Лъайкьеялъул масъалаби

ГIунгутIаби тIагIинаризе заман щвана

 

Школал ран рахъинаризе кколин лъазабуна Артем Здуновас

Гьениб бицана гIаммаб лъайкьеялъул идарабазе ралел минабазул хIакъалъулъ. «Гьел минаби школазухъе кьезе кколаан 2017 соналъул декабралъул ахиралде. Дида бицун букIана гьенир ругин гIунгутIаби. Жакъа гьел гIунгутIабазе ахир лъунин абизе бегьула. Бегьулеб жо гуро, федералияб централъ кьураб гIарац, батIи-батIиял гIиллабиги ратун, хIажатаб бакIалда хIалтIизабичIого тей», — ян абуна Здуновас, данделъи рагьулаго.
2017 соналда, «Россиялъул субъек­тазул школазда тIадеги бакIал гьариялъе квербакъи» абураб федералияб программаялда рекъон, МахIачхъалаялда бана лъабго школа: 804 цIалдохъанасе бакI бугеб Амет-Хан Султанил къотIноб, «Эльтав» заводалда гIагарлъухъ гьединабго школа ва 604 цIалдохъанасе бакI бугеб «10 школалъул азбаралда (гьениб цIали байбихьун буго). «2025 соналде щвезегIан СКФОялъул цебетIей» абураб федералияб программаялда рекъон, ралел руго школал: 500 бакI бугеб Къарланюрталдаги 120 бакI бугеб Къадиротаралдаги (Хасавюрт район), 400 бакI бугеб Хъумторхъала районалъул Алмало росулъги ва 320 бакI бугеб МухIарамкент районалъул Ярагъ-Гъазмаляралдаги.
ДРялъул хIукуматалъул вице-премьер Уммупазил ГIумаровалъ бицана ахиралда рехсарал школазде цIалдохъаби рачине бегьилаанин, амма цоялда азбар къачIан гьечIин, цогидазда цIалуе хIажатал алатал лъун гьечIин.