Рагъалъ мерхьараб лъимерлъи

Исана 75 сон тIубана КIудияб ВатIанияб рагъ лъугIаралдаса. Гьел­даса нахъе гIемераб заман аниги, жакъаги кIочон гьечIо доб рагъул кьогIлъи. Жакъа чIаго ругел рагъул соназул лъимал ккола, ракъи­ги, хIинкъиги бихьарал, гIакъуба-гIазабги хIехьарал чагIи. Бадиб магIугун, гьез ракIалде щвезабула жидерго лъимерлъиги. Бицуна жи­дедаго бихьараб ва ракIалда чIараб согIаб хIакъикъаталъул.

 

 

Шамил районалъул ГьентIа росулъ букIана нусгоялдасаги цIикIкIун «рагъул лъимер», гьезда гьоркьоса жакъа чIаго вуго ичIго-анцIго чи. Масала, 89 сон барай АЛДУХIИЛ ПатIиматица бицана:

-Рагъ байбихьараб мехалда дун йикIана 12 сон барай яс. Эбел-эмен гьечIей дун, дир инсул яц Къачи ПатIиматил цIобалде ккана.

Рагъ ккун кIиабилеб соналъ ро­сулъ ракъи тIибитIана. Эбел хва­раб сордоялъ нижер рокъоб панкъ тIамизецин ханжу букIинчIо. РецIун хIал кIоларел налогал рукIана тIад лъун, цо хIайваналдаса кIиго цIоко бахъулаан. БоцIи хъвазе советалъ­ул чагIи рачIунел ругеблъи лъан, букIинего букIараб нижер гIака, ан­кьица бахчизе ккана.

 

 

88 сон барав ИБРАГЬИМОВ НурхIамхIажияс бицана:

-1941 соналда дир букIана 13 сон. Эбелги хун, эменгун цадахъ ниж Рихьунир бетIербахъиялда рукIана. Гьениса гIолохъаби фронталде ритIулел рихьидал лъана дида рагъ­ул хабар. Эмен унтун, росулъе тIад руссунаго, нухда нижеда дандчIвана армиялде унел гIемерал гIолохъаби.

ТалихIкъиналъ, доб соналъ Гьи­далъ ракъдаллъи букIана. Эбел-эмен хварал ниж-бесдалал цIакъго тату бе­гараб хIалалде ккана. Квание хIокIол гIатIги кидаго гуро щолеб букIараб. Кваназе мичIчI ва къвали гIураб ихдал мех букIана лъималазе кIудияб рохел. Росулъ къанагIатги рукIинчIо хьи­тал ругел лъимал. ТIад бараб нацIцI, чол хъирис, минабахъ гIемерлъараб чIетI мичIчIил квацIиялъ руччабаз къватIибе лъахъвалаан. Алжанал­да жаниб батаги коммунист-партия, гьелъ битIун бачIараб нацIцIил хе­ралъ (дуст) ва ихтиоловияб мазалъ нацIцIил ва хъирисалъул балагьал­даса борчIана халкъ. Дир гIагарав чи Магьдило вукIана колхозалъул гIиял фермаялъул заведующий, гьес дун вачана бечIчIулеб гIи къазе, мех-мехалда гIиядеги витIулаан. Гьедин­лъидал дие камулароан риди, хIан, рахь. ЗахIматкъоязухъ щвараб къали тIохол кваназе щун, дида дагьабго рухIги речIчIана.

Дол соназда колхозалъул председа­тель вукIана Дани МусагIали. Колхо­залъул хурзабахъ хьон хьалел чагIаз жидерго хьитазда жанибеги мугь биччалеб букIун буго. МусагIалида цIогь тIатун буго. Киназго хьитаз­да жанибеги бани, колхозалъе мугь хутIуларо, тIокIаб босугеян абун, гьес гьел, бадибчIвайги гьабун, тун руго. Гьесда бичIчIулаан гIадамазда бугеб хIал, гьелъги батила, гьес цо­ниги чи тамихIалде цIазе виччачIо.

Дида тIад къан букIана совета­сул исполнительлъи. Лъазабулаан хъандакъал рухъизе рахъине кколел чагIазда. Бакъул унти ккун, хварал чагIи гьакида лъун рачIунаан росулъе.

РекIеда гарацI бан букIараб жамагIаталда циндаго ГIарша ХIасаница зурма бачунеб рагIана. Зурмил гьаркьихъ урхъараб халкъ гьенибе бакIарана, ай магIарул зур­мица бицана жамагIаталда рагъ лъугIиялъул хабар.

