Бузнаса нух: садакъаде кьураб гIарцул хIал гIолеб гьечIо

 

Чанго сон буго, умумуз газа-белги хIалтIизабун, магIарухъа гIатIиракьалде бахъун букIараб Бузнаса нух цIидасан бахъизе магIарулал тIаделъаралдаса.

 

Гьеб бахъиялъе гIиллаги буго ХIаригабурлъухъан унеб нух хасало хIинкъи бугеб, эхедераял гIемераб букIин. Тоннелалъусан уна анцIила ункъо районалде ва гьеб нухлул гIунгутIилъунги рикIкIине ккола халатабги юк баччулел машинабазе хIинкъи бугебги букIин. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун, магIарулазул жамгIиял церехъабиги данделъун, къотIи гьабун буго, хIукуматалъухъа кумек щвечIониги, халкъалъул гIарцухъ гьеб бахъизе. Нух бахъиялъе кIудияб хIалтIиги гьабулеб буго Болъихъа МухIамадкамил Дибировас, гьесие кIвараб кумек гьабизе тIаде босун буго Гьонодаса Набигула МухIамадовасги. Руго гьениб хIажаталъе рортанхъулел жамгIиял хIаракатчагIиги, магIарул районазул росабазул имамзабиги, бегавулзабиги, районалъул бутIрулги.

 

Бузн

ЦIакъго кIудияб хIалтIи гьабулеб букIиналъ садакъаде кьураб гIарцул хIал гIолеб гьечIо. ХIисаб гьабе, кIиго къоялъ хIалтIизе ккани бульдозералъ тонна соляркадул бухIулеб буго. Гьелъул багьа — тоннаялъухъ 40 азарго гъурущ. Гьенир хIалтIулел экскваторалги, погрузчикалги, КАМАЗалги ругелъул, гьезиеги къваригIинарищ цIатари. ТIадежоялъе, гьеб кинабго техникаялда хIалтIулел механизаторазеги кьезе ккеларищ мухь.

 

 

Дагьал церегIан къоязда гьал мухъазул авторги, «фейсбукалда» бугеб «Нилъгоял» абураб къокъаялъул вакилзабиги щвана гьенире. Щвана гьабсагIат хIалтIи унеб бугеб, ЦIияб ЧIикIаб росдадехун нух бахъулеб бакIалде. Цо кIудияб кIкIалги цIезабун, тIасахун нух гьабизе хIалтIулел ругоан гьенир. Хъаранигун Ахакье унеб нухгун данделъизе гьалъул, I2-I5 метр гIеблъуда бугеб, жеги щуго километр гьабизе кколин бицана МухIамадкамилица. Гьеб бугоан, бакI-бакIазда кьурабиги ругеб, гIемераб ракьул хIалтIаби гьаризе кколеб, кIкIалахараб бакълъи. КигIанасеб заман гьеб данделъизе къваригIунебин абураб суалалъе, МухIамадкамилица жаваб кьуна, кинабго бараб бугила гIарцулал сурсатазда. Ункъо километр техникаялъ бахъулареб, цIакъго щулиял кьурабазулги буго кIиябго гIоржубаде щвезегIан борлъун кьвагьизабизе кколеб жеги нахъа. Гьеб кьуру борлъиялъулги хIалтIи унеб бугин бицана инженерас. Цинги АваргIоралда тIасан кьоги буго лъезе кколеб. Гьелъие къваригIунел конструкцияби жинца кьелин рагIи кьун буго Аргъваниса сахаватав инсан НурмухIамад ГIалиевас.

 

 

Дица цебесеб нухалъ гьикъидал, ресалда ругел магIарулазул гьанибе миллион гъурущ кьурав цо чиясул цIар рехсон букIана МухIамадкамилица. ГIезегIан ругоан магIарулазда гьоркьор ресалда ругел чагIи. МагIарухъ ругел харабазул пенсиялдаса имамзабаз ракIарарал гъурщал гIелищха 3I километр, гьездаса лъикIаланго манзил кьвагьизе кколел кьурабазул бугеб, нух гьабиялъе.

Ма ша Аллагь, гIезегIан хIалтIаби гьарун руго гьенир. Жеги цIикIкIун гьаризеги руго. Гьелдалъун, «ХIакъикъат» газета гьоркьобккунги, щивав чиясде гьари буго ресалда рекъараб кумек гьабейин абураб.

Гьеб хIалтIуе нухмалъи гьабулел МухIамадкамилги Набигулаги кIудияб ригьалде рахарал чагIи руго. Гьединлъидал, бегьилаан Ширухангун Сайгидпаша гIадал магIарул, цадахъ Халкъияб Собраниялъул депутаталги рачун, гьениб бугеб хIал бицун республикаялъул бетIерасухъеги ун, дагьабгIаги гьелъие кумек гьаризе.

 

 

Гьенибе гIарац кьезе бокьараз гьаб телефоналъул номералде 8 928 595 29 76 ахIун, МухIамадкамил Дибировасулгун бухьенги гьабизе бегьула. АхIизе бокьичIез гIарацги гьенибего рехизе бегьула. Номер бухьараб буго банкалъул картаялда.