Афгъаназул мугIрузда…

Гьезулги рукIана анищалги, мурадалги, хьулалги. Гьезул кечIги боржунаан йокьарай ясалъул гордахъе, гьей рокъой ятичIого, цо-цо тIадбуссунги бачIунаан гьеб. Цо-цоязухъе битIараб гьеб цIвабзахъеги боржунаан.

 

Араб гIасруялъул ункъоабилел соназул гIолилал. ГIумруялъухъ гIащикълъарал гьезул ракIал цIун рукIана, киналго гIолилазулго гIадин, рокьул – гIагараб ракьалдеги, йокьарай ясалдеги, ватIаналдеги, улбуздеги… Улбуз ахIарал кинидахъ кучIдуз тIоцебесеб нухалда бицана гьезда талихIалъул тIагIам кинаб букIунебали. Цинги гьелго кучIдуз нухарегIана гьел, бадире ралагьизе барахщарал гIолилал, жидерго талихIалъул цIваялда баизе. Унго-унгоги, гьезул букIараб гъира, цIияб гъасда цIияб цIадул хIенхIаллъун рукIинеги, хъизамалъул гьуинаб гъансито гIуцIизеги, талихIалъул цIураб гIолохъанлъиялъул махI сунтIизеги, гьекъон къеч хьвалареб гьелъул иццухъ хIохьбазеги. Амма гьезда жеги бичIчIулеб букIинчIо жидеда дандчIвай гьабизе къисматалъ хвел битIулеб букIин. Гьелъул ццидалаб квачIалъ жидехъа цIан бахъизе букIин гIолохъанлъиялъул берцинлъи.
Огьо-гьой, чан рокъоб дол соназ лъураб магIирукъ, чан рокъобе бачIараб жаназа. Чан эбелалъул ракI судизабураб, чан инсулдай бетIер къулараб, бертадул бакI магIуялъ ккведал!!! Анищал релъана бидуца, хьулазда щвана рекIкIаб гулла, пикраби рорлъана вахIшияб хвелалъ. Васазул заназда къвалги бан, жидее гIумру хIажат гьечIилан ахIи балел улбузул гьаркьал рагIидал, тIабигIаталъул угьиялъ цIун бугеб сверухълъи. ХIинкъараб сихIкъотIиялъ гьалгъазабураб дуниял. Кинаб сипатдай гьезда цебе чIолеб букIараб, Афгъаназул мугIрузда анищал рукъулелъул. Бида рецIцIулел гьезда рагIулеб букIун батила эбелалъул кечIги. ГьелъгIагийищха къуват кьечIеб дарманзабазе кьогIаб хвалде данде къеркьезе! Гьаз къо-лъикI гьабулеб буго гIумруялъулгун. Ва цIидасанги цее ячIуней йиго хвелцин жиндиего гьарулей йигей эбел. Гьелъ цIидасанги недегьго ва хIеренго квер бахъулеб буго васасул ботIрода, хIеренго баулеб буго гьесул бидул цIурал ботIрол расазда. Эбелалъул кечI рагIарал лахIзатаз гьасухъе тIадбуссунеб буго кIиабилеб хIухьел. Ва нахъеги, эбеллъул кочIол гьаракь къотIидал, берал къанщана гIолилас…
Гьединаб релълъараб ва цинги батIи-батIиябги букIана щивав гIолиласул хвел. Жеги малърал къвакIилалде, эбел-инсул гъанситохъа роржун арал гьезие къор гъун батана Афгъаналъул мугIрузда.
Хвел, унго, дур вахIшилъи! Къисмат, дур согIлъи. Даим сахлъизе гьечIел ругъназул зигара…
Санайил гьадинал къваридал пикраби рачIуна дихъе, февраль гIагарлъулелъул. ГIолилазул анищалги гIумруги рекьарал Афгъаналъул мугIрул цере чIаралго, сири бала тIолабго черхалда. ВатIан цIунулезул къоялъги щола гьел бахIарзал ракIалде. Ва цIидасанги дица кодобе босулеб буго ХIажи ГIариповасул «Багьадурлъиялъе – даимаб рецц» абураб тIехь. ЦIидасанги бегулеб буго гьеб. ЦIидасанги магIица лъалъалел руго бидулъ къаламги ччун хъварал бахIарчилъиялъул гьурмал.