БахIарчиясул цIаралъе мустахIикълъана

1944 соналъул 21 июлалда  мотораздалъун хьезабураб автоматчиказул батальоналъул командир, гвардиялъул капитан Бендряковас гъулбасараб шапакъаталъул тIанчида хъвалеб буго гвардиялъулав мухъилав МухIамадов ГIабдула вихьизавун вугин Совет Союзалъул БахIарчиясул цIар кьеялъе. Гьеб кагъат батун буго гъоркьиса ноябрь моцIалда Хасавюрт районалъул Октябрьское росдал школалъул историялъул мугIалим Халипат Расуловалъул нухмалъиялда гъоркь гIуцIараб тарихиял лъугьа-бахъиназул цIех-рех гьабиялъул цолъиялъул цIалдохъабазда.

 

— Гьев чи вуго ЦIумада районалъул Инхокъвари росулъа ГIабдужалил МухIамадов, — ан бицана Халипатица. – Нижехъе щварал баяназда, мухIканго абуни, 2007 соналда РФялъул оборонаялъул министрасул буюрухъалда рекъон, балъго гьарун рукIарал ва тIатинарурал документазда ва «Халкъияб ракIалдещвей» сай­талда хъварал бая­назда рехсолеб буго 1912 соналда гьа­вурав МухIамадов ГIаб­дужалил 1942 соналъ ЦIумада районалъул рагъулаб комиссариаталъул ахIиялда рекъон рагъде анин абун. Шапакъатал кьея­лъул тIанчида гьарурал хъвай-хъвагIаязда рекъон, ГIабдужалил 1942-1943 соназда тушмангун вагъулев вукIун вуго Югалъулаб фронталда. 1944 соналдаса нахъе — тIоцебесеб Украинаялъул фронталда, лъукъунги вуго кIиго нухалъ, ай 1943 ва 1944 соназда. 
 
КIиабилеб нухалъ лъукъиялъе ва Совет Союзалъул БахIарчиясул цIаралъе гвардиялъулав мухъилав мустахIикъав вугилан шапакъата­лъул тIамач цIезабиялъе гIиллалъун ккун буго Украинаялъул Львов шагьаралде нух бахъиялъе Подъяркув абураб росу ккун чIун ругел немцазул фашистазулгун ккараб рагъ. 61-абилеб танказул Свердловския­лъул БагIараб байрахъалъулаб гвардиялъул бригадаялъул батальоналъул тIоцебесеб ротаялъул автоматчиказда цебе лъураб масъала букIун буго, Подъяркув росулъа фашисталги тIагIинарун, хадур рачIунел ругел советиял аскаразе Львов шагьаралде нух рагьи. Десанталъул рагъухъа­бигун танкал Подъяркув росдал рагIалде щведал, немцаз байбихьун буго кьвагьдезе. ГIабдужалилида бихьун буго цо бакIалдаса автоматаздасан кьвагьдолеб фашистазул къокъа. Гьеб параялъ гьес ункъояв чIван вуго. ЧIаго хутIаразул цояс рехараб гранатаялъ ГIабдужалилил кIиябго квер лъукъун буго, ругънал щун руго гьурмадаги, немцасул гранатаялъул щварал кесказ борлъ-борлъун буго кодоб букIараб автоматги. Кодоб ярагъго хутIичIев ГIабдулжалил кверзулаб рагъде жуван вуго, гьебгиха, кIиябго кверги лъукъун букIаго. ТIоцеве данде ккарав фашист, зарги кьабгIун, чIван вуго, хутIарал лъутизе журайдал, хадувги векерун, жеги чангоявги ракьалда лъун вуго. Гьеле гьединаб бахIарчилъи бихьизабунин гьесилан хъвалеб буго шапакъата­лъул тIанчида гвардиялъул капитан, батальоналъул командир Бендриковас.
 
Гьаб цIияб, жеги лъиданиги рагIичIеб хабаралъ кутакалда рохизаруна магIарухъ ругел инхокъварисел гурелги, гIатIиракьалда бугеб Хасавюрт районалъул Октябрьское росдал гIадамалги. ГIабдужалилил вас МухIамадхIабибица ва яс ПатIиматица гIумру гьабулеб буго Октябрьское росулъ. 
— Мунагьал чураяв эмен ГIабдужалил рагъдаса тIад вуссун вуго рагъулаб БагIараб байрахъа­лъул ва БагIараб ЦIва орденалгун, букIана гьесул жеги кIиго медальги. Гьев къадаралде щвана 1978 соналда, вукъунги вуго Инхокъвари росулъ. Къисматалъ дунги дир яц ПатIиматги гIумру гьабизе гьанире рачана. 
 
Инсуе бокьулароан рагъул заман ва гьенир ккарал лъугьа-бахъинал ракIалде щвезаризе ва гьелъул бицине. Гьесулгун гIел бащадаз бицунеб рагъул харбал рагIулаан, амма зарги кьабун лъабго немцав чIванин бицунеб хабар дида рагIичIо. Дир эмен вукIана гIадатияв чи. Гьединги батилаха, дунгоги гьеб шапакъаталъул тIанчида хъваралъ тамаша­лъизавун гуревги, чIухIизавунги вуго. ЦIар, узухъда, мекъи хъван буго. Доб заманалда гIурус мацIни ки­саха лъалеб, берцинго авар ма­цIалъ хъвазе, цIализецин лъалароан, росабалъ рукIинчIо хIурият бергьун хадур ва гьелда цере киналгIаги мактабал. Щибха дир инсуда, цIали-хъвай гьечIев чиясда, кин гьесул цIар кагътазда хъван бугебали лъазеги букIараб, — ян бицана БахIарчиясул васас. Шапакъаталъул тIанчида ре­къон бихьизабураб БахIарчиясул цIва кьун букIун щвечIогойищ ху­тIараб, ялъуни кIочонищ тараб, яги мустахIикъав гьечIин нахъищ чIван бугеб – гьеб киналдаго тIад хIал­тIулел руго гьабсагIат Москваялда ругел нилъер ракьцоял. ИншаАллагь, кватIичIого баянлъила кинабго.
Бергьенлъи босаралдаса 75 сон тIу­баялъул байрамалда цебейин абу­ни, гьеб букIинаан халкъалъе кIу­дияб сайгъатлъун.