Нухазул магIишат

Нух бугелъуб букIуна гIумруги магIишатги

 

Краснодар шагьаралъул проекта­лъулаб институталъул дирек­­тор, экономикиял гIелмабазул доктор, Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъа ГIумаров Элдарица лъугIизабуна МахIачхъалаялъул ралел бакIазул техникум, Комсомольск-на-Амуре ша­­гьаралда — политехникияб инсти­тут ва Хабаровск шагьаралда — менеджеразул тIадегIанаб школа. 1984-2012 соназда хIалтIана (ралел бакIазда) Комсомольск-на-Амуре шагьаралда, гьелда цадахъ хIалтIана университеталда преподавательлъунги. 2013 соналдаса нахъе гIумру гьабун вуго Краснодаралда. Гьал къоязда МахIачхъалаялде щварав гьесулгун гара-чIвари гьабуна нижеца.
— Дуца нухмалъи гьабулеб институталъул аслияб хIалтIи щиб кколеб?
— Нижер аслияб хIалтIи ккола нухазул, кьоязул, тоннелазул, гIадамал хьвадизе ракьалда гъоркьан ва тIасан гьарулел нухазул, жиндир цо хасаб хаслъи ругел минабазул проектал рахъи, гьел хIадур гьари. Гьеб киналдаго гьоркьоб цIакъго кIвар бугеб иш ккола гьалагал ихаздаса, лъиназдаса, ччукIалабаздаса росаби, нухал, кьоял цIуниялъе гьабулеб хIалтIиги.
— Гьединал хIалтIаби гьарулел махщелчагIи гIемер ругищ нилъер гьанир?
— Нухазе, кьоязе проектал рахъулел махщел камилал специалистал Дагъистаналда руго. Масала, «Транспроект», «Экодор» гIадал гIуцIабазда. Амма ччукIелаздаса цIуниялъул, хьуцI бугеб, лъим гIемераб ракь бакъвазабиялъул, гьениса лъим нахъе тIамиялъул хIалтIаби гьарулел гIуцIабигун махщалилал нилъер гьанир гьечIо.
— Кинал регионазда нужеца гьединал хIалтIаби гьарулел?
— Краснодар краялда, Ростов областалда, Калмыкиялда, кIудияб хIал­тIи букIана Абхазиялда, чанго тIадкъай тIубана Крымалда, Бо­лъи­хъа байбихьун Табасараналде щве­зегIан 15-гIанасеб объекталда сверухъ гьабулеб хIалтIулъги букIана нижер гIахьаллъи.
— Гьел регионазда дандеккун­и,­ хIалтIи гьабизе Дагъистаналда бигьагойищ букIунеб яги…
— Гьабулев чияс хIалтIи, данд­чIвалел квекIеназухъ балагьичIого, кибго гьабула. Нижер руго батIи-батIиял регионаздаса (Краснодар, Да­­гъистан, Дальный Восток, Осетия, Гуржистан) специалистал, хIал­­тIухъаби. Гьез кидаго абула, ки­ре жал щваниги, Дагъистаналда гIа­дин (бакIалъулал гIадамазул бербалагьи, гьоболасул адаб-хIурмат гьа­би, кибго гьечIеб хIисабалъул ракI­рагьи) хIалтIи гьабизе бигьаяб бакI жидеда батичIин.
— Атли-Боюн тоннель бахъиялъе байбихьи лъолел хIалтIабазде тIаделъулел ругин нужилан бицунеб буго. БитIараб бугищ гьеб хабар?
— Гьеб бахъизе хIажат букIиналъул хIакъалъулъ бицунеб букIана советияб заманалдаго. 1970-абилел соназда гьеб хIалтIуда квер банги букIана. Амма, щаялиго, хадуб рехун тана. Тоннель байбихьула Ленинкент поселкалда бугеб школа-интернаталда цебесан, лъугIула Таргъу-Буйнакск ва МахIачхъала-Буйнакск нухал цолъу­леб бакIалда. Тоннелалъул гIаммаб халалъи букIине буго ункъогIанасеб километр – гендерил тоннелалдаса 400-500 метралъ къокъаб. Тоннелалъул заказчик ккола «Дагъавтодор», генералияб подрядчик — «Транспроект» проекталъулаб институт, гьелъул заказалда рекъон проект хIадур гьабизе буго «Ленгидропроект» институталъ. Геодезиялъулаб хIалтIи гьабун лъугIана Краснодаралъул «Аэротех» фирмаялъ, тIубан буго экологиялда хурхараб кинабго хIалтIиги. Гьаб анкьида нижеца байбихьизе буго геологиялъулал хIалтIабазде, ай ракьалъул гIуцIи (структура) лъазаби, гьелъул анализ гьаби. Гьеб мурадалда 400 метра­лъул гъвари­лъуде гIунтIун борлъизе ккола ракь. Планалда рекъон, нижеца хIалтIи лъугIизабизе ккола 11 моцIида жаниб. Гьелдаса хадуб, нижер баяназда рекъон, проектировщиказ хIадурула тоннелалъе проект. Тоннель бахъун лъугIизе ккола 2025 соналда.
