Кагътилалъул бакIалда электроннияб

2020 соналъул 1 январалдаса хадуб къуваталде лъугьана РФялъул президент Владимир Путиница гъулбасараб, электронниял захIматалъул книжкабазул хIакъалъулъ закон.

Гьелда рекъон, 2020 соналъул 31 декабралдаса хадуб, тIоцеве хIалтIуде лъугьунев чиясул хIалтIул баянал хъвазе руго электроннияб къагIидаялда. ГьабсагIаталда нилъеца хIалтIизабулеб тайпаялъул книжка гьесие рагьуларо. ХутIарал хIалтIухъабазул ихтияр буго захIматалъул книжка бугеб хIалалда хадубккунги хIалтIизабизе ялъуни электроннияб къагIида тIаса бищизе. Кинаб къагIида тIаса бищулебали, гIарзаги хъван, хIалтIухъанас нухмалъулесда лъазабизе ккола 31 декабралде щвелалде. ХIалтIухъанас гьединаб гIарза хъвачIони, нухмалъулес гьесда хадубго тола «кагътилаб» книжка. Нухмалъулесда (хIалтIи кьолесда) тIадаб буго ЗахIматалъул законодательствоялда ккарал гьел хиса-басиязул хIакъалъулъ 30 июналде щвезегIан щивав хIалтIухъанасда (кагътидаги хъван) лъазабизе.