«Лъеда полоп гIадин гьелчелел» течIого…

14 январалда «ХIакъикъат» газеталъул редакциялда данделъун рукIана магIарул районазул газетазул бетIерал редакторзаби. Гьезул гIемерисез бицана гьединаб дандчIвай цебего хIажат букIанин ва дандразе ккарал суалалги гIезегIан ругин.

ГIумахан ГIумаханов, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор:
— ГIаммаб иш гьабулел чагIилъидал нилъ, дие бокьун буго нилъер киназулго бухьен щулалъизе. Бихьулеб буго, ахираб заманалда, гIемерисел цоцаздаса батIа кIанцIун чIун рукIин. Бокьараб мехалда, нужерго рокъоре гIадин, рачIине бегьула нуж гьанире.
Нижедасан райгазетазе гьабизе кIолеб жо батани, гьелъулги бицине бегьула нужеца гьаниб. Масала, ниж хIадур руго зама-заманалдаса магIарул щибаб районалда хурхарал гьурмал «ХIакъикъат» газеталдасан кьезеги.
Гьединго кватIичIого магIарул районазда хасал мухбирзабиги тезе ракIалда буго. Гьединал чагIи кир ралагьизе бегьулелали нужергун дандбазеги къваригIун буго. БакIаздаса информация щвезе райгазетазул хIалтIухъабазги кумек гьабиялде хьулги буго.

Зикрула Ильясов, «ХIакъикъаталъул» бетIерав редакторасул заместитель:
— Нилъеца цадахъ тIоритIизе бегьула батIи-батIиял тадбирал. Масала, гьелда гьоркьобе уна щибаб районалда «ХIакъикъаталъул» къо тIобитIиги.
Гьединго магIарухъ гIемерисезда щвалде щун лъаларо республикаялда кколел лъугьа-бахъиназул цо-цо хаслъабазул, гIузрабазул хIакъалъулъ. Дида лъикIаблъун бихьула малъа-хъвай хIисабалда нижеца анализ гьабун хъвараб макъала моцIида яги кварталалда жаниб цо нухалъгIаги районазул газетазде битIизе.
Исана улкаялда байбихьулеб буго халкъалъул къадаралъул хъвай-хъвагIай гьабизеги. Гьелдеги хIадур рукIине ккола нилъ. МагIарулазул хIакъикъияб къадар дагь бихьизабизе, нилъ рикьизаризе хIалбихьиял гьарулел руго цо-цо чагIаз. Цогидал миллаталги гIисин гьарун (масала, лезгиязул бакIалда рутулал, агулал абун), кIиго мацI бугел магIарулалги цойиде хъван, кидаялиго ГIабдурахIман Данияловас Дагъистаналъул халкъазда гьоркьоб рикьи ккезабунин абураб пикру билълъанхъизабулел руго цо-цо чагIи. ХIакъикъаталда абуни, 1925 соналдаго гьеб хъвай-хъвагIай гьабун букIана Нажмудин Самурскияс. Халкъалъул къадар мекъи бихьизабизелъун магIарул районаздагицин гьес гьарурал хIалихьатал жалазул хъвараб макъала буго тарихчи ШагIбан ХIапизовасул.

Пайзула Пайзулаев, «ХIакъикъаталъул» бетIерав редакторасул заместитель:
— ХIакъикъаталдаги аваралин абураб цIаралъ нилъер миллаталда гъорлъ ругел жидер мацIазул хасаб лугъат бугел магIарулал дагьалъ нахъе туркIулел руго. 16 декабралда гьаб редакциялда букIараб магIарул интеллигенциялъул данделъиялде ахIун рукIана мацI батIиял магIарулал. Гьелдаса гIезегIан ра-зигоги хутIана гьел. Нижеца гьезул мацIазда гьурмал кьезеги байбихьун буго.
Амма гьезул жидерго газетал гIурус мацIалда рахъулел рихьана дида. Гьелъул магIна щиб?
Жибго райгазетазулгун «ХIакъи-къаталъул» гьоркьоблъиялъул бицани, кIудияв вацасухъе гIадин, бокьараб мехалда бокьараб ишалъ рачIине бегьула гьанире.
Цебе редакциялде щибаб районалдаса газета бачIунаан, амма гьанже гьеб къагIида гьечIо (гьоркьо-гьоркьоб «Гумбет» газета бихьула).
Бокьилаан нуже-нужер мухъазда ругел росабазул тарихалъул, тIабигIаталъул хаслъабазул, машгьурал гIадамазул, фольклоралъул хIакъалъулъ хъварал макъалабиги нижехъе ритIани.

