«Халкъалъул хIажалъаби хIисабалде росула»

Гьал къоязда ДРялъул экономикаялъулгун социалияб цебетIеялъул министр ХIажи Султанов дандчIвана республикаялъул ва федералиял СМИязул журналисталгун. Гьес бицана «ДРялъул мугIрузул ракьазул социалиябгун экономикияб цебетIеялъул хIакъалъулъ» абураб ДРялъул пачалихъияб программа гIумруялде бахъинабиялъул хIакъалъулъ.

 

 

Рехсараб программаялда рекъ­он ва бизнесалъе кумек гьабиялъул мурадалда гIумруялде рахъинару­лел проектазул хIакъалъулъ бицу­наго, ХIажи Султановас рехсана гьадинал баянал: «МугIрузул ракь­лъун рикIкIуна ралъдал гьумерал­даса 500-ялдаса цIикIкIун метралъ борхалъуда бугеб 30 муниципалияб районалъул азаргоялдаса цIикIкIун росу. Республикаялъул халкъалъул лъабил бутIаялъ гIумру гьабула гьениб. Республикаялда къабул гьа­буна «ДРялъул мугIрузул ракьазул хIакъалъулъ» абураб пачалихъи­яб программа. Гъоркьиса, ДРялъул бетIерасул тIадкъаялги хIисабалде росун, нижеца хIадурана цIияб про­грамма. Гьеб гIумруялде бахъинаби­зе ккола 2024 сон щвезегIан. Гьелда рекъон кинал тадбирал гьаризе кко­леб абураб суал нижеца дандбана экспертазда ва жамгIияталъул ва­килзабазда. Аслияб куцалда кумек гьабизе буго производителазе», -ян.

Министрасул баяназда рекъон, республикаялъулаб инвестициязул программа гIумруялде бахъина­булаго, гьабсагIаталда балеб буго нусгоялдаса цIикIкIун проект: лъай кьеялъул 25 идара, школалда цебе­себ лъай кьеялъул 11 объект, сахлъи цIуниялъул – щуго, спорталъулгун физкультураялъул – лъабго ва кIиго – административияб мина. Гьабу­леб буго мугIрузул росабалъе газгун лъим бачиналъул хIалтIиги.

 

ХI. Султановас ракIалде щвеза­буна «100 школа» абураб проектги. Гьелда рекъон 2018-2019 соназда 25 районалъул росабалъ къачIана 139 школа – гьелда тIад харж гьабуна 378 миллионгун нусазарго гъурущ. Иса­на къачIазе буго 21 районалъул роса­балъа 76 школа.

«ЖамгIиябгун социалияб ва ин­женерияб инфраструктура цебетIезабулеб буго «БакIалъул пикра­би» абураб проекталда рекъон. 2019 соналда мугIрузул 16 районалда гIумруялде бахъинабуна 49 проект – гьелде харж гьабуна 170 миллионгун нусазарго гъурущ», -ан бицана мини­страс.

Министрас жавабал кьуна журна­листазул суалазеги.

 

 

Низами ХIажибалаев (ТАССалъул мухбир): «Щиб хIалтIи гьабураб гъоркьиса ва чан гъурущ гьелда тIад харж гьабураб гьарураб?»

ХI. Султанов: «Гъоркьиса, мугIрузул программаялда гIахьаллъизе субсидиял кьеян абун, нижехъе бачIана 65 миллонгун щунусазар­го гъурщиде 24 проект. Къецалъул хIасилалда бергьана лъабго проект («Хлебный дом» ООО, ИП Шейхо­ва ПатIимат ва ИП КФХялъул бетIер МухIамадов ТIалхIат). Проектазул гIемерисезда мухIканго бихьизабун батичIо гIарац сунде харж гьабизе бугебали. РукIана гьезул магъало кьеялъул рахъалъ къарзалги».

