Рагъда тIагIарасул лъалкI батана

ГIахьвахъ районалъул КIудиябросулъа Шамхал Асведов КIудияб ВатIанияб рагъде ана жиндиего бокьун.

Гьев чIван вуго 1942 соналда, Сталинградалда. Амма лъалеб букIинчIо гьев вукъараб бакI. ГIицIго 1989 соналда, Къамишхъутаналъул гимназиялъул ТОКСалъул отрядалъул кумекалда­лъун, кIвана гьесул хоб бугеб бакI балагьизе. Гьеб батун буго Серафимовский районалъул Старосенюткин росулъ.
Гъоркьиса кIудадал хабаде щвезе ун рукIана вацал Шамхаловал: Шамхал, Асвед ва НурмухIамад. Гьез вацлъиялъулаб хоб къачIан буго берцинго, гьениб лъун буго мармаралъул кIиго къоно ва тIадги хъван руго Расул ХIамзатовасул кочIолъа гьадинал мухъал:
«Дида ккола рагъда камурал васал,
Кирго рукъун гьечIин, къанабакь лъечIин.
Лъоба борхалъуда, хъахIил зобазда,
ХъахIал къункърабазде сверун ратилин».
Жакъаги гIагарлъиялъ балагьулеб буго 1942 соналъул май моцIалда рагъда тIагIарав Асведов Шамхалил гьитIинав вац МикагIил вукъараб бакI.