«ХIакъикъаталъул» гъасда ЧIАРАДА

Советияб армиялдаса тIад­ву­сса­­ралдаса нахъе жакъа къоял­де щвезегIан дица кидаго под­писка гьабуна нилъер респуб­ликаялъул «БагIараб Байрахъ», гьанже «ХIа­къикъат» ва районалъул «ГIия­хъан», гьанже «ЧIарада» га­зетазе.

Дун почалда хIалтIана 18 соналъ. Гьеб заманалда гIадамаз хъва­лаан гIемер батIи-батIиял га­зе­тал. РакIалда буго, 90-абилел со­­наз «ХIакъикъат» газеталъул ти­­раж цохIо ЧIарада районалда ба­ху­наан 1800-1900 экземпляралде, «ГIия­хъан» газеталъулин абуни – 3500-ялде.
Кинал нилъ магIарулал рукIунел нилъер мацIалъулги газетазулги хIурмат гьабуларел? Хал гьабе нужеца, «ХIакъикъат» газеталъул подпискаялъухъ бащдаб лъагIалие уна 500 гъурущ, «ЧIарада» газеталъухъ — 250 гъурущ. Харж бугел чагIазе, пенсионеразе гьеб гIарац цо лъагIалида жаниб кIудияб къадар кколаро.
Советияб заманалда нилъер район подпискаялъул рахъалъ Дагъистаналда букIунаан 3-4-абилеб бакIалда.
ГьабсагIат «ХIакъикъат» газета­лъул редакторлъун хIалтIулев ГIу­махан ГIумахановасухъа къокъабго заманалда жаниб бажарана газета гIадамазе рекIелъ босараблъун гьабизе. Гьелдаса бихьулеб буго гьев чиясул нилъер ВатIаналде, магIарулазде, мацIалде бугеб рокьи, миллаталъего лъикIлъи гьабизе бугеб хIасрат. Щиб лъугьараб цо миллионалде гIагарун чи вугеб магIарул миллаталъе? Щай нилъ кIвахIаллъулел анкьие нилъер умумузул мацIалда бахъараб цо-кIиго газета цIализе, щай барахщулел дагьалго гъурщазда?
ГьабсагIат Дагъистаналда «ХIа­къикъаталъул» тираж щуазаргоялде гурони бахун гьечIо, цIакъго дагьлъун руго райгазета хъвалелги. ГьедигIанаб къадар газетазул кIола 3-4 районалда хъвазе.
Дица рикIкIуна нилъ рухIияб рахъалъ нахъе кколел ругин. Культураялъул гъасда цIакъго кIвар бугеб кколеб газеталъе подписка гьабичIого кинго тIубаларо. Щибаб хъизамалъ хъвазе ккола магIарулазул аслияб газета ва жидерго района­лъул газета. ГьадигIанго кIвар гьечIел нилъеда кинан кIвезе бугеб магIарул мацI цIунизе? Лъималазда, лъималазул лъималазда гIагараб мацI лъачIого хутIизе кIудияб хIинкъи буго жакъа. РачIа, магIарулал, нахъе тIамичIого, киназго цадахъ районазда, росабазда гьоркьоб къецги ахIун, «ХIакъикъат» ва нилъерго бакIалъулал газетазе подписка гьабизе. Нуж божа, гьелдалъун кIудияб квербакъи букIина жалго газетазул коллективазе гуребги, тIолабго нилъер миллаталъе! Газетал гIу­цIу­лелги кидаго ратизе руго халкъалъе хIажаталъур.
Рахьдал мацIги цIуне, магIарул газеталги хъвай!