Огь, дир магIарул мацI!

Миллаталъул хазина кIочон тарал нилъ щал кколел?

 

Хехаб чуялъ нух гIадин, хехго ана нилъер маданияталъул сонги, гIемер бицана, хъвана газетазул гьурмаздаги, амма, къвакIараб кьуру цебе ккедал, нух бахъизе захIмалъулеб гIадин, гьеб цIунизеги цебетIезабизеги захIмалъулеб буго.

Исана лъикIаб даражаялда кIодо гьаруна ЦIумада ва Гумбет районазул газетазул юбилеял, бицана магIарул мацIалъул кIваралъулги хIажалъабазулги. БичIчIулареб жо буго, кигIан бицаниги, магIарулас чияраб мацIалде цIай гьабиги гьелъул тIалаб гьабичIого тейги. Дида бичIчIулеб рахъалъан, гьеб ккола республикаялъул нухмалъиялъулги гьеб иш тIадал чагIазулги тасамахIлъи, бицунеб-абулеб цо, гьабулеб – батIияб.

ХIисаб гьабеха, цебе заманалда магIарул газетазул букIараб тиражалъулги гьелъул каламалъул бегIерлъиялъулги – бокьарав хIакимасе гIадлу гьабизе рес щолаан, мискинчиясул хъулухъ тIубалаан. РукIана росабалъ библиотекаби, гьенир – магIарул шагIирзабазул тIахьал. РукIана миллиял кочIохъабазул концертал, гьел ра-
зиго къабул гьарулаан халкъалъ. Гьанже, кIвар гьечIолъиялъул хIасилалда, гьеб рахъ нахъе кколеб буго. Къалел руго клубал-библиотекаби, тIагIана концертал, къатIана зурмилгун къолол гьаракь.

Абула, гьелъие сурсатал гьечIилан. Республикаялде бетIерлъун Рамазан ГIабдулатIипов вачIараб заманалда, ракъдаллъиялъ чIунтараб тIабигIат лъим тIун хадуб цIилъулебго гIадин, чIаголъизе байбихьун букIана умумузул гIадаталги культураги, цIикIкIунеб букIана культураялде кьолеб кIварги. Районазул центраздаги цо-цо чIахIиял росабалъги рагьана Культураялъул рукъзал, цIигьаруна умумузул гIадатал. Къимат гьабуна рахьдал мацIалъулги: лъималазги чIахIиязги ахIана ва цIалана магIарул кучIдул, гIуцIана школазда церерахъинал, бихьизабуна гьезул бугеб гъираги гьунарги.

Щайха нилъ балагьуларел хIукуматалъул нухмалъиялъ кинаб кIвар кьолеб бугеб Украинаялда ва цогидал пачалихъазда жидерго мацI цIуниялде? Дун цIалана магIарухъ, магIарул школалда. Дида ракIалда буго, дун армиялде ине шагьаралде щвараб мехалъ, дида гIурус мацIалда кIалъазе бажарулароан, бицунеб жо бичIчIулеб бугониги. Амма, дица гIурус мацI малъиялде школалда кIвар кьечIин абун, магIарул мацIалъ квалквал гьабичIо гьеб лъазабиялъе: дида гьебги лъана – гIумруялъ малъун.

Газеталъул тираж дагьлъиги гьелде рокьи чучлъиги дица рикIкIуна нухмалъиялъул кIвар гьечIолъилъун. ХIисаб гьабеха, рахьдал мацIалда дарс цIализеги гьеб бичIчIизеги магIарул лъималазе бугеб бигьалъиялъул. ТIоцебесеб классалдаго гIурус мацIалда дарс кин бичIчIилеб лъималазда, гьениб хъвараб текст цIалун гурони, гьелъул магIна лъазе захIмалъула гьезда. Гьединлъидал дарс гьез рекIехъе лъазабизе кколеб буго. Тексталдаса цогIаги рагIи кIочани, хадуб бугеб бицине лъачIого хутIула гьел. Гьединаб къагIидаялде ругьунлъарал гьезие цIали захIмалъула тIасиял классазде рахъараб мехалдаги.