Мухтар Чупалаев, «Чапар» газеталъул (Казбек район) бетIерав редактор:
— Райгазетазул редакторзаби «ХIакъикъаталъул» редакциялде данде гьарулел ругин ахIи тIаде щведал, дида гIадлъизецин гIадлъана – мекъицин кканадай абун.
Цо кечI гьечIищ ахIулеб «Духъе хъвараб кагъат лъадухъеги щун, лъеда полоп гIадин гьелчелев вуго» абун. Гьеле гьедин хутIун руго нилъ киналго ахираб заманалда.
БакIалъул газетал рехун тун руго. Гьезул хIалтIухъабазе моцIрое щолеб мухьги кутакалда мукъсанаб буго. 10 азарго гъурущ щиб жо гьаб заманалда. 1996 соналдаго рукIарал тарифазда рекъон кьолеб буго нижее гIарац.
Гьанже бицинин цоги унтул. Поч-тайин абун буго цо идара. Нижер газеталъул багьаялъул 60 процент гьелъ уна. Нилъ хIалтIулеб къоялъ поч хIалтIуларо. Масала, итниялъ бачIуна «Чапар» газета. Росулъе гьеб щола арбагI къоялъ. Амма гьелде регIун йикIунаро гьеб бикьулей гIаданги (ункъазарго гъурущ гурони харжги щоларо гьелъие). Гьединлъидал гьелъ газета тIасияб итниялде щвезегIан тола бикьизе. Гьеб мехалда цIалараб гьелъул пайда щиб?
Цо нухалда машинаялда ре-кIинарурал нухлулазда гьикъана дица «Чапар» газета хъвалебищин нужеца. Цоялъ абуна лъикIал макъа-лабиги рукIунила гьелда, амма исана хъвачIилаха жинца. Щайгурелъул поч бикьулей гIаданалъ гьелда абун рагIула хъвагейин, чIере, Асият, исана газета — дур мина росу тIарада бугин, гьединлъидал дое щвезегIан ячIине жиндихъа бажаруларилан. Гьанже хIисаб гьабеха – заманалда поч щай бикьуларебин гьезда кIалъалев чиги гьечIони, нуж щиб гьабулел ругелин нижеда цIехолев чиги гьечIони, хIалтIи лъугьунебищ?

ПатIимат ГьитIинова, «Цолъи» газеталъул (Шамил район) йикIарай бетIерай редактор (гьанже «ХIакъикъаталъул» рухIиябгун маданияб отделалъул редактор):
— Районалда хIалтIулеб мехалда дир йикIана лъикI гьидерил мацI лъалей, шагьаралда гIурай заместитель. Цо къоялъ гьелъ бицана рахьдал мацIалъул дарсал захIмалъулел рукIун, жинца жиндирго лъимал гIурус мацIалъул дарсиде ине риччанилан. Гьеб параялъго дица гьелда абуна хIалтIудаса нахъе ине гьабсагIатго гIарза хъвайилан. Школалъул директорас бичIчIизабун гьечIо гьелда рахьдал мацIалъул кIвар. Амма диргун кIалъаялдаса хадуй гьей намуслъана, тIаса лъугьаянги абуна. Гьедин биччан тун буго цо-цо нухмалъулез рахьдал мацIалъул иш.
Нилъерго хIалтIул бицунеб бугони, дица абила районалъул газета-лъул хIалтIухъабазул харжазулги, подпискаялъулги, почалъулги суалал районалъул нухмалъиялда рарал ругилан. Дица гьезда абуна дун йигин нужее гьабун цIурачед цебе лъолей чIужу. Нужеда гьеб кваназабун дихъа бажаруларин. Гьаб «рестораналъул» бетIергьабиги нуж ругин, гьелъул хайирги нужее бугилан. Жакъа районалъул бетIерасе хIажат батичIони администрациялъул политика щибаб росулъе щвезе, мугIалимасеги цогидасеги къваригIун букIунаро гъоб. Амма нижер районалда газеталъул подписчиказул 99 процентни мугIалимзабазул буго.
Хадусеб масъала буго хIалтIизе чагIи ралагьиялъул. Дун райгазеталде ячIаралдаса араб 12 соналда жанив чанги чи ана гьениса нахъе – щолеб харжалда рекъечIогоги, хIалтIул къагIида дандеккечIогоги, цогидалда банги. Ханасул васасе яс хъирщулей гIадин, унаан дун районалъул росабалъе газеталда хIалтIизе чагIи ралагьизе. Жакъа дица дирго бергьенлъилъун рикIкIуна доя редакторлъун тарай гIадан хIадуризе бажари. Дица гIемераб хIал кьуна гьелъие гIоло. РакI-ракIалъ гьелъухъе кодобе гьеб хъулухъги кьун ячIана дун гьаниеги.
Ралагье гьединал чагIи. Хасго учительзабазда гъорлъ дандчIвазе бегьула гьел. Щайгурелъул гьел рукIуна хIалтIи гIуцIизе бажарулел чагIи.

