ГьоцIалъ: токги дагь буго, нухалги гIайналмалъун руго

БитIун газета къватIибе биччазе хIадурлъулелъул, редакциялде кIалъан вачIана ГьоцIалъа Абулмуслим Шамилов.

 

ГIезегIан мехалъ ГьоцIалъ художественный комбинаталда жавабиял хъулухъаздаги хIалтIарав, гьанже хIалхьиялдаги вугев чи ккола гьев. Минаялда цебе лъикIаб ахги найил тIулбиги руго гьесул. Нилъеца гьелъул хIакъалъулъ цогидаб нухалда гIатIидго бицина.

 

 

ГЭС буго, канлъи гьечIо

 

 

Гьанже гьев редакциялде кIалъаялъе гIиллалъун ккараб жо бугоан гьоцIал хасел байбихьудаго токалдаса махIрумлъун хутIиги нухал хашго рукIинги.

БитIараб бицани, Абулмуслимица рехсолел гьел гIунгутIаби магIарухъ гурониги, шагьараздагицин дандчIвала. Дагьабниги гьури хуртIарабго уна гьенибги канлъи. Реццилел хIалалда нухалги гьечIо.

ПалхIасил, жидер росулъ ругел гIузрабазул бицине гьадин байбихьана Абулмуслимица:

 

maxresdefault

 

«ГьоцIдерил ракьалда бараб ГЭСги буго, токги гьечIого нижги руго.

ХIубалги чIван, кабельги цIана нижер гьаниб, анцIила хадубниги трансформаторги лъуна. Амма гьелда бараб жо токалъул тIириги батулеб гьечIо. Сордо-къоялда жаниб чанцIулго ссун, бачIун букIуна гьеб. 200-ялда хадуб букIине кколеб вольталъул бакIалда I20 букIуна.

 

PHOTO 2019 12 05 14 37 32

 

Гьелъул магIна щиб? Щибизе бараб жоха цинги нижерго ракьалда ГЭС, лъурал трансформаторал?

Хасалил заманалда кинан нижеца бетIербахъи гьабизе кколеб цIадаб лъезе цIулги, биччазе газги, босизе тIурччиги щолеб гьечIони (росулъе бачIараб гьеб тIурччиги щивав чиясе гуро щолеб босизе).

Гьеб ГЭСги, нужедаго лъалаха, нижер умумузулго рукIарал ахалги хвезарун бан бугеблъи. Бащадалъул бащдаб гурони рецIалил гIарацги щвечIо (лъицаниги гIанкъунищ гьеб, яги кибе арабали лъицаниги бицунеб гьечIо)».

 

 

Рухъа-хъварал нухал

 

 

Хадуб Абулмуслимица кIвар буссинабуна росдал нухазде.

«Лъим бачунебилан, рухъун рана хъил тIуралги тIечIелги росдал нухал. ГьабсагIаталда гIайналмалъараб куцалда хутIун руго гьел, къачIазеги къачIачIого. Цо заманалда шоферзабиги цогидал гIадамалги лъугьун рукIана жидерго гIарцухъ гьел рукIалиде рачинеян. ХIукуматалъул букIунаребищ гьединал хIажалъабазе биччалеб-толеб жого?

Цойги. Доба БухIнада нахъа (Хунзахъе унеб нухдасан ГьоцIалъе сверулеб бакI) бугеб нух хун букIана тIаса гIодобе ракьги ччукIун, кьоги биххун. Амма гьеб бакIги жибго тун, дунялалъул гIарацги тIад харж гьабун къачIалеб буго жеги азарго соналъгицин ччукIизе ракIалдаго гьечIеб бакI», — илан бицана ГьоцIалъа Абулмуслимица.  

Гьеб рахъалъ ХIариколо вугев бегавуласда бахиллъун вугоан Абулмуслим. Росдал кIалалдаса жанире щвезегIан ругила кагъат гIадал ритIарал цIур-цIурарал нухал. Гьезул хьибилалдасан рачун ругила бетоналъул рахъал (цIадал лъимги цогидабги жанибе чваххизе).

 

 

Токги букIина, нухалги гьарила. Амма — цIияб соналдаса хадур

 

 

Гьелда тIасан пикру гьикъизе чанцIул ахIаниги, жаваб кьечIо гьоцIдерил бегавул АхIмад Хъазанбиевасул телефоналъ.

Гьединлъидал ракIалде ккана цеве гьеб хъулухъалда вукIарав Шамиль Валиевасухъе ахIизе. Гьанже гьев вуго Хунзахъ райадминистрациялда – гIуцIарухъанлъиялъулгун ихтияразул отделалъул начальниклъун. Гьеб отделалда тIаде ккола росабазул суалалги.

 

3924df1a846bbef21523298ff4c4c39a

 

Шамиль Валиевас бицухъе, I959 соналдаса нахъего хисичIел токалъул кваралги трансформаторалги рукIана кIиябго росулъ.

ГьанжегIагар ДРялъул промышленносталъулгун энергетикаялъул министерствоялъул квербакъиялдалъун гьоцIдерил кIиябго росулъ (КIудияб ва ГьитIинаб) хисун руго кабелалги трансформаторалги. Гьел хIалтIизе риччазе руго ЦIияб соналдаса хадур. Гьебго заманалдехун биччазе буго газил рогIороги.

«Дун гьенив бегавуллъун вугеб мехалда лъураб цIияб микьго трансформатор букIана. Амма гьезда гьоркьоб цIикIкIараб манзил хутIулеб букIиналъ, токалъул хIалуцин хIехьезе кIвечIо кваразда.

Гьанже (гьаб чанго соналда жанибцин) цIакъго гIемерлъана токалдалъун хIалтIизабулеб къайи-цIа, цо-цояз батарейкабазул бакIалда чIабар хинлъизабизеги хIалтIизабулеб буго ток. Дол церегосел кваразулги трансформаторазулгийин абуни гьелъие гIураб къуват букIунаро, гIицIго чирахъал ракизе гурони. ТIадежоялъе гIезегIан чагIи руго гьедигIанасебгицин токалъухъ гIарац кьоларелги», — ян бицана Шамиль Валиевас «ХIакъикъаталъе».

Абулмуслимица рехсараб нухазул суалалъе жаваб кьолаго гьес абуна, тIасияб соналъул октябралда росулъ аслияб нух гIатIидги гьабун, хъилги тIун, къачIан лъугIизе бугилан. Гьелъие лъазабураб конкурсалда бергьараб подрядный организацияги бугин.

Валиевасул рагIабазда рекъон, гьеб рахъалъ хIалтIаби байбихьун рукIана исанаго, амма документазул иш цойиде ккезабулагоги, хадуб дунял квачазе лъугьиналъги, дагьалъ чIезе тана гьеб. Амма хинлъигун хIалтIи байбихьизе буго.

 

 

Канализация бажаруларо, ливнестокал гурони

 

 

ГъоркьагьоцIдерил гIадамазулги буго гIарз росулъ канализация гьечIолъиялъ тату хун бугилан.

Гьелдеги ирга щвелин бицана Шамиль Валиевас.

Амма ливнестокал гьарун гурони, канализация гьабуни, жидеде гIайиб бачIине бегьулин абуна гьес. Щайин абуни, гьелъие къваригIунила лъим бацIцIад гьабулел жал (очистные сооружения). Гурони, канализация гьабуни, гьеб кинабго (шагьаралъго лъим гьекъолеб) гIурулъейищ биччалеб?