIан Сталинилги хьул бу­кIана Германиялъул нухмалъулес бо­жу­дарекIкI гьабиларин…
БичIчIизе ккола: бакътIерхьул улкаби гIедегIун руго. Щайгурелъул цо чанго соналдасан Китай жеги гучлъизе буго, ва гьелъие хIажалъизе гьечIо Россияги, союзник хIисабалда, Дальний Востокалда ва Сибиралда ругел ракьазул бутIаби гурони. ГьабсагIаталда гьелъие хIажат буго къуватаб Россия. СШАялдаги, бакътIерхьул улкабаздаги, Китаялдаги гьоркьоб хIалуцин букIине бугеблъи якъинаб буго (5-15 соналдасан бугониги). Гьеб ккола Россиялде данде бакътIерхьул улкаби цолъиялъе кьучIлъун.
РукIинищ нилъ, рукIинарищ? РукIине ратани, щаллъун – къураллъунищ яги бергьараллъунищ? Лъабабилеб нух гьечIо… щайгурелъул нилъеде данде лъазабун буго рагъ!

Денга Халидов