МухIамад СултIанов-Барсов, «Дидойские вести» газеталъул мухбир, ЦIунтIа район:
— Нилъер, магIарулазул, 800 азарго чияс речIчIараб жо гIужда щвезе ккани, идеология букIине ккола. Цо кваралъ рухьарал чагIи рукIине ккола нилъ киналго. РухIияб квар ккола гьеб. (Хадуб гьес загьир гьабуна магIарулазул гьединаб идеология гьечIин абураб пикру, амма данде-лъарал гьелда разилъичIо – автор).
Гьединго, дир хIисабалда, гIурус мацI лъикI лъанагIан, лъала магIарул мацIги (рагIаби рижулеб, хисулеб къагIида, батIи-батIиял сверелал). Дида бихьулеб буго магIарулазда гIурус мацI, цогидал миллатазда дандеккун, мукъсанго лъалеб букIин. Гьединлъидал цогидаздаса лъикI гьеб лъазабизе къеркьезе ккола магIарулал (амма гьеб пикруялдаги разилъичIо данделъарал – автор).

МухIамад ПатахIов, «Гьудуллъи» журналалъул бетIерав редактор:
— Цере гIемер тIоритIулаан хъвадарухъабазулгун дандчIваял. Гьанже абуни гьел къанагIалъун руго. Гьеб гIадат цIигьабизе къваригIун буго. ХIакъикъаталда абуни хъвадарухъанас гьабула мацI.
Гьединго гьанже гIемер бицуна рахьдал мацI лъугIун-тIагIун унеб бугилан. ХIатта, модаялде ва жидеего рекламаялде сверизабулебцин буго гьелъул бицин. Гормендабиги чIван, чухъабиги ретIун кьурдунилан мацI цIунуларо. Гьелъие гIоло тIаделъизе ккола хIакимзабазде. Гьезда тушман киннигин рихун буго рахьдал мацI. Нужерго эбел-эмен хведал, дугIа щиб мацIалдайин нужеца гьабизе бугебилан абун гьикъизе ккела гьезда, тIокIаб жо гьечIониги.
МагIарул тарихалда, маданияталда тIасан суалалги кьун магIарул мацIалда тестал кьезе тIамизе лъикIан гьел хIакимзаби.
Гьединго жакъа магIарул районазул нухмалъулез жидерго данделъаби гIурус мацIалда щиб гIиллаялъе гIоло рачунел жал?
МагIарул районазда росабазул, идарабазул, цогидалъул цIаралги щай магIарулалъ хъвазе бегьуларел?

Саният КъебедмухIамадова, «Ахихъан» газеталъул (Унсоколо район) бетIерай редактор:
— Нижер районалъул бетIер ГIиса НурмухIамадовас кутакалда кIвар кьола магIарул мацIалъул рацIцIалъи цIуниялде. Данделъаби гIурус мацIалде сверулел ругони, гьоркьор къотIизарула гьес, нилъ магIарулал гурелищанги абун.
Гьел СМИязул рахъалъги цебетIей буго нижер доба. Сайталги руго хIалтIулел. Амма гьабгощинаб мехалда хIалтIулей йикIаниги, жеги гIайиб ккарай гIадан йикIинчIо дун. Гьанже цо-цо гIиси-бикъиналин ккарал жалазе гIоло Роскомнадзоралъ къакъазе байбихьун руго. Гьединаб мехалда малъа-хъваял гьарулаан Информациялъул министерствоялъ. Гьанже гьединал жалазе жаваб жалго редакцияз кьезе кколеб бугоха.