 

 

Тимур ГIалиев («Российская га­зета»): «Гьекъезе бегьулеб ва ра­кьал лъалъазе лъим бачиналъул масъалаби хIисабалде росун ру­гищ программаялда?»

ХI. Султанов: «Лъел ва цогидал инженериял объектал гъорлъе рачун руго Республикаялъул инвестиция­зулаб программаялде. Араб соналъул ахиралда гьезул хIакъалъулъ гIемер бицана ДРялъул Халкъияб Собрани­ялъул комитетазул данделъабаздаги. 2017 соналде дандеккун, гьел ишазде республикаялъул инвестициязулаб программаялда рекъон биччан буго ункъо миллиардгIанасеб гъурущ (2017 соналда букIана 100-150 млн гъурущ).

Гъоркьиса хIукму гьабуна лъел объектазул проектазул хIакъалъулъ. СКФОялъул цебетIеялъул хIакъалъулъ программаялда рекъон, Дербенталда байбихьун буго гьеб масъа­ла тIубазабизе. Цогидал шагьаразеги хIадурулеб буго проекталъулгун сметаялъул документал».

 

 

Къадир ГIабдулгIазизов (РГВК «Дагестан»): «Республикаялда гIумруялде рахъинарулел руго «Дир Дагъистан» абураб программаялъул проектал. Кинаб проект жакъа рикIкIунеб аслияблъун?»

ХI. Султанов: «Гьел киналго руго кIвар бугел. ЦIикIкIинабуна гьез­де харж гьабулеб гIарцул къадарги. Масала, «Дир Дагъистан – Дир ну­хал» проекталъе бакIазул муници­палитетаздаго тана транспорталъул магъало. Гьеб кинабго хIалтIизабизе буго муниципалитетазул нухал къачIазе».

 

 

Диляра ХIасанова («Мирмол»): «МугIрузул росабалъа гIадамал гочунел руго гIатIиракьалде. Гьеб рахъалъ щиб гьабулеб бугеб?»

ХI. Султанов: «Нухги, газги, токги, социалияб инфраструктураги гьечIони, гIумру гьабизе захIмалъула. Аслияб масъала буго хIалтIудалъун гIадамал хьезариги. Гьел масъалаби хIисабалде росун руго республикаялъул инвестициязулаб программаялда. Ахирал соназда гIадамал гочин дагьлъун буго. Гьелъие квербакъана «Росдал тохтур», «Росдал учитель», «БакIалъул пикра­би» абурал пачалихъиял проектаз­ги росдал магIишаталъул нигIматал хIадуриялъе субсидиял кьеялъги».

 

 

МахIач Вердиев («Дагестан РИА»): «Кида букIине бугеб кон­курс ва кида лъазе ругел гьелъул хIасилал?»

ХI. Султанов: «Пачалихъияб про­грамма гIумруялде бахъинабиялъул мурадалда ДРялъул республикаялъ­улаб бюджеталда исана бихьизабун буго 70 млн гъурущ. Гьеб гIарцухъ тIобитIизе буго анкьго тадбир: ун­къоялъухъ кьезе буго 50 проценталъ­ул субсидия (лъабго млн гъурщидаса тIаде унареб) – гьел рукIине ккола инвестициязул проектал (кванил нигIматал хIадурулел алатал роси, гIисинал теплицаби рай, кванил нигIматал цIунулел бакIал рай, про­мышленияб къайи хIадурулеб пред­приятие гIуцIи яги цIигьаби).

Лизингалъухъ (хадубккун гIарац бецIизеги тун) росдал магIишаталъул предприятиялъе хIажатаб техника босизе ккани, предприятиялъ гIарац тIаде жубазе ккола техника кьолеб идараялъул капиталалде («Дагагрос­наб» ОАОялъе) (10 млн гъурущ).

Программаялда гIахьаллъиялъул хIакъалъулъ хитIабал къабул гьа­ризе руго августалда. ДРялъул хIукуматалъул хIукмуялда рекъон, хIасилал гьарун рахъине ккола 30 октябралде».