Туснахъал: гIумру ва гIарзал

27 ноябралда ДРялда бугеб УФСИНалъул № 7 колониялде щвана инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ ДРялда вугев вакил Жамал ГIалиевги республикаялъул ЖамгIияб палатаялда цебе гIуцIараб ОНКялъул нухмалъулев ГIумар ГIумаровги.

 

Гьез халгьабуна колониялда кванил рахъалъги, сахлъи цIуниялъегун рега-рахъиналъеги кинал шартIал чIезарун ругелали.

 

 

Исана 20 сентябралда гьениб кутакаб гъалмагъир ккун букIана жанир тIамурал гIадамаз цIа гъун, къайи-цIа бекун, хIамамалъе ва жалго жанир чIарал рукъзабазе зарал гьабун. Гьанжего-гьанже бакIа-баххарун, цIигьабулеб буго гьеб.

Божизе бегьулел чагIаз бицана туснахъалъул нухмалъиялда гIайиб букIанилан. Гьединищали, гьанже гьезул (УФСИНалъул) 15-ниги чи жанив тIамунги вугев, тIад делабиги гьарун.

ПалхIасил, гьел бакIал цIи гьарунигицин, колониялъе хIажат буго клуб, тарбия кьолеб рукъ, гардеробалъе бакI, кладовкаби. ГьабсагIат гьенир ругел корпусал 50-70- соналъ церего рарал жал ругоан.

 

 

Гьеб киналъулго халгьабун хадур, Жамал ГIалиевги ГIумар ГIумаровги гIенеккана жанир тIамуразул гIарзазухъги.

 

 

СШАялда гIумру гьабун вукIарав нилъер ракьцояв вугоан гьенив, Вагьаб Вагьабов абун. Жиндиеги цогидал спортсменазеги бокьун бугила колониялъе спортивияб къайи сайгъат гьабизе, амма тIалъиялъ гьелъие изну кьолеб гьечIилан бицана гьес. Спорталъе лъикIал гIолохъаби абуни гIемер ругоан гьенир.

КъватIиса улкабаздаса, масала, Таджикистаналдаса, Азербайжаналдаса гIадамазул суал бугоан лъикIаб хьвада-чIвадиги хIисабалде босун, болжал щвелалдего жал къватIире риччалеб къагIида гIадахъ босулеб гьечIилан.

Гьелъие жаваб кьуна колониялъул хIалтIухъанас. Гьелъие хIажатал шартIазул цояб кколила туснахъалъур рукIаго щибниги хIалтIи гьез гьабизе ккейги. Амма гьеб жо некIогоялдасаго гьечIо гьениб.

СПИДалъ унтарав цо гIолохъанчияс абуни гIарз бахъана къойидаса къойиде жиндир чорхол хIалги хисулеб бугила, жив гьанив вугеб чанго моцIалда жаниб цониги нухалда бидул анализгицин босичIила жиндихъа.

 

 

Туснахъазе гIолареб жо буго цойги — рокъосан рачIунел посылкаби гьанже дагьлъизарун рукIинги. Ай, цебе кIиго моцIида жаниб цоцIул биччалаанила гьеб. Гьанже – лъабго моцIида жаниб цоцIул.

Гьебги законалда бараб жо бугин жаваб кьуна колониялъул вакилзабаз.

 

 

Колонияда бугеб тукадул йичарухъаналда тIасанги буго гьезул разилъи гьечIолъи. ЦIакъ хIинцго гурони хIалтIуларила гьей. Ригь бекарай гIаданги йикIун, гьелда компьютер лъикI лъалеб рагIуларо. Гьединлъидал къойида жанив лъабго чиясул гурони рес гьечIила тукадаса жо босизе.

Амма мухь дагьаб букIиналъ, гIолохъаналги техникаялда хадур гъуралги гIадамал рачIунарел гьечIо гьенире хIалтIизе.

 

 

Гьел киналго гIунгутIаби лъугIизаризе квербакъилин рагIи кьуна туснахъ гьаруразе Жамал ГIалиевасги ГIумар ГIумаровасги.