Расул Ражабов, «ЛъаратIа» газеталъул (ЛъаратIа район) бетIерав редактор:
— Нижееги захIматаб суаллъун лъугьун буго газеталда хIалтIизе чи валагьи. Гьале кIиго моцI буго дир мухбирлъун хIалтIизе чи валагьулелдаса. Амма цоял руго мацI лъалел, пикру гьечIел яги пикру бугел, амма мацI лъаларел. ТIадежоялъе, харжги буго мукъсанаб. 10-12 азарго гъурщихъ райцентралде газеталде хIалтIизе вачIине разилъулев чиги гьечIо.
Райгазетазул цебетIей 90 проценталъ районалъул бетIерасдагун редакторасда бараб жо буго. Нижер подписка буго 800 экземпляр. Бищун гIемер гьел хъвала школазги рикIкIада ругел росабазул жамагIатазги.

МухIамад Къебедов, «Гъуниб» газеталъул бетIерав редактор:
— Райгазетазда рахъулел (гьенире ритIун рачIунел) макъалабазул даражаялдеги кIвар кьезе ккола. Дун гьеб хъулухъалде ккараб заман букIана. Газеталде рачIунел макъалаби я тематикаялъул, яги хъвавул къагIида данде ккунгутIиялъ, гьел нахъчIвазе байбихьана дица. Гьезда гьоркьоб букIана прокурорасул (цевесев) макъалаги. Жинца хъварал жал щай рахъуларелин ахIун бачIана гьес. Гьеб мехалда дица гьесда гьикъа-на дуца гьел отчеталъе рукIине ритIулел жалищин гьанире яги гьездаса гIадамазе пайда букIинилан ритIулелищилан. Щайгурелъул я гIадатиял гIадамазда бичIчIулеб, ялъуни гьезие хIажатаб жо гьениб букIунароан.
Гьединлъидал редакторас жиндирго рагIи билълъинабизе ккола. Гьеб мехалда бачIуна иш рукIалиде.

ГIубайдула Малачдибиров, «ЦIумадисезул гьаракь» газета-лъул бетIерав редактор:
— Гьаниб абулеб букIана щибаб лъагIелалъ 200 подписчик дагьлъулин газеталъулилан. Гьеб битIараб буго. 2200 чияс хъвала нижер газета. Гьелъие аслияб квербакъи гьабула къисматалъ жал гIодоблъиялде гочарал цIумадисезул росабалъа гIадамаз. Дун щвана Хасаюрт районалда инхокъварисел чIараб росулъе. Жидерго хасаб мацIалъул чагIи руго гьел. Санайилго нусгоялдаса цIикIкIун газетаги хъвала гьез. Амма районалда бищунго кIудияб росу буго ТIинди. Гьениб гьеб хIалица бахуна нусиде.
Гьадал гIодоблъиялда ругел инхокъварисез абула нилъеда гьоркьоб бугеб магIарул мацI жидехъе щвезабулеб алатлъун нужер газета бугила, гьединлъидал гьеб хъвачIого киндила телеб?
Гьединаб мехалда дун хIикма-лъула магIарухъ ругел рахьдал мацIалъул учительзабаз журналал гIурус мацIалда цIезарулел рукIиналдаги, районалъул хIа-кимзабазе бичIчIизе захIмалъулеб букIуниланги абун данделъаби гIурусалъ рачиналдаги.

Якъуб ГIабдулаев, «Росдал захIматчи» газеталъул (Хунзахъ район) жавабияв секретарь:
— МагIарулаз магIарул мацI бицине, гьеб мацIалда хъвадаризе ккеялъулги бицунеб бугелъул, дир цо суал буго «Дидойские вести» газеталъул вакиласе: «Цониги гьумер магIарулалъ биччазе хIал щай бихьулареб нужеца?»
— Бихьила, — ян жаваб кьуна МухIамад СултIанов-Барсовас.
Дир цо гьадинаб гьари буго нужеде. Райгазеталги гъорлъ гIахьал гьарун, бищун лъикI хъвадарулев чи тIаса вищиялъул конкурс щай «ХIакъикъат» газеталъ лъазабулареб?

