Ветераназул тIалабалда

ГIадамаздаса живгоги, жиндидаса гIадамалги разияв 

 

РукIуна гIадамал гIумруялъго хъулухъ-ишаздаги хIалтIун пенсиялде араб мехалда ужра-мухь цIехечIого жамгIиял хIалтIабиги тIаде росун, хIалхьиялда чIоларел, рарал соназул гIакъиллъиги, гIумруялъул бечедаб хIалбихьиги сахаватго цогидазе гIахьал гьабулел. Гьединазул мурадги букIуна жамгIияталда, гIаммаб ишалъулъ гIахьаллъи гьаби, бажарараб лъикIлъи гIадамазе гьаби. Гьединаздасан вуго ЦIумада районалъул Гьадириса ункъойилъе сонал рахарав МухIамад Шамсудиновги.

Дида МухIамад лъалелдаса лъебергоялдаса цIикIкIун сон буго. Лъала гьабулеб ишги мухIканав, ракIбацIцIадав, иман-яхIги чорхолъ бессарав, чIухIа-къули рихарав, чиясе кумекалъе кидаго вахъун чIарав инсан хIисабалда. М. Шамсудиновасул гIумруялъул тIолабго захIматалъулаб хIаракатчилъи тIей гьечIого бухьараб букIана гIагараб районалда, гьелъул гIадамазул гIумруялда, къисматалда. Кинаб хъулухъалда вугониги, тIадаб иш гьабуна гIадамаздаса живгоги жиндидаса гIадамалги разияб хIалалъ.

ХIалтIудаса хIалхьиялде, пенсиялде аравго, МухIамад вищула районалъул рагъул, захIматалъул ва парахалъи цIуниялъул органазул Ветераназул советалъул председательлъун. Чанго сон буго цадахъго районалъул Херазул советалъул председателасул хъулухъ тIубазабулагоги. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвари.

— МухIамад, чан ветеран вугев районалда? Гьезулгун бухьен, гьезие гьабулеб кумек букIунищ?

— Районалда буго 21 ветераназул гIуцIи, вуго 1421 ветеран – 968 захIматалъул, 170 чи рагъул соназда тылалда хIалтIарав, 13 — афгъаназул рагъул гIахьалчи, лъабгояв Венгриялъул лъугьа-бахъиназда гIахьаллъарав, 1999 соналда букIараб рагъулъ терроралде дандечIараб операциялда гIахьаллъарав 283 чиги. Ветераназул тIалаб гьаби нижер бербалагьиялда гъоркь букIуна. Росабазул ва районалъул администрациязул, лъайкьеялъул управлениялъул, школазул, райбольницаялъул, ФАПазул, социалияб хьезариялъул ва военкоматалъул районалъул рагъулаб отделазул вакилзабиги гIахьал гьарун, тIоритIула рейдал. Ниж щола ветераназухъе, гьабула бажарараб материалияб кумек. Райбольницаялъул тохтурзабиги цадахъ рачун тIоритIула ветераназул медицинаялъулаб халгьаби. Кумек хIажатал регизарула районалъул централияб ва участкаялъул больницабазда, хIажалъи бихьун ритIула МахIачхъалаялде, ветераназул госпиталалде. Ветераназул тIалаб гьаби лъикI гIуцIараллъун руго Эчеда, Хуштада, Гъоркьа Гьаквари росабазул ветераназул гIуцIаби. Гьединго, ветераназул советалъул хасаб бербалагьиялда гъоркь руго ункъоялда анцIгоялдаса тIаде сонал аралги, нусго сон тIубалел ругел къоло щуго районцоялги. «ЛъикIал кверал» абураб сахаватлъиялъул акция тIобитIулаго, араб соналъул хаслихъе ригь арал, ресу-
къал чагIазул хурзабахъа, ахакьа бачIин бакIаризе кумек гьабуна, хасалоялде бухIизе цIул хIадур гьабуна, гордал нуцIби хинлъи кколедухъ къачIана. БацIцIад гьабуна азбар-къоно, минабазда сверухъ бакI. Гьеб акциялда гIахьаллъи гьабуна социалияб хъулухъалъул хIалтIухъабаз ва росабазул школазул цIалдохъабаз.

— Росабалъ кидаго хIурматалда рукIана кIудиял чагIи, гьезул рагIи. ГIолеб гIел умумузул тарбиялда, ватIан бокьиялъул рухIалда куцаялъе кинаб хIалтIи гьабулеб бугеб Херазул советалъ? Цебе гIодобе биччан, лъикIаб цIаралда букIараб ЦIумада районалда парахалъи цIуниялъул идарабаз экстремистазде данде чанго хасаб операция тIобитIана. Гьелда бан дур пикру?

— ТIаде гIолеб гIел рухIияб ра-хъалъ куцаялъул хIалтIи аслияблъун рикIкIуна Херазул советалъ. Нижеца кIвар кьола гIолилазда гьоркьоб бичIчIикьеялъулаб хIалтIи гьабиялде, гьел умумузул лъикIал гIадатазда, ватIан бокьиялъул рухIалда куцаялъе. Херазул советалъ гьеб рахъалъ хIалтIи гьабула школазул нухмалъулезгун, учительзабазгун цадахъ. ГIолилазе магIнаяб тарбия кьеялъул суалалги рорхун макъалаби рахъула районалъул «ЦIумадисезул гьаракь» газеталдаги. Районалъул гIолилазул комитеталъулгунги буго нижер кидагосеб бухьен, тIоритIула цадахъал тадбирал. Мисалалъе, щибаб соналда гIатIидго кIодо гьабула Бергьенлъиялъул къо – 9 май ва цойгидал байрамал. Гьелде хIадурлъулаго гIуцIула хасаб комитет, гьелда гьоркьов гIахьаллъула дунги.

КIиабилеб суалалъе жаваб кьолаго, дица абила экстремизмалъул пикрабиги гьезул рахъккурал чагIиги цере нижер гьанир рукIинчIо. Гьеб бачIана район тун къватIиб гIумру гьабун ругел, церего гьаниса араз. Районалда гIумру гьабун ругездаса лъабго нухалъ цIикIкIараб къадар цIумадисезул гIодоблъиялда гIумру гьабун руго. Районалда гIуцIун буго терроризмалде ва экстремизмалде дандечIараб комиссияги. Гьелъул хIалтIулъги жигараб гIахьаллъи гьабула Херазул советалъ. Щибаб росулъ, школазда тIоритIула экстремизмалде дандечIарал, гьелъул мекъал, нилъер гIумруялъе, рукIа-рахъиналъе дандекколарел, заралиял пикрабиги какун цере рахъуна мажгитазул имамзаби, администрациялъул хIалтIухъаби, Херазул советалъул членал. Гьал гIагарал къоязда гьединаб данделъи тIобитIана экстремизмалъул пикраби гIадахъ росарал цо-цо гIадамал ругеб КIванада росулъ.

Пайзула Пайзулаев