 

 

87 сон барав МУХIАМАДОВ ГIабдурахIманица бицана:

-ГьитIинав чиясда щибха лъа­леб рагъ байбихьараб къо-моцI. Амма ракIалда руго росулъа рагъ­де унел гIолохъаби ва мех-мехалда рикIкIадасан рагIулеб букIараб гIарададул кьвагьи.

Гуржиязул гьабихъе хIалтIизе арав дир эмен, бакъул унти ккун, гьенив хвана. Дир эбел-Хадижат йикIана ТIидиса. Дунги вачун гьей, гIемераб гIи-боцIиги бугеб, лъикIаб доходги щолеб тIидихъабазул бечедаб кол­хозалде хIалтIизе ана. ГьитIинав чи вукIаниги, дун унаан речIчIулел чахъ­аби къазе магIарде. Анкьабилеб клас­салде унев дун хъутаналде витIана. Эбелги дунги хIалтIун, нижее сала­матаб доход щолаан, гьелъ нижеда цо бицине гIураб ракъи бихьичIо.

Бронги кьун, хIукуматалъ тIидисезул гIемерисел гIолохъаби гIи-боцIуда хадур тана. Гьидерил цоги росабазул чагIазда гIадин, тIидисезда кIудияб ракъи бихьичIо. Колхозалъул складалда чIезабун букIунаан гIухьбузе ретIел-хьит, къварилъиялде ккарасе кьезе бугIа-ролъ, шапакъаталъе кьезе нах, гьан, хIан. Гьебги лъан, гьенире хIалтIизе рачIунаан лъебелазул, къаралазул ва гьидерил росабазул гIадамал.

Дир захIматкъоял эбелалда тIад хъвалел рукIун руго, гьелъ дие щвечIо, дун гIадал чагIазе исана хIукуматалъ кьолеб букIараб 50 азарго гъурущ.

 

 

89 сон барав КЪЕБЕДОВ МухIамадица бицана:

-Дун тIоцеве школалде араб сон букIана доб. Росулъ лъилниги ра­дио букIинчIо, гьединлъидал рагъ ккей дида лъана руччабазул гIода-чIвадиялдасан, Гитлериде гьезул букIараб хьандеялдасан.

Ракъдаллъи халалъун, гьел соназ хур-херги къадарго бижана. Рагъ ккун кIиабилеб-лъабабилеб соназда росулъ ракъи багъарана.

Къаси-къадлъи цIехечIого, колхо­залъ лъималги хIалтIизе тIамулаан. АнцIго сон букIана дир чахъабазул къинлъул компаниялде витIидал, гьениб дица мех-мехалъ вехьлъи­ги гьабулаан. Хадусеб соналъ дун витIана колхозалъул чахъабазде. Дир рукIинчIо я хьитал, я бурти­на, квачаниги хинлъаниги, гордилъ вукIунаан. Ункъо класс лъугIарав чи тIамуна Ракьуб росдал Ажу колода, колхозалъул хIораб боцIул хъара­вуллъун. Хадусеб соналъул ихдал витIана I20 хIайваналъе вехьлъи гьа­бизе КололъагIри колотIе. ГIемераб кваназе ккана мичIчI, къвали. Гьебги букIана нижее, жакъасел лъималазе сникерс гIадаб нигIмат.

Налогал ракIарулез цIакъ зулму гьабулеб букIана. 18 сон бан хадуб росасе инчIел ясаздаги къорол-на­лог лъолаан. Росдал лъабго-ункъо учитель гурони гIарац щолев чи вукIинчIо, гьезиеги букIана квана­зе гIолареб харж. Цо нухалъ росдал бегавулас дир инсуде гIарз бахъана, харж жиндие гьохъил цо къали боси­зе гIоларилан

 

 

Гьеб гIакъуба бихьарал, захIмат чIамарал, тылалда хIалтIун арми­ялъе кумек гьабуразе кинал бигьалъабиха чIезарун ругел?

Ветеран яги рагъул инвалид абулеб категория гьечIони, рагъул лъи­малазе федералиял бигьалъаби щоларо, ай РФялъул законазда гьезие хасал бигьалъаби рихьизарун гьечIо.

Россиялъул регионазул ихтияр буго гьезие бигьалъи гьабулеб ста­тус чIезабизе ва материалияб кумек гьабизе. Нилъер республика дотациялъулаб бугинги абун, Дагъистаналда гьезие кинабгIаги би­гьалъи бихьизабун гьечIо. ДРялъул ЗахIматалъул ва социалияб рахъ­алъ цIуниялъул министерствоялда лъалеб гьечIо республикаялда ру­гел рагъул лъималазул мухIканаб къадарцин.