Газеталъул тарих ва жакъасеб къо

Исана апрель моцIалда 103 сон тIубала магIарул газеталъул тIоцебесеб номер къватIибе аралдаса.

«Заман» абураб цIаралда гъоркь бахъулеб букIараб гьелъул редакторлъун вукIана Дагъистаналъул захIматхалкъалъул цевехъан, машгьурав революционер МахIач Дахадаев ва гьесул кумекчIужулъун — имам Шамилил вас МухIамадшапигIил яс, МахIачил лъади Написат.
Газета кьабулеб букIана Темир-Хан-Шура шагьаралда, ЧIохъа МухIамадмирза Мавраевасул басмаханаялда.
Гьелдаса нахъе гьоркьоб къотIичIого, цIарал хисаниги, гьале гIасруялдаса цIикIкIун заманалда жаниб магIарулазухъе щолеб буго жакъасеб «ХIакъикъат» газета. Радиоги къанагIатаб, телевизорги гьечIеб, доб заманалда газета букIана нилъер росабалъе цIиял харбалги, дунялалда ва республикаялда лъугьунеб-толелъулги бицунеб чапарлъун, шагIирас абухъе, канлъиги нурги мугIрузда тIибитIизабулеб чирахълъун.
МагIарулазул гIумру-яшав, рукIа-рахъин, лъай ва культура цебетIезабиялъулъ гьелъ лъураб бутIа бицун хIалкIоларебгIан кIудияб буго. Газеталъул гьурмаздасан магIарулазда рагIана хIурият ккелелде цере рукIарал нилъер шагIирзабазул асарал, халкъиял кучIдул, абиял, биценал, тарихиял лъугьа-бахъинал.
ЦIадаса ХIамзатидаса байбихьун жакъа къоялде щвезегIан магIарул шагIирзабазул ва хъвадарухъабазул асарал магIарулазухъе щвана ва щола газеталъул гьурмаздасан. Киналгоязде гIунтIун гьез жидерго творчествоялъулаб ва захIматалъулаб хIаракатчилъи байбихьана магIарул газеталда хIалтIиялдаса. Гьелги ккола ЦIадаса ХIамзат, Ражаб ДинмухIамаев, Асадула МухIамаев, МухIамад Шамхалов, Расул ХIамзатов, Абакар ТIагьиров, ГIабдулатIип Шамхалов, Загьид ХIажиев, ХIамид Темирханов, Муса МухIамадов, ХIажи Залов, ГIабдулмажид Хачалов, Фазу ГIалиева, ХIажи ХIамзатов, ХIажи ГIарипов, МухIамад Сулиманов, ГIумархIажи Шахтаманов, ГIадало ГIалиев, Тажудин Таймасханов, ГIабдула Даганов, МухIамад ГIисаев ва гIемерал цогидалги.
Ана сонал, хисана замана. Буго телевидение, бачIана Интернет. Амма хисичIого щибаб рузман къоялъ къватIибе бачIуна «ХIакъикъат» газета. МагIарул мацIалда кIалъалев кIиго чи вугебгIан заманалдаги газета цIунизе ният буго редакциялъул хIалтIухъабазул. Гьелъие гъеж гурараб буго нижер коллективалъги.
Нижеца газеталъул тарихалъул бицарал мухъал хъваялъе гIилла буго магIарул мацIалдехун, магIарул газеталдехун магIарулал ургъел гьечIого ралагьулел рукIин. Бицине ккеларо нилъер мацIалъул бугеб хIал, гIолеб гIелалда гьеб лъалеб гьечIолъи, лъималазда гьеб малъиялъе улбуз кьолеб гьечIеб кIваралъул. Дагьабниги метерисеб къоялъул пикру гьабулев чияс ахIи базе ккараб хIал буго гьеб рахъалъ.
Цересел соназда азарго экземплярцин хъвалел рукIарал районазда гьел кIинусго-лъабнусго экземпляр гурого гьечIо. Гьелде рахинчIелги районал руго.
Гъоркьисайин абуни «ХIакъикъаталъул» тираж букIана 4500 газета. ХIисаб гьабеха, миллионалдасаги цIикIкIун чи вугеб магIарул халкъалъул цого-цо бугеб миллияб басмаялъул бугеб тираж. Гьебго заманалда, мисалалъе, нилъедаса кIиго нухалда къадаралъул рахъалъ дагьал лезгиязул миллияб газеталъул тираж букIана гъоркьиса 10 азарго экземпляр.
БатIаго лъагIалие подпискаялъухъ цIикIкIараб гIарац унеб гьечIелъул, гьеб гIайиб лъилали лъаларо. Нижеда гьениб бихьулеб буго цо жо – ургъел гьечIолъи. Почалъул хIалтIухъабазгун цадахъ районалъул бетIерги, лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулевги гьеб ишалде гъорлъе лъугьани, подписка цIикIкIунеблъи хIакъаб жо буго.
Миллат цIуниялъе ва цо халкъ хIисабалда гьеб тарихалда хутIиялъе аслияб шартI буго гьелъул мацI цIунун хутIи. Жакъа гIадаб бербалагьи мацIалдеги, миллияб басмаялдеги бугони, магIарул халкъалъул мацIалъул къисматалъул ахир кинабдай букIина?