БоцIиги бокьун, гьелъул тIалаб гьабизеги бокьичIого

 

БетIергьанчи гьечIел жал гIадин, тахшагьар сверулелниги рощногохIал гелулелниги гIачиязул рехъаби рихьичIел чагIи къанагIатги ратиларо МахIачхъалаялда.

 

Исана риидал рагьана бетIергьаби хадур рачIинегIан гьеб боцIи жаниб тIамулеб питомник. 200 хIайваналъе бакI буго гьениб. Амма жалго боцIул хважаинзабазе гьеб данде кколеб гьечIо. Гьединлъидал гьезул цо-цояз хIалбихьана шагьаралда ккураб боцIи тIад баччулеб машина бухIизеги питомникалъул хъаравул вухизеги. Гьев вухиялъул хIужа лъабцIулниги ккана. Цоясда тIад уголовный делоги гьабун буго.

 

БоцIул бетIергьабазе данде кколеб гьечIо питомникалдаса хIайванал нахъе рачине гIарац кьезе кколеб букIин.

 

Гьелъул директор Руслан ИсмагIиловас гьадин бицана «ХIакъикъаталъулгун» ккараб гара-чIвариялда:

 

5O6A0715.MOV snapshot 00.02

 

— Жалго хутIизегIан, сверухъ вугевщинав чи рикIкIунев вуго гьез гIайибиявлъун. Шагьар сверулеб щай нужеца гьаб боцIи толебин гьикъидал, щибинха гьабилеб, жидер гьел жанире сверизе бакI гьечIелъулин жаваб кьола бетIергьабаз. Гьадабгунияб боцIи хьихьулел бакIазда, росабалъгицин рукIунаро гьедин ахIуд риччарал хIайванал. Амма гьеб жо азда бичIчIуларо. Жидер гьединаб рес гьечIин чIола: бокьалги гьечIила, гьезда цере рукIине заманги гьечIила. Жал хIалтIуде ине кколила. Щивасул бетIергьанлъиялда батула ункъ-ункъ, щу-щу гIака, бече. Гьезул гIемерисел чанцIулго питомникалде.

 

Гьаб питомник рагьун тIоцебесеб моцIалъ боцIул бетIергьабазда лъазабулев вукIунаан дун: гьезул тIалаб гьабейин, гурони, тIад гIакIа къотIизе рес бугилан. Амма гьез гьелъул тIири санго гьабичIо. ТIадежоялъе нижер машина бухIун, хъаравул вухун, хIинкъаби кьун, нижеде гьужумал гьаризеги байбихьана.

 

— Жаниб тIамураб хIайван биччазе ккани, кигIан жо гьез нужее кьезе кколеб?

 

— Сордо-къо гьаниб бани, ункъазарго гъурущ.

 

— Валлагь, лъикIаб махсара жо гьечIоха гьебги…

 

— Гьелда тIасанлъидалха нижее харжги, бензинги, цогидал хIажалъабазе гIарацги бачIунеб. Гьеб сордо-къоялдаса хадубги питомникалда хIайваналъ бараб къо рикIкIун, I 600 гъурущ кьезе ккола гьезул хважаинзабаз. Гьеб уна боцIуе корма, хер босизе, дояркаялъе, ветврачасе мухьдае.

 

Хадув чиги вачIинчIого хутIараб боцIи бугони, бащдаб лъагIалица гурони толаро гьеб питомникалда (законалда рекъон). Гьелдаса хадуб муниципалияб буголъилъун рикIкIуна гьеб.

 

Гьебщинаб гIарац гьечIин жидехъинги чIола гIемерисел. Гьединлъидал цо-цо мехалда маслихIаталдеги рачIуна. ГIарац батичIони, хъвейинха гьебилан абула нижеца гьезда. Гьедин хъун, гьанги бичунги бецIула гьез жидеда тIад къотIараб гIакIа.