Гьобол вачIунареб къо бачIунгеги

Нилъер щивасул буго гIумруя­лъулги гIадамазулги тIехь.

Зама-заманалдасан гьенире раккидал, нилъеда ратула цIакъго хириял тIанчалги. Унго-унголъунги гьезулъ батулебщинаб хинлъиха. Гьел му­хъаз гIажаибго берцинал накъищал угьун рукIуна нилъер къисматалда. Гьалбадерил горсверуда бижун бачIунебщинаб махсара-хочIги ре­кIелгъейги. Щибдай гьединаб берцинаб гIадаталъул багьа! Анкьумумузго нилъехъе ирсалъе кьураб гьеб берцинаб гIадат-гьобол къабул гьави — жакъаги тIегьалеб буго. Гьоболасе гьабулеб адаб — гьеб ккола нилъер намусалъул тIадегIанлъиялда чIвараб байрахъ. Гьеб парпалеб букIуна, нилъер гIумруялъе гьогьенги гьабулаго. Гьеб гьогьеналъул рогьеллъун ккола гьобол разилъи ва нилъее гьоболас кьолеб баркала. Нилъедаса гьесул разилъи – гьеле яхI-намусалъул тIогь.
БогIол рокьи – гьеле гьеб гор­сверуда бижулеб хIикматги. ГIемер рагIана умумуз такрар гьабулеб гьеб калам — богIол рокьи. Амма жакъа дида ракIалде ккола гьеб рокьи загIиплъулебцин гьечIодайилан. Гьеб мукъсанлъанагIан, мукъсанлъулеб буго цоцазе кьолеб хинлъи, сунеб буго адабалъул нур. БогIол рокьи цIилъани, цIилъизе руго дунялго бахилал нилъер гIадаталги гIамалалги. Беричлъаги, берцинлъаги нилъер гIумруялъул тIехь гьалбадерица гьенир хъвалел цIи-цIиял гьурмаздалъун. Гьанже гIадал шартIалги рукIинчIо дун гьитIинаб мехалда гьоболасе, хасго магIарухъ. ЦохIо рокъор жанир рега-рахъунги рукIунаан. Хасало печалъуб беролеб цIадухъ бокьулаан гIенеккизе гьалбадерица рицунел кополал харбазухъги, лъугьа-бахъиназухъги. Доб мехалда пикру гьабулароан, гьан­жейин абуни, зама-заманалда­сан чIвала печалъуб бухIулеб бу­кIараб цIадулги ракулги гьуинаб махI. Унго-унголъунги гьелъул гваргвариялде ракIгъолеб букIараб куц. Бокьулаан гьалбал рачIине, гьел къабул гьаризе. Гьезги цадахъ босун бачIунаан гIажаибго берцинаб гогьаралъ гвангъизабураб рокьи. Гьеб букIана гучаб рокьи, гьоболасда кодоб гурони чIаголъулареб. Гьединаб рокьул цIеги нилъер щивасул ру­къзалги, ракIалги, гIумруги…