ГIайшат Малачиева, «Лачен» журналалъул бетIерай редактор:
— Нужеда кколеб батила гьитIинабго «Лачен» журнал гьабизе щибин къваригIунеб? Валлагь, захIмат буго лъималазе асарал хъвалел чагIи гьечIолъиялъ. Гьединлъидал нужеда гьединал гIадамал лъалел ратани яги лъималазе рокьулел асаразде тIаде ккани, нижеда лъазе гьабе. Журналалъул багьаги 150 гъурущ буго. Почалъ кватIун щвезабулеб батани, гьелда хадур редакциялдеги рачIине бегьула.

МухIамадрасул ГIумаров,
«Авар басмабазул» цолъиялъул нухмалъулев:
— Нужее кIиго малъа-хъвай гьабилаан дица. Социалиял гьиназдаса гIебеде газета машгьур гьабизелъун нужерго газетал къватIире рачIиндал ПДФ формат щай интернеталде рехулареб? Цо-цояз гьабулебги буго гьеб.
КIиабизе. Райгазетазде хIалтIизе чагIи щунгутIиялъул бицунеб бугелъул, хъвадаризе дагьабниги пагьму бугел гIолилал тIатинеги гьарун, ДГУялъул журналистикияб отделениялде цIализе росизе квербакъеян гьаризе бегьуларищ гьелъул ректорасда? Яги дун хIадур вуго гьединаб хитIаб нижерго цолъиялъул цIаралдасан хъвазе.
Гьединго чанго сон буго нижеца www.avarpressa.ru абун сайт гIуцIаралдасаги. Щибаб районалъул газеталъегун «ХIакъикъаталъе» ва журналазе тараб бакIги буго гъоба. Амма цIакъ бокьуларого гIадин журалел руго гьелда гъорлъе. Гьенир щивас лъезе бегьула жидерго ма-къалабиги, видеоги, сураталги.
(Хадуб М. ГIумаровас «Авар басмабазул» цолъиялъул рахъал-
даса хIурматиял кагътал кьуна ГIумахан ГIумахановасе, ПатIимат ГьитIиновалъе, Зульфия ХIажиевалъе ва Баху МухIидиновалъе).

Баху МухIидинова, «МагIа-рулай» журналалъул бетIерай редактор:
— Жакъа нилъеца гьаниб бицунеб хабар рагIизе къваригIун буго министраздаги, депутатаздаги, районазул нухмалъулездаги. Гъозде нилъ гIунтIулел гьечIоха. Кин гьезде нух балагьилеб, кин гьезда гьеб хабар рагIизабилебали ургъизе къваригIун буго.
Масала, школалъул директор вукIуна районалъул бетIерасул кIалдиве валагьарав чи. Гьел кIияздаго бараб жо гIемер букIуна. Масала, классазул журналал щиб мацIалда цIезарилелали (бокьани, чачан, китай мацIаздагицин цIезабизе кIола гъозда гъоб). Гьезде тIадецуй гьабизе кIолеб къуватги умумузул комитеталъухъ буго. Гьелда гъорлъ ругел чагIаздайин абуни лъалел гьечIо жидехъго ругел ихтиярал, къалел гьечIо гьеб ишалда гъорлъеги. Гьединлъидал бокьа-бокьараб гьабулел директорзабиги руго. Гьезие абуни бокьун буго тIадчагIазда жалго берцин рихьизаризе. Рахьдал мацIалъулги лъималазул лъаялъуги гьедигIан кIудияб ургъел гьечIо гьезие.
Гьаб рахьдал мацI щай къваригIунеб жоян абураб пикру эбел-инсул ботIролъ бижизабизеги къваригIун буго. ЦохIо кванилги, ратIлилги, рихьдае жал гьариялъеги гурони пикру хIалтIулеб гьечIо гIемерисезул.
Гьезул гIайибалдалъун рахьдал мацI лъачIого хутIарал гIолохъаби руго гьанже жалго лъикIал лъугьун мацI лъазабулелги.