«ТIабигIаталъ рецIел босулеб буго нилъедаса»

16-20 ноябралда Каспи ралъдал рагIалда «Журавли» комплексалде вакIарун 27 улкаялдаса 42 вакилгун бицана битIун кин кваназе кколелали.

 

Жеги киданиги Москваялдецин щвечIел Африкаялдаса, Америкаялдаса, Канадаялдаса, Индонезиялдаса ва цогидал бакIалъа гIадамал МахIачхъалаялъул рагIалда данде гьаруна Москваялда чIей бугев Гъуниб районалъул Шангъодаса гIалимчи МухIамадов МухIамадица.  

IMG 3371

 

ГIелмияб къагIидаялда абуни, гьеб букIана дунялалда 23 абилеб нухалда тIобитIулеб кванил конгресс.

Гьениб МухIамадица кIвар буссинабуна интересал хIужабазде. Масала, гьев гIажаиблъизавун вугоан МахIачхъалаялда гIадатияб берталъ столалда тIад лъураб 67 батIияб квен бихьидал. Гьебго заманалда дунялалда вакъуца холев вугила 800 млн чи. ТIад гьан/тIатIи чIван, цIайи цIикIкIарав чиги дунялалда I, 5 млн вугила.

МухIамадица рикIкIунеб буго ахираб 23 соналда жаниб инсультал, инфарктал, сахарный диабет ккеялъул рахъалъ Россиялда Дагъистан цебесеб кьерда бугилан.

70 проценталъ гьелъул гIайиб кванида бараб рагIула, 25 процент – рагъа-рачарунгутIиялда.  

«Нилъее жакъа тIабигIаталдаса цIикIкIун нигIматал щванагIан квешаб бербалагьи гьабулеб буго нилъеца гьелдехун. Гьелъ нилъедаса тIабигIаталъ рецIелги босулеб буго», — ян гIезегIан ракI тIаде цIалеб кIалъай гьабуна МухIамадица конгрессалда.

Хадуб гьес интервью кьуна «ХIакъикъаталъеги».

 

IMG 3355

 

— МухIамад, церетIурал, машгьурал улкабиги рукIаго, хас гьабун Дагъистаналда гьеб конгресс тIобитIиялъе гIилла щиб ккараб?

 

 

— Гьелъие чанго гIилла буго. Масала, 12 сон буго дир кванида хурхараб цо системаялда тIад хIалтIулев. Дир хIалтIиги лъайги физикагун математикаялда хурхараб буго.

 

 

— ВахI. Дида ккун букIана мун тохтур ватилилан. Кванил конгрессалдехун хурхен бугелъул…

 

 

— Гуро. Гьадаб бицен гьабураб системаялда тIад хIалтIулев вукIиналъ диргун бухьен гьабуна клиникияб кванил рахъалъ конгрессал тIоритIулеб дунялалъулго гIуцIиялъ (гьединаб гIуцIийин абуни лъабго буго дунялалда – Америкаялъул (АSPEN), Европаялъул (ESPEN) ва Россиялъул).

ПалхIасил, гьел вакилзабаз гьарана дида жидее кумек гьабейин кванил конгресс тIобитIизе. Цинги дица гьезда цебе шартI лъуна: гьабилин, амма гьеб тадбир дир ватIаналда, МахIачхъаялда, тIобитIизе кколилан. Щайгурелъул кванил рахъалъ гьанир ругел масъалабиги ресалги лъикI лъалелъул дида. Дол разилъана. Гьедин, анкьго моцIалъ цебе байбихьана конгрессалде хIадурлъизе.

 

 

— Гьедин бигьаго кин гьел разилъарал? Дагъистан лъикI лъалебги букIун батиларин гьезда.

 

 

— Доз цебеккун дихъан тIалаб гьабуна нилъер хIакъалъулъ кинабгIаги материал. Гъоркьнухалъ гьединаб конгресс Венгриялда букIана. Гьенире рачIарал чагIазул сияхI кьуна гьез дихъе. 600 чи вугоан гьенив. Байбихьана щивасухъе кIалъазе. Гьереси щайха, бачIинахъего инкарги гьабичIого, гIемерисез жаваб кьолеб букIана гьа, Дагъистаналдайищин гьеб гьабулеб бугеб, гьедин батани, жал ургъилин, жал ургъилин.

Гьезда гьоркьоса 42 чияс къабул гьабуна нижер ахIи. 27 улкаялдаса гIадамал ккола гьел. Бищун гIемер индусал руго (батIи-батIиял улкабаздаса рачIарал). Щайин абуни дунялалдагоги кванида хурхарал центразда гIемер руго гьел. Гьединго дунялалда бищун церетIурал математикалги программисталги руго гьезул.

Конгрессалъул гIахьалчагIи ккола чанго батIияб рахъалъул махщелчагIи — диетологал, диабеталъул тохтурал, спортивияб кванил, лъималазул кванил ва цогидалъул экспертал.

 

 

— Гьевщинав чиги ахIун гьаниб гьеб конгресс тIобитIиялдасан щиб нужее/нилъее кколеб?