— ГIемерал районазде, росабалъе ярагьунел нухалцин гьечIеб заманалда, кинаб хIажалъи бугеб, гIемераб гIарацги харж гьабун, гьеб тоннель бахъиялъе?
— Тоннелалъул багьа, гIага-шагарго бахуна, 3,5-4 млрд гъуршиде. Гьанже босилин цогидаб рахъги:
1. 1970-абилел соназдаса нахъе рехсараб нухда ккарал авариязулги, гьезул хIасилалда хварал гIадамазулги хIисаб гьабуни, кинаб гIарцудалъун гьеб борцине бегьулеб?
2. Тоннелалъул манзил автомашинаялъ нахъа тола 4 минуталда жаниб.
3. Тоннелалъ рес кьола магIарухъе-нахъе къайи чанго нухалъ цIи­кIкIун­ги гьединго учузгоги баччизе.
4. Гьелъул кIудияб кумек буго тIа­бигIат, экология цIуниялъе.
5. Гьелъ квербакъизе буго МахIач­хъала шагьар гIатIид ва эркен гьабиялъе.
Ахираб чанго соналда жаниб, гIатIид гьарун, къачIан, ялъуни хъил тIун нухазда хIалтIи гьабичIеб район хутIун батиларо. Тоннель бахъиялъ кумек гурони нухазе гьабулеб къварилъи гьечIо. Тоннельги буго добго нух — кIудияб, гIатIидаб, цIикIкIараб рес ва бигьалъи кьолеб. Гьединаб нух бугеб бакIалда киданиги гIумруги магIишатги лъугIуларо. ГIадамалги дагьлъула, магIишатги гIодобе ккола нух гьечIеб бакIалда.
— Краснодар ва Дагъистан данде­ккуни, щиб абилеб?
— Россиялъул бокьараб регио­налда Дагъистан дандекквей ккола захIматаб масъала. Дагъистан буго гIажаибаб, гIадат-гIамалъул, мацIазул, маданияталъул бечелъиялъул рахъалъ цогидаздаса батIияб регион. Нилъер гIадамал руго жигарал, бажари бугел. Ни­лъехъ жеги цIунун хутIун буго «нилъехъ­лъи». Амма буго цогидаб рахъги. КIиябго регионалъул нухмалъи дандеккуни, гьеб буго зобги ракьги — доба нухмалъиялъ хIалтIи гьабула халкъалъе гIоло, нилъер гьаниб – гьелъул гIаксалда. Бачина цо-кIиго гIадатияб мисал. Краснодаралда, къа­симехалда машинабаз (шампуньги хIалтIизабун) чурула къватIал. МахIачхъалаялда дида жеги би­хьи­чIо гьедин гьабулеб. Лъим, ток, газ гьечIин абураб жо Краснодаралда гIумру гьабулезда лъаларо. Нилъер гьаниб букIунеб хIалалъул хIакъалъулъ бицине ккелищха.
— Краснодаралдаса балагьани, Дагъистаналда кколел ругел хиса-басиязе щиб къимат кьелеб?
— Мун рикIкIалъарабгIан, дуе гIагарлъула ВатIан. Дора рукIаниги, Дагъистаналъул ургъел гьабичIого, кколе-толелъул халкквечIого ниж ру­кIунаро. Ахирал хиса-басиязда хурхун руго кIийиде рикьарал пикраби: гьаб батизе гурин цо ричIчIуларел хIаял абураб ва кIиабилебги — хIай гуреб хIасил кьолеб хIалтIи батилин абурабги. Иргадулаб, сунда бугониги бухьинабураб хIай гьаб батани, гьеб буго киназего квешаб иш. КIудияб хьул буго гьаб багъа-бачариялъ нилъ рачинин дагьаб бацIцIадаб, ри­тIухъаб хIасилалде ва гьебги лъугьи­нин нилъер гIумруялъул, рукIа-ра­хъиналъул низамлъун абураб.
Гара-чIвари гьабуна
ГIабаш ГIабашиловас.