Хабар

ЯхI

 

ГIонсода тIад лъураб, чIахIиял бидурихьаз басараб, жиндирго кверда нилъуги базабун, годекIанив гIодовчIун вукIарав херасда аскIове вачIана гIолохъанчи. Саламги кьун, гIодовчIун вахъиналде, гIолохъанчияс кисиниса бахъана «Казбекалъул» пачка. Папиросалда цIаги лъун, кIкIуй бахъулев гьесухъ кьурунги вуссун, лъикI валагьана херав.
Намуслъарав гIадинги лъугьун, гIолохъанчияс кисинир лъолел рукIарал папиросал херасда цере ккуна:
– БухIиларищ, кIудияв чи?
– Гье, гьитIинав чи, кIудияб баркала! – ян чарлъарал михъазулъе гьимана херав. – Дуда рухIдаллъун гурев дун валагьулев вугев, дуда гурхIунин.
ГIолохъанчи, абизе жо лъачIого, гьалгъан хутIана. Гьес, кIкIуйги бахъичIого, хъалиян жибго лагьулеб букIана. Пикру гьабулев гIадин дагьаб мехалъ валагьун чIунги вукIун, цинги херас бигьа гьабун абуна:
– Гьеле, гьев мун гIадинав вугеб мехалъ гIантав вукIана, дир вас, дунги. Чанги бухIана гьеб байтулман дицаги. ЯхI гьечIеб жо буго гьекъолеб жоги хъалиянги, гьезда аскIор дагьалги яхI гьечIел руго нилъ, цо-цо гIадамалги. Воре, кIочон тоге дир рагIаби! Кида-къадниги ракIалдещвезеги бегьула дуда гьел.
Гьанже рекIеда ватана гIолохъанчи.
– Тезе кIолареб жо бугила гьабилан абула, дицани жеги хIалги бихьичIо, гьел рагIабаз­да божизеги кIолароха, кIудияв чи. Амма дир мадугьал, дурги гьудул, БолоцIиласул ХIажиявни щибаб къойил гьедула, жакъаялдаса тIокIаб киданиги кIалдиб кквеларилан. Хадусеб къоялъ нахъойги бухIулев ватула. ЯхI гьабизе кIоларила, гIайиб гьабугейила, Аллагьас гьадинав вижун ватидал жинцаги щибдилаха гьабилеб абун вукIуна дов.
Херав гьимана.
– Гье, дир вас, Аллагьасда бараб жоги гьелъул щибго гьечIо, мун гIедегIун ватичIони, гьеле гьеб яхIалъул бицина дица дуе цо хабар.
– Бице дурго, дун кивего гIедегIун гьечIо, – янги абун, дагьавги аскIовегIан къана гIолохъан­чи.
Херав цин бадиса магIу бачIинегIан хъухIудана, цо щибалиго ракIалдещвезабулеб гIадин, къапезарун жиндирго къваридал, амма жеги хъергъудал гIадал цIодорал бералгун рикIкIаде, мугIрузде валагьана. Цинги, къадалъ гамач­I лъолев чияс гIадин, щибаб рагIиги буцIун, къотIун, къачIалаго байбихьана:
– Дир вукIана лъикIав гьудул. ДагIа букIана досда цIарги. Гьеле, гьанже мун гIадинал гьитIинал гIолохъаби рукIана ниж. Бихьинчиясда тIадабги рекъарабги жойилан ракIалдеги ккун, кIудияздаса балъго, хъалиян бухIулаан. ХIасил-калам, квелъ биччан рукIунаан.
Цо нухалда къотIносан унев дида данде вачIунев вуго ДагIа. АскIовегIан щолеб мехалъ, гьев тартадизе лъугьана. Гьединаб махсара гьа­бизе бокьулев чи вукIана дов. КIалдибе щибго босун гьечIониги, мехтун, вилълъине кIолареб хвелги гьабун, дида живго рокъове ваччун вачинавулаан. Дос гьединал жал гьарулаан хасго гьекъезе бокьараб мехалъ. Дида гьудуласул хIиллаги хIалги лъаларищха?
– Гьа, хабар тун вукIа, довегIанисан вихьанин, расги букIинчIин, – ан тIирун чIана дун,
Рилълъана ДагIал доре. Гьекъана чIагIа. «ДагIаги чIагIаги цоцада рухьине руго», – ян махсарацин гьабулаан досул хIакъалъулъ гIадамаз. Рокъоб хъалияналъул кIкIуялъ чIурх лъуна. Гьебмехалъ ягъана ДагIал эбел:
– Гьаб щиб нужеца гьабулеб жо, ургьимес къвагъизе бокьун батани, дир къанда щай лъолареб?
Гьел рагIабаз, битIараб бицани, нижеда яхI гъуна. Нижеца, кьабун квералги росун, къотIи гьабуна, тIокIаб киданиги хъалиян бухIунгутIизе.
Ана анкь, ана моцI. Дие гIолеб гьечIо цо щибалиго. ЧанцIул пикру гьабуниги, гьадабго хъа­лиян батула гIолареб жо. «Йохъ, – ян кьварун чIола дун, чаран лъола рекIелъ, — илбис буго гьеб, гьелъул мурад дица гьабиларо».
