Нилъер мадугьалзаби: Чачан республика

 

Северияб Кавказалъул федералияб округалда гьоркьобе унеб Чачан республикаялъул бакътIерхьудасан гIорхъи буго Ингушетиялъулгун, Северияб бакътIерхьудасан Северияб Осетиялъулгун, севериябгун югалъулаб рахъалдасан Дагъистаналъулгун, югалъулабгун бакътIерхьудасан гуржиязул пачалихъалъулгун.

 

Ракьул гIатIилъи бащалъула 16165 квадратияб километралда. Севералдаса югалдехун республикаялъул халалъи буго 170 километр, бакъбакудасан бакътIерхьудехун 100 километр. Республикаялъул тахшагьагьарлъун буго 290 азарго чияс гIумру гьабулеб Грозный шагьар.

 

 

Тарихалдаса

 

 

Чачанал ккола Кавказалъул кьолбол ва некIсиял халкъаздасан цоял. НекIсияб заманалдаса нахъе гьез гIумру гьабулеб букIана БетIераб Кавказалъул бакъбакудехун ругел гIодорлъабазда. Ингушалго гIадин гьенир рукIана тейпабазде рикьарал жамгIиятал. Жидер халатаб тарихалда, Кавказалъул цогидал халкъалго гIадин гьел къеркьезе ккана гIагараб ракьги, эркенлъиги цIунун. Чачаназ жигараб гIахьаллъи гьабуна ХIХ гIасруялда имам Шамилил бетIерлъиялда эркенлъиялъе ва чияда рачIолъиялъе гIоло пачаясул Россиялда данде гьабулеб букIараб къеркьеялъулъги КIудияб ВатIанияб рагъ унеб букIараб 1944 соналъул 23 февралалда гитлерил фашистазе кумек гьабулеб букIанилан абун ритIухълъи гьечIеб гIиллаги бачун чачаназул тIолабго миллат Гьоркьохъеб Азиялде ва Казахстаналде гочинаруна. Хвезабураб чачаназулгун ингушазул республикуаялъул ракь цолъизабуна Ставрополь краялде, Северияб Осетиялде. ХIал гьабун гьезул ункъго районалде гочинаруна Дагъистаналъул цо-цо районаздаса гIадамал – магIарулал, даргиял, тумал. 1957 соналда ВатIаналде тIадруссун хадуб цебе букIараб куцалда гIуцIана чачаназулгун – ингушазул республика (ЧИАССР)

 

 

ЦIигьабун гIуцIи байбихьараб 1980 абилел соназул бакьулълъиялда СССРалъул республикабазда, гьездаго гьоркьоб Чечено-Ингушетиялдаги ракана ва хIаракатчилъи байбихьана миллиял багъа-бачариязул. 1990 соналъул ноябралда Грозныялда тIобитIана ТIоцебесеб Чачаназул миллияб съезд. Гьениб бищана Чачаназул ТIолгохалкъалъулаб миллияб конгрессалъул исполком (ОКЧН). Конгрессалда хIукму гьабуна СССРалда гьоркьоса гуребги, РСФСРалда гьоркьоса нахъе ине ва жибго жиндаго чIараб Чачаназул пачалихъ гIуцIизе. Гьелъие нухмалъи гьабизе вищана Советиял Рагъулалгун-Гьаваялъулал къуватазул генерал-майор Джохар Дудаев. 1991 соналъул 8 июналдаса конгрессалъул хIукмуялдалъун ЧИАССРалъул Доку Завгаевас нухмалъи гьабулеб Верховный Совет хвезабула ва лъазабула чияда бачIеб чачаназул Республика (Нохчи-чо).

 

 

1991 соналъул августалда конгрессалъул рахъколез Грозниялъул киналго административиял минаби ккола. Гьездаго гьоркьоб республикаялъул КГБялъул минаги. Гьезул тIадецуялдалъун 6 сентябралда Доку Завгаев хIажатавлъун ккана отставкаялде ине. 15 сентябралда ЧИАССРалъул Верховный Совет бихана.

1991 соналъул тIоцебесеб октябралда чачаназ президентлъун вищана Джахар Дудаев. 1991 соналъул 7 ноябралда РСФСРалъул президент Б. Ельцинил указалдалъун ЧИАССРалда лъазабуна гIадатияб гуреб ахIвал-хIал. 9 ноябралда Ханкала аэропорталда рештIана россиялъул рагъухъаби тIад ругеб транспорталъулал самолетал. Гьел сверун ккуна яргъид гIуцIарал Дудаевасул аскарияз. Кавказалъул мугIрузул халкъазул Конфедерациялъги лъазабуна Д. Дудаевасул рахъ квезе бугилан. Россиялъул нухмалъи хIажатаблъун ккана сепаратистазулгун гара-чIвариял гьаризе ва Ханкалаялда сверун курал рагъухъаби нахъе рачине. Чачаналда рукIарал рагъулал часталги нахъе рачана, гьениб букIараб гIемерисеб ярагъ, гьездаго гьоркьоб танкал. Самолетал сепаратистазухъе кьуна. Гьелдаса нахъе ЧИАССР Россиялъул регион хIисабалда бихана. 1992 соналъул ункъабилеб июналда Россиялъул Внрховный Советалъ къабул гьабураб законалдалъун Россиялда гьоркьоб гIуцIана Ингушетия республика, ай Чечено-Ингушетия бикьана Ингушетиялде ва Чачанлъиялде. Чияда бараб гьечIолъи лъазабуралдаса Чачан республика лъугьана жибго жиндирго чIараб республикалъун. Республикаялъул рукIана киналго пачалихъалъулал гIаламатал – байрахъ, герб, гимн, гьединго хIукумат, парламент, судал. ХIукму гьабуна жидерго рагъулал къуватал гIуцIизе, жидерго хасаб гIарац – Нохара букIинабизе.

