Гьунар цIехон хъирщула

МагIарул халкъалъул гьалбал хиралъи кьучIдасанго щвараб буго «ХIакъикъат» казияталъул редакциялъеги. Гьалбал къабул гьарулареб къоги бачIунгеги нилъеде. Гъирагун жалго унеб гъасде цадахъ сайигъат-
саламги босизе бокьула магIарул чиясе. Щиб-щибниги нигIматгун раккула нижехъеги газеталъул гьудулзаби.

Хасалихълъиялъул байбихьуда, мокьрол таргьаги цIун, къвалакь кампетазул гъутугъгун бакълъулазул мухъалъул кIиго гьунарчи рещтIана нижер рухIияб хазиная-лъул отделалда.
Цояв — Юнус ХIажиев, Дагъистаналъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан, Гумбет районалъул Халкъияб цIар кьураб «Гумбета-лъул махщалилал» маданияталъул гьунарчагIи цолъараб къокъаялъул нухмалъулев.
Халкъияб театргун, кочIохъаби ва кьурдухъабигун цадахъ гьев камуларо магIарулазул гIаммал тадбиразда. Гьелдаго цадахъ Юнусица 1972 соналдаса нахъе нухда бачунеб буго Инхо росдал КДЦялъул директорасул хъулухъги. ГIемерал соназ росдал советалъул депутатлъи гьабурав, районалъул жамгIиял ишазулъ гIахьаллъулев Юнусил чIаголъиялъул бицани, цеберагIиги цIакъго халалъила.
КIиабилев — Багьавудин МухIамадов, 1982 соналдаса нахъе Гьарадерихъ маданияталъул рукъалъул (КДЦялъул) директор, Афгъаналъул рагъ бихьарав, жиндаго лъалебщинаб гIолилазе кьезе чIаголъи бахъулев хIаракатчи. ТIамур гаргазабизеги гьунар буго Багьавудинил, цогидал музыкалиял алатал рачинеги махщел бугин баян гьабуна Юнусицаги.
РухIияб хазинаялъул отделалъул бокIнилъ лъураб тIамур халлъана Багьавудинида. Кодобе гьебги босун, пашманабго некIсияб бакъанги бачана. Гьеб бакъаналъ асар гьабуниги, суалал кьун сурав босичIого нижецаги нахъе риччалищха гIумруялъго магIарул маданияб ирс цIунулезул мухъилъ ругел гIолохъаби.
ХIалтIи-ишалъул бицун гьикъа-бакъарулаго, ракIалде щвезабуна церегIанго соназ МелъелтIе букIараб дирго тIоцебесеб сапар, доб мехалъ чIунталиде ккун букIараб культураялъул рукъ, гьединго бицана гьениб гIуцIараб культураялъулгун спорталъул гьайбатаб кIалгIаялъул, Юнусил коллектива-лъул хIаракатчилъиялъул, республикаялъего загьираб гьезул хIалтIул хIакъалъулъ.

— Кинабго лъикI бугин нужеца беццаниги, божулароха, Юнус. Киналго рахъазда гIадин культураялъул бутIаялдаги чанги чучаб бичча-бихъай буго районазда. РачIа цониги масъала рагьизе. Росабалъ гьабулеб культураялъул хIалтIул даража кинаб бугеб?
— Дагъистаналъул киналго му-хъазда гIадин, нижехъги батилаха, — ян дир суалалъул мурадалдаса ворчIизе хIаракат бахъана гьес.

— Дагъистаналдаго гьеб рахъ цебетIун бугин абизе кIоларо. Культураялъул махщелчагIиянги абун, махщел-гьунаралъул махI жиделъ гьечIел лотаби руго анцI-анцI соназ чIалгIаде харжги босун. Нужер мухъалда гьел киналго гьунар бугелищ ругел?
— Лотабиян абизе бегьилищха, культураялъул хIалтIухъаби жамгIиял хIалтIабазулъ гIахьал-лъула, календаралда рекъон тIо-ритIулел тадбирал гIуцIиялъул хIалтIи гьабула. Кинавго чиясе гьунарги кьоларелъулха. БитIараб бицани, нижехъги махщелчагIазул рахъалъ гуч гьечIо. Гьунар бугел цIехон, ругелъуса хъирщун данде гьабун буго коллектив.