Ана чанго моцI. Толаро рахIат. Хъалияналъул цо кIкIуй бахъани, гIаршиналъ кIудияв гIолилан кколаан ракIалда.
ЦIибалеб рукъалъул тIохде ракь рехулев вуго цо къоялъ дуца абулев ХIажияв. Гьабуна гьесие кумек. ЧIана хIухьбахъизе. Кьурана дос хъалиян. Дихъеги танхьил таргьа бегьулеб буго. «Йохъ, ДагIада рагIани, къадараб жо ккела, гьедигIанго загIипав чийищха дунго кколев?» Кин букIаниги, инкар гьабизе къуват гIуна. Гьеб къоялъги цIачIо. Нахъияб къоялъ цевеса унаро гьурмада гьоло-гьологIанасеб гIетIги бан, бохалда бохги базабун, лазаталда хъалиян лагьулев ХIажияв, хIулагийин досул гьадингоги лъедерал михъазул жал. ХьвагIана киналдего квер: ДагIадеги, гьеб къолъизегIан гьабураб яхIалдеги. Вилълъана тукаде. «Любительский» абун рукIунаан доб мехалъ цо папиросал. Босана лъабго пачка, лъуна кисиниб.
…Кивеха гьанже цо хIалхьезегIан кIкIуй бахъизе инев, ДагIада вихьуларелъуве, рагIуларелъуве. Вилълъана гIурул рагIалккун, росдадаса лъикIалан рикIкIаде. Жемана «Варани» гохIде нахъе. ТIерхьана берда цебеса росу. РакI парахалъана гьанже. ЦIа лъезегIанго буго дир кIалдиб папиросалъул тату. СанагIатаб, гIадамасул берщолареб бакIалдейин абун гIодовчIезе лъел рагIалда бугеб кьурде нахъе лъугьунев вугев дир битIахъего бохдул сородана, ракI данде къана, дидаго дирго гьумер бихьулеб букIарабани, гьеб къоялъ дун гьелъукьа хIинкъилаан. Кьер тIун кагъат гIадин лъугьун букIун батила гьеб; дидехун мугъги кьун, лагьиялда, хIухьел босичIого, хъалиян бухIулев вуго цояв. ЛъикI бералги кIвекIун, къуватги бакIарун, лъикI валагьанагури, вугоха вац, ДагIа. Виххун хутIана дир хIатIил сасихъе нахъе валагьарав довги. ТIадго ккурав цIогьор гIадин багIарлъун вахъана, цинги хъахIлъана гьев. ЦIакъ квеш букIана досда. Амма къуват бакIарана, дида бацIица гIадин берал речIчIизаруна. Щаклъарав куц вуго, щвартIан кIанцIунги вачIун, дир кисабаз­да хурхана. Дица биччалареб гьесул квер кисинибе. ЛъикI кIвекIарана гьенир. ТIаде рахъараб мехалъ, хIелкал гIадин лъугьун рукIана кIиялго. Панкъал гIадин лъугьун ругоан кисинир папиросалги, гъура-чункун, чухIун рукIана гьел. ГIемераб мехалъ кIиясдаго абизе рагIи батичIо. КIалдибе рагIиги кинха бачIинеб, хIухьел босизе кIоларого ругелъул ниж. Цеве кIалъазе, щиб абилебали, лъиде гIайиб рехилебали, щиб багьана бачинебали ургъизеги лъихъанго бажарулеб букIинчIо.
Гьебмехалда жиндихъго рукIарал папиросал хIалкIвараб бакIалде хьвагIун гIурулъе рехана ДагIаца. Цинги кьурун вуссана дир рахъалде.
– Дуцаги рехе!
Цоцада къвалалги ран, берда цереса тIерхьинегIан ралагьана ниж, цин раккун, цинги рукъун, лъеца росун унел папиросазда хадур. Гьереси нажас буго, битIараб бицани, ракIни бухIун букIана дир дозда хадуб. ДагIае щибха бугеб, дос хIалхьезегIан кIкIуйгIаги бахъун бугелъул? Дир хIал бичIчIараб куц буго, ургъунго дида тIад велъулев гIадин, ДагIаца ахIун биччан тана:
– ЖужахIалъуре щун гурони чIоге. Къо-мех лъикI!
… Гьелдаса хадуб кIиясго я балъго, я рагьун тIокIаб кIалдиб кквечIо хъалиян абулеб жо, гьелъул махIцин аскIобе къазе течIо. Хун ана ДагIа, мунагьал чурун ратагийин, кьураб рагIи дос хвезабичIо. Дос яхI гъуна дидаги.
Херав лъалхъана, цинги жиндаго цебе ракьда гIонсоца цо киналалиго мухъал рахъулевги вукIун, нахъеги гIолохъанчиясдехун вуссана:
– Бугищха гьениб Аллагьасдаги, чиясул вижиялдаги бараб щибго жо? Дицани абилаан, гьечIилан. Гьеб бараб буго живго чиясда, гьесул яхIалда. Хадуб ругьунлъунги ккана, тIокIаб къасдго ккечIо. БолоцIил ХIажиясни теларо гьанже хъалиян, долъ дов живго тани гурони. Дудани дица абилаан, гIолохъанчи, бухIуге гьеб загьруян!
Тажудин Таймасханов