1992 соналда къабул гьабуна цIияб Конституция. Гьелда рекъон Чачанлъи букIана лъидаго бачIеб советияб пачалихълъун. 1994 соналда Нохчи-чо Чачаназул республикаялъул цIар хисизабуна Чеченская Республика Ичкерия абун.

 

 

1993-1994 соналда Дудаевасда дандечIараз гIуцIана Чачан республикаялъул заманалъулаб совет (ВСЧР). Советалъул мурадлъун букIана рагъ гьабун Дудаев тIаса рехи.Гьезул рахъ кколеб букIана Россиялъги. 1994 соналъул ноябрь моцIалда заманалъулаб советалъул рагъулал отрядал россиялъул рагъухъабиги гIахьал гьарун Грозный шагьаралда жанире лъугьана. Ама гьезие битIкечIо, Дудаевасулаз гьел нахъчIвана, гIемерисел россиялъул аскариял асир гьаруна. Гьелдаса хадуб байбихьана халаткараб данднчIей. 1994 соналъул 30 ноябралда къватIибе бачIана «Чачаназул республикаялда конституциялъулаб гIадлу низам рукIалиде кезабиялъул тадбирал», абураб Б. Ельцинил указ. Гьеб букIана тIоцебесеб рагъул байбихьилъун. Рагъ халат бахъана 1996 соналъул 31 августалде щвезегIан. Гьеб къоялъ Хасавюрталда Ичкериялъул цIияв президент А. Масхадовасулгун Россиялъул хIинкъи гьечIолъиялъул советалъул секретарь А. Лебедица ракьлилал къотIи-къаял хъвана. Д.Дудаев гьеб соналъул 21 апрелалда авиаракетаги речIун чIван вукIана.

Ракълилаб заман халат бахъинчIо. 1999 соналъул августалда чачанзул боевикал ЦIумада, Болъихъ, Новолак районазде тIаде кIанцIана. Гьелдаса хадуб сентябралъул 30 абилеб къоялъ россиялъул аскариял чанго бакIалдасан чачаналде жанире лъугьана. Гьаб букIана кIиабилеб чачаназул рагъ байбихьи.

Рагъ лъугIун хадуб Чачаназул президентлъун вищана Республикаялъул муфтилъун вукIарав АхIматI Къадиров. 2004 соналда теракталъул хIасилалда гьев чIвайдал президентлъун вищана Алу Алханов. Гьев хисун, 2007 соналда, президентлъун вищана Рамзан Къадиров.

 

 

Жакъасеб Чачан республика

 

 

Чачаназул республика буго гьабсагIаталда федералияб бюджеталдаса бищун цIикIун дотация щолеб, цебетIолеб бугеб регион. РукIалиде кезарун руго рагъул сонаца чIунтIизарун рукIарал росаби ва шагьарал.

Республикаялда гIумру гьабун буго миллионгун щунусазарго чияс. Шагьарзда гIумру гьабулеб буго республикаялъул халкъалъул 35 проценталъ, хутIарал росабалъ. Пачалихъиял мацIал ккола гIурус ва чачан. Республикаялъул халкъалъул 95,3 процент руго чачанал, цогидал миллатаздасан гьенир руго гIурусал, лъарагIал, магIарулал, туркал, татарал, ингушал, нугъаял. Республикаялда буго анлъго шагьар – Грозный,Урус-Мартан, Шали, Гудермес, Аргун, Курчалой.

Экономикаялъул рахъалъ бицани гьениб цебетIураб буго росдал магIишат, нефтехимиялъул промышленность, гIи-боцIухъанлъи ва ахихъанлъи.

Чачаналда кIудияб кIвар кьолеб буго туризм цебетIезабиялдеги, гIемерал руго гьенир тарихиялгун-тIабигIиял памятникал. Гьединал бакIазде гIуцIулел руго туристалъулал маршрутал, ралел руго инфраструктураялъе объектал.

 

 

Грозныялда буго лъабго тIадегIанаб цIалул заведение – пачалихъияб нартил техникияб, чачаназул пачалихъияб университетал, педагогикияб университет. ХIалтIулеб руго батIи-батIиял махщелчагIи хIадур гьарулел техникумал, колледжал ва гь.ц.

НекIсияб ва такрарлъи гьечIеб буго чачан халкъалъул культура, бечедаб буго фольклор, героикияб эпос, кучIдул, маргьаби. Жакъасеб чачаназул адабият буго гIемержанразулаб. Республикаялда буго чанго библиотека, ункъо пачалихъияб театр, филармония, анцIгоялдаса цIик1кIун музей.