 

 

— Цин бугони, дие бокьун буго нилъер гIадамаз жидеца къойилго кваналеб кваниде кIвар кьезе. Рокъоселги рукIунаан диде бицарулел, гьалейила МухIамадица столалда тIад рихьун нигIматал толарила, нахъе росизарун. Гьариларищха, чорхое заралияллъун рикIкIунелщинал жалазул цIезабун букIунеб мехалда гьеб стол – гьуинал пирожниялгун тортал-пирогалги, цIамги, хъахIаб чедги, хIалхьезегIан гьанги. Дагь-дагьккун гьеб киналъего гIорхъиги чIван, бащдаб лъагIалидасан рукIалиде ккана нижер стол. Гьанже гьелде ругьунлъун руго нижер хъизан-рукъалъул чагIиги. Гьебго пикруялде рачIине бокьун буго дие цогидал нилъер ракьцоялги. Столалда тIад лъезе ккола гIицIго нилъер сахлъиялъе къваригIарабгIанасел кванил нигIматал. ХутIарабщинаб квен-тIех нилъее заралалъе чIола.

 

 

— Гьеб квен дагьаб букIине ккеялъул бицуневищ мун?

 

 

— Дагьабги пайдаябги букIине кколилан абулев. Гьаб конгрессалда хадув рокъове щведал, чияс цIамгун чакар дагь гьабизе лъугьанигицин кутакалда лъикI букIинаан.Цадахъ кваназе лъикIал гьечIел нигIматалги рукIуна. Кванирукъалъур цоцазда дандекколаро гьел. Масала, киназго реццулел нилъер хинкIалги гьанги – тIубан данде кколаро.

 

 

— Нилъер умумузе щайха гьеб данде кколеб букIараб?

 

 

— Щайгурелъул гьел цо параялъги чIун рукIунароан. Жакъа Дагъистаналда гIадамазда гьабщинаб батIи-батIияб унти щай кколеб бугебали лъалебищ? Рагъа-рачарунгутIиялъ. Нилъер умумуз бетIербахъи мугъзаца гамачIги баччун гьабизе кколаан. Гьез гIадин мугIрул-гIалахал харулелищ нилъеца? Гьединлъидал дозие къваригIунаан додинаб квен. ТIубарал гIасрабаз нилъер къаркъала ругьунлъун букIана гьединаб къо бихьиялдеги бакIаб квандеги. Гьанже ахираб 50 соналда жаниб чорхол къагIида тIубанго хисизабуна нилъеца мугIруздаса эхереги гочун.

БакIаб хIалтIиги гьабун, нилъер умумузул чорхолъа къватIибе кьолеб букIараб заралияб энергия чорхолъго хутIулеб буго. Щайин абуни гьеб къватIибе бачахъулеб «кнопка хун букIун». Хвеларищ, рагъа-рачарулел гьечIеб мехалда. Амма гьеб цIияб къагIидаялдеги нилъер черх кигIан кIваниги бокьичIого ругьунлъана. Гьеб буго нилъеца черхалда тIад гьабулеб зулму.

Дуда лъалищ магIарухъ нилъер гIадамал гIемер сонал ралелдего щай холел рукIаралани (гьададигIан бацIцIадаб гьаваги, гIадамазул цоцаздехун недегьаб бербалагьиги, черхалъе зарядкаги щолеб бакIалдаха) ?

 

 

— ВахI, нусго сон базегIанги хутIулел чагIиян гурищ абулеб букIараб?

 

 

— Гьел жал гьадингосел маргьаби руго. Маргьаби! ГьабсагIаталда нилъее щвезе рес бугел гIадал витаминалги тохтурасул кумекги щолеб букIарабани, магIарулаз доб мехалда дунялалда 120-130 сон балаан. Квенин абиялъе гIоло, щвалде щвараб, витаминалги ругеб квенги букIинчIо доб. Ракъуца хвечIого рукIиналъе гIураб жо гурони.    

Тохтурасул кумек щунгутIиялъул бицани, бищун гIемер магIарухъ бихьинал простатиталъ унтула. Амма хвалил бусаде кканигицин, жидер чIухIиялъ гьез гьеб лъиданиги бицунароан, гIарзал рахъулароан. Гьелдалъунги къокълъулаан чиясул гIумру.

ПалхIасил, жакъа нилъ, тIоцебесеб иргаялда, рикIкIалъизе ккола сундул гьабурабали лъалареб тукадул квандаса. Гьелдаса хадуб нилъелъ хутIула чорокаб энергия. Гьелда данде къеркьезе кIвечIолъиялъин чорхолъ унтабиги раккулел. Масала, бидурихьал руго къварилъулел, инсультал руго кколел. Балагь бачIун кваналеб буго гьуинлъи, гьан. Гььелъул щибалъул жиндирго къадар букIуна кваназе кколеб.

Гьеле гьелъул бицунеб букIана гьаб конгрессалда. Гьеб буго цо мурад.

КIиабизе. Конгрессалде рачIарал экспертаздаса пайда босизе (гIакълу гьикъизе) рес щвана гурищ нилъер гIадамазе, гIадатиял чагIи гьел ратаниги, тохтурзаби ратаниги. Гьалбадерил киназулго интернет-адресал ругелъул программаялда хъван. ГIезегIан больницабабзул бетIерал тохтурзабиги рихьана дида гьанир.

Конгрессалъул лъабабилеб мурад – дие бокьилаан нилъер гьаниб, масала, аграрияб университеталда клиникияб кванил, диетологиялъул кафедра рагьизе. Жакъа Россиялдагицин къанагIат гурони гьечIо гьеб рахъалъ лъай щварал гIадамал. Дагъистаналъулни бицинего бицинарин.

Гьеб ккола гIелмуялъулъ баккараб цIияб нух. БитIун кваназе ругьун гьари. Амма бищунго чиясе данде кколареб жо буго гьесда кваназе малъи. Гьадинал тадбираздеги рачIун, цогидаз бицунелъухъ гIенеккани, гIакълу дандбалеб бихьани, гьел жалго кантIизе бегьула.