Музеялда течIо пуруцги рукьги

Ах-хуралъул бачIиналъ цагърал цIураб гIуж буго гьабсаг1аталда магIарухъ.

 

Хъвехъун магIиде бахинабун буго кьариябщинаб хIораб хIайван. Гъоркьарукъзабахъ сокIкIун буго картошкагун хъабахъ, гIечгун гени. ГьечIо гьобол вачIани нечараб хIал.

Амма, гIайиб гурищха, гьеб бацIцIадаб нигIматалде тIаде химиялъ гIезабураб, хумелаг-дрожалъ мехтизабураб рикъзи жубазе. Киб батилеб хинкIал разе бацIцIадаб ролъ?

 

лалт

Нужеда ракIалда бугищ магIарухъ гьелчолел ролъул хурзазул заман? Хасалихъего рак бан, пурцица рекьун, гьезие гьабулеб букIараб хъулухъ, беэнлъараб ракьулъан нахулъе нус гIадин унеб пуруц, хурир чIарадулел ясал…

Чанги хараби рихьана дида рехун тарал ракьазухъ, захIматчагIазул къимат бугеб доб заманалъухъ магIу тIолел. Дунгоги щакъраххуна, магьал раччун эбелгун хьвадарал, гьанже сухъмахъалгицин гIурдаде сверарал, мегъал рихьидал.

Амма тIуранго лъугIунгиха гьечIел гьеб баракатаб нигIмат гIезарулел магIарухъ. Нуж божа, тIорщалил лал тIамулеб гьоцIие щун юссана дун гьал къоязда!

 

WhatsApp Image 2019 11 12 at 15.09.25

Чандай Дагъистаналда буго пурцица бекьун, харицелалъ лъилъун, оцазда нахъа лулби ран, квералъ наккуялдаса мугьги бацIцIун ролъул нахърател гьабулеб бакI? Нагагьги батила! Гьел къанагIатазул цояб буго къелдерил мухъалъул жаниблъи.

Рогьалил хъачIаб квач хIенчолеб, роцIцIараб хасалихълъиялъул радалил гIужалъ, цоял пуруц-рукьгун, хадур оцалги цIцIан рачIунел, цогидал тIорщел тIибитIулел, лъабабилел бугьун-лъенгун гьоцIире гIедегIулел руго Сомода росдал руччаби. МугIрузул ракьанда, къаралазул мугъалда нахъа парахалъараб къелдерил росу буго гьеб.

ЗахIматалъ пинкьаххарал кверал ругониги, гьурмада гьими гвангъарал гIадамазул гьитIинабго гьеб росдае памятник балаан (дир ихтият букIарабаниха) цIар рагIараб ВДНХялда. ЛъагIалил бокьараб заманалда рачIаниги ахакь, хурзабахъ ратила нужеда гьел гьайбатал гIадамал. Гьале, церекъад сомолазул гьоцIабахъ тIамун бахъана исана ахирисеб, 50-абилеб лал. Берги ккеладай гьездаян хIинкъадгоха бицунебги бугеб.

 

WhatsApp Image 2019 11 12 at 15.09.33

Лъадал чваххиялъ хIалтIизабулеб гьабихъ бацIцIун ролъ, бассун гьохъ ххенолел хурухъаби чандай хутIун ругел?! ГIемер бугин абуге, божиларо. Батани бице, кир ругелали лъазе бокьила.

«ХIалтIуларев кваналаро» — гьединаб аби, ахIи букIунаан росдал къватIахъ къадазда хъван советияб заманалда. ХIалтIуларев чанги лоти кваназавулев вуго гьанже хIукуматалъ. Х1алихьалъи бессараб хIалхьиялда буго гIемераб халкъ. Щибго жавабчилъи гьечIо гьезулъ жидер ракьалда, намусалда цебе. МоцIрое камичIого гIарац рокъобе бачIунел гьереси-документал гьариялда кутакалда хадурги гъун руго гIадатиял росдал гIадамалцин.

Нужецаго цевечIезаве: лъималазе, чIужуялъе, жиндиего пенсия гьабизе кредит босулев саламатав чи! Хурзалги руго гьесул рекьичIел, инсуца гIезабураб ахги буго херлъун бакъвалеб, умумузухъа ирсалъе щвараб кулиги буго чIунтун. Лъималги гьасул — цIализе кIухIалал, щибго захIматалде ругьунлъичIел; чIужу- цебе бугеб бахчиниб чурпаялъе гIурччинлъицин бекьуларей. Кинаб мисал, щиб бичIчIи щвелеб гьединал эбел-инсудаса лъималазе, щиб пайда бугеб гьеб хъизаналдаса росу-ракьалъе? ХъачIго абуни — сурукълъи, тамахго бицани — кьерукълъи бекьулеб буго гьеб тайпаялъ магIарухъ.

Гьайбатаб тIабигIаталъул, магIишаталъе санагIатаб ракьалъул бицунаго нилъее гьеб кьерукълъиялъул хабар халат гьабунги щайха.

 

WhatsApp Image 2019 11 12 at 15.09.24 1

Къокъго абуни, Шамил районалъул росабалъ цохIо къелдерил жаниблъиялда гIезабулеб буго тIорщел. Гьениб 60 хъизамалъ бекьулеб буго ролъ, гьохъ, огоб.

Унгоха, гьезул рокъоб бежулеб рикъзиялъул бугеб тату!

Бахилаб хIалалда росдал магIишат гIуцIарал гIолохъаби нижер мухъалда гIезегIанго руго.

Гьелъул х1акъалъулъ цоги нухалда бицина.