— Нужеца гIезегIан хIаракат бахъула, гьеб бихьула. Кин бугониги, гIемерисеб бакIалда гьунар бугел рагIдукь хутIула, хъулухъчагIазул гIага-божарал, бажариго гьечIел хIалтIудаги лъола. Гьеб нилъее балъголъи гуроха, Юнус.
Гьарадерихъги магIарулазда рагIараб бакI буго. Мун гIадал, хIалтIул хIалбихьи щварал чагIаз росулъ щиб-щибниги тадбир гьабичIого толеб батиларо, Багьавудин?
— Гьарадерихъ росу буго гIезегIанго умумузул гIадат-гIамал цIунараб бакI. Дицаги хIаракат ба-
хъула хIалтIулъ гьеб хаслъиялде кIвар кьезе. РакIалде щвезарула цересел гIолохъабазул тирилъиялъул, къуват борциналъул хIаял, гьел цIигьарун тIоритIула тадбирал, къецал. Гьелъие цебеккунго бахъун букIуна план. Спорталъул тадбирал тIоритIула школалъулгун, росдал нухмалъулезулгун дандбан, цадахъ. Телефоналде, интернеталде руссун течIого, умумузул заманалъул рекIелгъеял гьанжесеб гIелалъе бокьизаби, гьезулъ ватIан бокьи куцай — гьеб буго дир мурад.
Квеш ккараб жо буго магIарухъ гIадамал дагьлъулел рукIин, гьелдаго рекъон школазда лъимал дагьлъиларищха. Цоги, дир ракI унтулеб жо — магIарул мацI бицунеб бакI къойидаса-къойиде дагьлъулеб букIин. МагIарухъ тIоритIулел г1емерисел тадбирал гIурус мацIалда рачунел руго.
Нилъер заманалъ кьурди-хъаталдаса руссана гIемерисел гIадамал. Гьеб гьечIин абун щибго хIалтIи гьабичIого нижги тIуралищха. Мисалалъе, мавлид ахIичIого цониги росу тIубаларо. Гьел ахIизе лъалел чагIиги лъугIун унел руго росабалъ. Дица гьелъие ругьун гьарулел руго гIисинал васал. ЛъикIал назмаби ахIизе цIияб гIел куцай — гьебги буго культурияб цебетIей. ГIемеразда гуро гьелъул кIвар бичIчIулеб бугебги.

— Юнус, мун вуго районалъул маданияталъул хIуби гIадав чи. Щиб бугеб гьаб гIагараб заманалда гьабураб, гьабизе хIисабалде босараб хIалтIи?
— Районалда гIадатлъул билълъун буго маданияталъул хIалтIухъаби захIматалъул фронталда рукIарал руччабазухъе, рагъул заманалъул
лъимерлъи бихьаразухъе щвей. Гьебги лъикIаб мисал буго гIолилазе. Нижер росабалъ жеги цIунун руго гIадатлъун рилълъарал, жамагIатго цолъун гьарулел умумузулъанго ратарал байрамал. Гьезулъги кидаго бутIа лъола нижеца. Кинабго гьабулебщинаб гьаниб бицун бахъинаро.
Сайгидсалим Жамалудинов ра-
кIалдещвеялъул тIармида кечI ахIиялъул тадбир гьабизе хIисабалде босун буго ЦIаналълъ. Гьединго бокьун буго, дирго росдал клуб къачIан, гьениб хIалтIи цебетIезабизе. Клуб къачIазе сурсатал щвезелъун, гьеб хасаб программаялда гьоркьобе
ккезабизеги хIаракат бахъулеб буго.

— ГIемериселго районазда КДЦязул (культурно-досуговый центр) учредителал руго росдал администрациял. Гьедин ругониги, цо-цо бакIазда жидеего данде ккараб хIалалъ къотIи-къайги хъван, районалъул нухмалъулез жидехъего босун буго ихтияр культураялъул гIарац бикьа-къотIизе. Гьелъие нух 31-абилеб федералияб законалъ кьолеб бугинги абулеб буго гьез. Нужехъ кин бугеб?
— Нижерги гьеб къагIида буго, — ян бицана Багьавудиница. – Юридикияб статус бугониги, гъирабазабиялъулал (стимулирующий) баллал рикьизе изну нижер букIунаро. КДЦялъул нухмалъулезда гьикъичIого, жидецаго гIуцIараб комиссиялъ тIубала гьеб иш. Юристалцин хадур гъолареб закон буго гьаб.

— Юристални хадур гъела, гьезие бокьани. Росабалъ культура цебетIеялъе гьеб къагIидаялъул пайдайищ яги заралищ бугеб?
Жидер штатал къалел ругин гIарзал рукIуна цо-цо районазул. Нужер бугищ гьеб масъала?
— Штатални жеги цIикIкIун ратани гурони, дагьлъун ратиларо. ХIалтIухъаби гIемерал ругин абун культура цебетIеялъе хисулеб жо бугин абизе кIоларо.
Гьабин абун хIалтIиго гьабуларев чияс, чанго сурат бахъун, лъабго мухъги хъван жамгIиял гьиназда лъуни, тIубалеб буго иш нилъер заманалда. ХIалтIи гьабунин гьединазе цIарги реццги букIинарищха.

— Хадур лъугьун ритIухълъи тIалаб гьабуларо жидергоги камилаб хIалтIи гьечIел чагIаз. ГIадамал данделъизе клуб, маданияталъул бокIонго гьечIел бакIаздаги ратула культураялъулин абулел хIалтIухъаби. Мисалалъе, щай бегьулареб магIарул классиказул, гьезул асаразул бицунеб тадбир росдае гIуцIизе. Гьебгицин гьабуларез щиб хайир кьелеб росдае, районалъе?
— БитIараб буго дур, къали кьабизе, тIамур бачине лъачIолъи гуребги, цо лъикIаб тIехь цIалун, гьелъул магIна босизе лъаларел чагIи руго культураялъул хIалтIухъабиян.
Дир хIисабалда, гьунар бугев, пикру гъваридав анцIгояв лъикI лъикIаб харжги кьун хIалтIуде восизе, нусилъа къадар арал, гьунарго гьечIел хьихьиялдаса.