Ихтиярал цIуни

90-абилел сонал такрарлъиларо

 

Росгвардиялъул хIалтIухъабаз цIунизе буго ДРялъул Мулкалъул министерство

Пуланаб данделъиялда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас абун букIана, республикаялъул Мулкалъул министерствоялъул хIалтIухъабазе хIинкъаби кьолел рукIиналда бан, гьеб цIунизе гьенире ритIулел ругин Росгвардиялъул хIалтIухъаби.

Гьелда бан, 21 марталда тIобитIараб пресс-конференциялда гьадинаб баян кьуна Росгвардиялъул ДРялда бугеб управлениялъул нухмалъулев генерал-майор МухIамад БагIачиловас: «ХIинкъаби кьеялда бараб иш гуро гьеб. Республикаялъул нухмалъулесул бихьизабиялда рекъон, киналго министерстваби рукIине ккола нижер юрисдикциялда гъоркь (гьанжелъизегIан гьел цIунулел рукIана ЧОПаз (хъаравуллъиялъул хасаб предприятие)). Нижер хIалтIухъаби ккола махщел камилал, ярагъ кодоб бугел, иш лъалел чагIи. Хасав хъаравуласухъа – гьезда цебе бетIерги къулун абулеб буго – бажарулеб гьечIо, идараялде гIадамал хьвадиялъулгицин низам чIезабун. Кинха гьез цIунилеб пуланаб идараялъулго хIинкъигьечIолъи. Мулкалъул министерствоялъул рахъалъ хасгьабун абиларо, амма низам цIунун бажарунгутIиялъул хIужаби рукIана. Гьединлъидал республикаялъул бетIерасги гьединаб хIукму гьабуна.

Нужеда лъала, кадраби цIигьарулел руго ва Дагъистаналъул цо-цо хIакимзабазе гьеб иш рекIее гIолеб гьечIо, гьез хIаракат бахъулеб буго жидер рахъалъ гьарурал хIукмабазе 90-абилел соназдаго гIадинаб жаваб кьезе. Гьелъие ахир лъезе заман щун буго. Нилъер руго гьединал хIинкъабазе жаваб кьун бажарулел подразделениялги», — ян.