Ххвалиего гьабулеб буго

 

Жакъа къоялда кIал бугевщинас абулебги кантIизарулелги руго щибаб миллаталъул хаслъилъун кколел рахьдал мацIал цIунизе кколилан.

Амма чIорогоял харбал рициналдаса рикIкIаде ун рихьуларо жалго гьел вагIзачагIигицин. Дун гIолохъанаб мех гьединаб ишалде формализмаян абулаан. ТIоритIула данделъаби, слетал, хIатта съездалцин гьурра ахIун мацI цIунеян киназго хъат чIвалел церерахъиналги гьарула гIахьалчагIаз. Амма нахъисеб къоялдего дол киналго сихI тун чIола. Миллаталда гьоркьоб жидер рагIиги билълъарал, адабги гьабулел гIадамалха гьелги. Дица гIемер биччала мадугьалихъ бугеб Чачаналъул телевидение. Жидерго мацIалда, жидерго ретIа-къаялда бачуна гьениб щибаб передача. Бахиллъизецин бачIуна гьезда. Нужеца абизе бегьилаха Дагъистан гIемермиллатазулаб республика бугилан, гьелъ мадугьалзабаздаса мисал босизе ресги гьечIилан.

 

Ва амма нилъер республикаялъул буго гурищ, жидерго телевизионияб канал?! Жидеца щибаб анкьил къоялъ батIи-батIиял миллатазул передачаби къватIире кьолеб? Щай бегьулареб «ГIаданги, гIамалги, заманги» проекталъул 40 минуталъ бицун лъугIулеб тарих я тумазул, я аваразул, я лезгиязул гьечIолъиги хIисабалде босун, тIубараб къоялъ тIолабго эфир цо-цо миллаталъе сайгъат гьабун, гьезул рахьдал мацIалда биччазе. Щибаб росу-ракьалъул тарих, гIадатал, рукIа-рахъин бихьизабулеб бугони, гьелде рокьи бижиларищ гIолеб гIелалъулги? Чияр маданияталдаса росичIого, дагьалищ ругел нилъер умумузул кечI-бакъаналги, хIаялги, кьурди-хъатги?

 

МагIна-гIинго гьечIел федералиял каналазул передачаби такрар гьарун къватIире кьей кколарищ нилъерабго тун чияр босулеб жо? Дагьал церегIан соназ дагъистаниязул мацIалда кIалъан рукIана нилъеда машгьурал советиял мультфильмал. Кинаб лазатха лъималазе абиларо дун, херав чиясецин букIараб гьезухъ балагьизе?! Щайха чIезе тараб додигIан лъикIаб байбихьи? Щай данделъабазда гаргадулез цо гьитIинаб хIакъикъияб иш гьабунгIаги хадур цIачIел жиде-жидер миллатцоял?

 

ГьабсагIат магIарухъ гIумру гьабун вугев гIадатав пенсионер, дида гьеб жо релълъун бахъунеб буго гIицIго «Гьоболасул хIама хIорде бачана-гьекъаниги гьекъечIониги ургъел гьечIо» кициялда. Ххвалие гьабулеб буго кинабго, ракI унтун гуро. 

 

ГьабсагIат авар казияталъул редакторлъун вачIарав магIарул сатираялъул удаман ГIумахан ГIандийскиясдеги кIудияб хьул буго, цеве вукIарас гIадин рихьдае кIал гьамгьазабичIого, миллат цIунулеб къолденлъунги мацI машгьур гьабулеб матIулъунги «ХIакъикъат» цебе бачинилан.