Солдатасул жаваб

КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьараб соналъго фронталде ана Хунзахъ районалъул ТIадколо росулъа 15 гIолохъанчи. Гьезда гьоркьоса микьгоял абадиялъго хутIана кьалул майданалда. Гьезда гьоркьор рукIана: лъабго вац — ГIамирхан, МухIамадхан, НургIали Гереевал, Аминов ГIа­ли­гъалбацI, ГIаб­ду­ла­тIипов Батир, 17 сонцин бачIев ГIабдулаев Ибрагьим.

1941 соналъул августалда Орджоникидзе шагьаралда байбихьана МухIамад Хъайтмазовасул рагъулаб нух. Гьенисан МухIамад щвана Псков областалъул Великие Луки шагьаралде. Гьениб сержант Хъайтмазов захIматго лъукъана. Свердловск шагьаралда букIараб № 5965 госпиталалда сахги гьавун, 1944 соналъул хаслихъе вуссана гIагараб росулъе. Вуссана сакъатлъун, тIоцебесеб группаялъул инвалидлъунги лъугьун.
МухIамадил руго рагъда щварал шапакъаталги. Амма гьес гьезул ва жиндирго рагъулаб нухлул хIакъалъулъ цIакъ къанагIат гурони бицунароан.
Гьаниб бицине бокьун буго МухIамадил рагъулаб нухда ккараб цо лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ.
1943-1944 соназул квачараб хасел. Пулеб гьури, гIасияб квач. Псков областалъул Великие Луки шагьаралда рагъулел рукIана нилъер аскарал. Гьениб тушманасул горсверуде ккана артиллериялъул цо ва минометчиказул кIиго батарея. Горсверуде ккун анкьабилеб къоялъ немцазул рагъухъабаз хъварал кагътал рачIана советиял солдатазухъе. Кагътал хъван рукIана гIурус, авар, лъарагI ва цогидалги мацIазда. Гьезда хъвалеб букIана: «Сержантал, солдатал, нуж ракъун, къечон, квачан хвела. Нуж кверде рачIа. Гьазда гьоркьоб нижееги лъикI буго, кверде рачIинчIони нуж чIаго хутIизе гьечIо», — ян. Кагътазда гъоркь цIарал хъван рукIана ВатIаналъе хилиплъарал дагъистаниязулги.
МухIамад Хъайтмазов гъорлъе кколеб артиллериялъул батареялъул командир, Грузиялдаса А. Говашвилица тушманасул горсверуде ккараб лъабабго батареялъул рагъухъабазда цебе ма­съала лъуна тушманасул кагътазе кочIодалъун жаваб хъвазе ва гьеб, советияв солдатасул жаваб хIисабалда, немцазухъе битIизе. Гьедин рагъу­хъабаз жиде-жидер мацIазда хъвана тушманасе жавабалъулал кагътал. Гьезда гьоркьоб букIана М. Хъайтмазовас хъвараб кечIги:
— Лъалхъе, гIолохъаби, гIинтIамун бихье!
Кагътал рачIун ругин тушманас хъварал.
Сонги нилъгун цадахъ кьалда рукIарал
Кьалул асиразги гъулал расарал.
Кверде рачIайилан тIад мугьру чIварал,
Гьалгун рекъаразе къварилъи гьечIин.
Къулун ругьунаца бицунеб буго:
Ракъун хвезарилин рачIинчIониян.
Нилъ рорчIулареблъи лъалареб щайин.
Ниж кверде рачIине куцарал гуро,
Команда нижее гьедин букIинчIо.
Кидаго чучизе рахъарал гуро,
Нахъе хутIиялъул ургъелги гьечIо.
Нужгун рекъаралги къваригIун гьечIо,
Къвал бан цIуне гьелги нужер лъудбузе.
Ниж, мугIрузда гIурал, бихьинал руго
БухIи-цIороялъул рухIиго гьечIел.
Ракъани кванала нужер тIулгин ракI,
Кодове щварасул керен ссун бахъун.
Къечани гьекъела тушманасул би,
Гулил каратIалда тIад кIутIбиги чIван.
Кьалуе борчараб чарамул хвалчен,
Чучун кьабурасул кIихIи бекаги.
Иман ккун речIчIулеб къокъаб карабин,
Каранда речIчIаги бер къапарасул.
Ниж — Шамилил кьолбол – кьалда ругьунал,
Кьоял гьечIел гIорал кIанцIун рахунел.
КIудияв Хочбарил лебалаб наслу,
Къвалакь тушманги ккун цIадай кIанцIулел.
Россия гIуцIарал Ленинил васал,
Сталинил квералъ квегъун риччарал.
Кибего рагIулеб БагIар Армия,
Берлин бахъичIого нахъ буссунареб.
Гьава-ралъадалда квачI бан лъедолеб,
Къваридал улкаби эркен гьарулеб,
КъотIуе хисулел хвалде ахIулеб,
Халкъалъе рухI кьолеб партия нижер!
— ХIилладул кагътица курмал ссударал,
Умумузул къисас босулел васал.
Русса хандакъахъе, ккве позиция,
Тушманасе жаваб кье гуллидалъун!

ПалхIасил, гьез тушманасул горсверудаса къва­тIибе нух бахъана, тIаде щвараб танказул кор­пусалъ хвасар гьабуна лъабабго батарея, рагъул мухъалдаса нахъе рачана анлъго километралъ. Рагъухъабазе хIухьбахъиялъе кьуна цо анкь. Кинаб гIакъуба бихьаниги, нилъер солдатазда ракIалдецин ккечIо тушманасул рахъалде ине, ВатIаналъе хилиплъизе. Гьедин рикIкIадаб Псковалъул ракьалда гуллидалъун ва ракIалъ малъун хъвараб пасихIаб кочIодалъун рекIкIав тушманасе жаваб кьуна Хунзахъ районалъул ТIадколоса МухIамад Хъайтмазовас.