Щайха нилъ балагьуларел хIукуматалъул нухмалъиялъ кинаб кIвар кьолеб бугеб Украинаялда ва цогидал пачалихъазда жидерго мацI цIуниялде? Дун цIалана магIарухъ, магIарул школалда. Дида ракIалда буго, дун армиялде ине шагьаралде щвараб мехалъ, дида гIурус мацIалда кIалъазе бажарулароан, бицунеб жо бичIчIулеб бугониги. Амма, дица гIурус мацI малъиялде школалда кIвар кьечIин абун, магIарул мацIалъ квалквал гьабичIо гьеб лъазабиялъе: дида гьебги лъана – гIумруялъ малъун. Ана Северияб Кавказалъул Рохьил магIишаталъул техникумалде цIализе.

Пикру гьабе, улкаялдаги дунялалдаги машгьурлъарал нилъер гIалимзабазулги шагIирзабазулги хIакъалъулъ. Гьелги миллияб маданиятгун тарихги лъачIони, щаллъун нилъ кколел? Росулъ школалда вуго чанго учитель. Щивас магIарул газета хъвани, гьеб рокъоб лъималазеги хъизамалъеги цIалулеб бугони, кигIанха гьеб гьуинлъилеб! Гьединго батIи-батIиял хъулухъазда руго магIарулал. Щивав нухмалъулес кIвар кьолеб букIарабани рахьдал мацIалдеги миллияб маданият цIуниялдеги, гьелде рокьиги бижилаан, гьелъухъ кьолел кепказдаги барахщилароан.

Хириял магIарулал, халкъалъул бищун кIудияб унти ккола магIарул ва цогидал миллатазул мацIал лъугIулел рукIин. ГIатIиракъалде, шагьаразде гочун руго гIемерал магIарулал. ГIолеб гIелалда гьениб берцин бихьулеб буго шагьарулъулаб хьвада-чIвади, кIочон толеб буго магIарул халкъалъул адаб-хIурмат гьабиялъул гIадат. Лъималазда эбел-инсуца бицунеб буго гIурус мацI ва кIочене толеб буго жидерабго. ГIурус ва цогидал мацIал лъазаруге, гьел хIажат гьечIилан абулеб жо гуро, гьелги чара гьечIого къваригIуна, амма бегьуларо рахьдал мацI кIоченабизе магIаруласда. Цересел соназ нилъер росабалъ байбихьул школалда киналго дарсал кьолаан рахьдал мацIалда. Жакъа школазда кинабго малъулеб буго гIурус мацIалда. МацI цIуничIони, гьебги малъулеб гьечIони, кисаха рахъинел церетIурал гIалимзабиги, хъвадарухъабигун шагIирзабиги, рахьдал мацI цIунулел хIаракатчагIиги… Риччанте гIисинго ругьунлъизе нилъер лъимал харбалги кучIдулги хъвазе. НекIого щун буго макьидаса рорчIизе мех, хадуб толеб лъалкIалъул халгьабизе заман, халкъалъго кьварараб хIукмуги гьабун, гъункизе. Нилъехъа бажарула миллияб яхI-намусги, магIарулазул къохIехьейги тIадбуссинабизе ва «здравствуй» абураб калима магIару-лазул саламалдалъун хисизабизе. ГIицIго хIажат буго умумуз нилъехъе тараб чодул чIолорхъо кквезе.

ЦIуне рахьдал мацI

МацIалъул тIогьиса калам арабго,

ТIоцебе ахIула «Баба, дада», — ян.

Дицаги ахIула тIолго гIумруялъ

Рахьдал мацI бацIцIадго цIуне, наслаби.

Гьелъул адаб тараб агьлу гIемерлъун,

ГIурус-авар жубан, чороклъун буго.

Дица киназдего хитIаб гьабула:

ХвезегIан рахьдал мацI цIуне нужеца.

Миллатал гIемераб Дагъистаналда

МацI цIунизе тIадаб щибаб халкъалда.

Жиндир мацI цIунарас ВатIан цIунула,

МацIгун ВатIан тарас кинабго тола.

ХIабиб Давудов