Тарихалъул лъалкIда хадур

БетIер букъизе ккола жаназаялда аскIоб

ЛъикIаб иш гьабун бахъунеб мехалда, жидеего цIар гьабизелъун,
гьоркьоре лъугьунелги камуларо

Азербайжаналда букъараб ХIа­жи­­­мурадил жаназаялда аскIоб гье­­сул гвангвара букъизе кколин абун, Санкт-Петербургалда Кунст­ка­ме­раял­да бугеб гьеб нахъе кьеян тIа­лаб гьабулеб буго дагъистанияз. Гьеб иш гIумруялде бахъинабулеб къо­къаялъул вакилзабаз журналистазе бицана жидецаго гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ.
Журналисталгун дандчIвана рехсараб масъала тIубазабизе гIуцIараб жамгIияб комитеталъу­л членал: ХIа­жимурад наибасул наслуялъул чи Му­хIамадгIарип ХIажимурадовги, биз­несмен ва меце­нат, проекта­лъул коор­динатор Жамалудин ГIума­ров­ги, Ма­гIарул театралъул директор Му­хIа­мадрасул МухIамадрасуловги, ДР­­­я­лъул ЖамгIияб палатаялъул ва Кав­казалъул халкъазул Россиялъул кон­грессалъул президиумалъул член Денга Халидовги.
Жамалудин ГIумаровас бицана, ХIа­жимурадил бетIер нахъе тIалаб гьабизе байбихьанин 2010 соналда. Гьеб заманалда Пирогова­сул имени­ялда ХIажимурадил хIурма­талда лъу­на гамачI-памятник. Рехса­раб име­ниялда вукIаго, ракIалде ккун бу­го машгьурав хъвадарухъан Лев Толс­тоясда Шамилил наибасул хIа­къа­лъулъ асар хъвазе.
(Хадусеб 16-абилеб гьумералда)

РакIразияб хIасил

«Дагъистаналъулги Чачаналъул­ги имам Шамилил цIаралда бугеб культуриябгун тарихияб фонда­лъул хIалтIухъан МухIамад Элда­ровас абун буго, Тол­стоязул тухумалде хитIаб гьаби­зе кколин, ХIажимурадил бе­тIер тIад­буссинабизе кумек гьабеян гьа­рун. ХIажимурадие памятник ра­гьулеб тадбиралде щвараб мехал­да, нижеда лъана, гьеб масъала тIу­базабизе Толстояз некIого байбихьун бугеблъи. Гьелдаса нахъе нижеца къотIи гьабуна гьеб иш Владимир ва Петр Толстоязда тIадкъазеги бажарараб кумек гьезие гьабизеги», — ян бицана Жамалудиница.
Владимир Толстой гьабсагIаталда вуго культураялъул суалазул ра­хъалъ РФялъул президентасул гIакъ­лучи. Гьесул кумекалда­лъун ХIа­жи­мурадил гвангвара тIад­бу­сси­­­набиялъул масъалаялъул хIа­къа­­лъулъ лъазабуна Владимир Пу­­ти­нида. Улкаялъул бетIерасул би­хьи­забиялда рекъон, 2015 соналда РФя­лъул Культураялъул ми­нис­терство­ялда цебе гIуцIана ве­домст­вабаз­да гьоркьосеб комиссия. Гьелда тIад­къан буго рехсараб масъала тIу­бая­лъул ишги.
ХIажимурадил гвангвара тIад­бусси­набиялда бан гьабулеб кинабго хIалтIи жамгIияб комите­талъ дандбалеб буго гьесул нас­­луя­лъул чи МухIамадгIарип ХIа­­жи­мурадовасдаги. Гьев наибасул битIахъеяв ирсилав кколеблъи чIе­забуна Хунзахъ районалъул судалъ 2012 соналда гьабураб хIукмуялда ре­къон. Гьебго соналъ гьеб хIукму тас­дикъ гьабун буго ДРялъул Верхов­ный судалъги. Наибасул ирсилав хIи­сабалда МухIамадгIарипицаги божи­лъи гьабулеб буго Толстоязул хъизамалда. Гьес 2012 соналда кьун буго «Ясная поляна» абураб музеялъухъеги Толстоязул хъизамалъухъеги божилъиялъулаб кагъат.
«ТIоцебесеб нухалда жамгIияб комитеталъул данделъи букIана 2010 соналда. Нижер букIана цо мурад – ХIажимурадил гвангвара жаназаялда аскIоб букъи. Гьелдаса цониги чияс жиндиего пайда-хайир яги цIар-рецц гьабизе ракIалдаги букIинчIо. Ниж жакъаги цIаруе гIоло гуро ракIарун ругел. Нижее бокьун буго, 2010 соналдаса нахъе гьабураб хIалтIулги ккараб хIасилалъулги хIакъалъулъ бицине. Нижее кумекалъе рахъунел чагIазе кIудияб баркала буго. Кумек гьабизе ракIалда ккарав Рамзан Къадировасеги кIудияб баркала. Амма абизе бокьун буго жакъа цоги чи гьеб суалалда гьоркьове лъугьине ккараб хIал гьечIо. ХутIун руго гIицIго цо-цо техникиял суалал», — ан бицана Ж. ГIумаровас.

Киб букъилеб гвангвара?
Цояз абулеб буго, ХIажимурадил гвангвараги жаназаги цадахъ Дагъистаналда рукъизе кколин. Цогидазул пикруялда рекъон, гвангвара букъизе рекъараб буго жаназаялда аскIоб.
Гьеб суал жамгIияб комитеталъ дандбана ДРялъул Динияб идараялдаги наибасул гIагарлъиялдаги. Идараялъ абулеб буго, букъараб бакIалдаса жаназа нахъе босизе бегьуларин ва гвангвараги гьелда аскIоб лъезе кколин, ай Азербайжаналъул ракьалда тезе кколин. Гьеб пикруялъул рахъкколеб буго ЦIоралъул магIарулазги. «Дагъистаналда рукъун руго имамзабиги, шайихзабиги, устарзабиги. Руго гьенир Кавказалъул рагъул тарихиял бакIалги. Дагъистаниязе зияраталъе хьвадизе бакIал камун гьечIо. ЦIоралдайин абуни, ХIажимурадил хоб гурони гьечIо», — ян буго ЦIоралъул магIарулазул пикру.
МухIамадгIарип ХIажимурадовас бицана, жив чанцIулго щванин наибасул хабаде. Гьеб берцинго къачIанги цIунунги батанин жинда. «Нижер умумузул анищ букIана, гвангвараги жаназаги цо хабалъ парахалъизаби. Амма гьезухъа бажаричIо гьеб. Гьанже ирсалъе щвараб гьеб анищги хьихьун, дунгоги херлъана, хьул буго хвелалде дихъаниги гьеб тIубан бажариялде.
ХIажимурад-наибасул гвангвара тIадбуссинабизе хIалбихьана жеги 1992 соналъ. Амма дир гьелъие къуват гIолеб букIинчIо. ГIагарлъиялъги абулеб букIана, рехун тейин гьеб иш, духъаги гьеб тIубазабун бажаруларин. Амма Жамалудинги, МухIамадрасулги, Денгаги гьоркьоре лъугьаралдаса, гьеб иш чIаголъана. ЗахIматаб масъала буго гьеб. Жибго теян дицагоги абулеб букIана Жамалудинида. Амма гьес течIо. Гьанже, гIурусаз абухъего, тоннелалъусан канлъи кунчIараб мехалда, раккун рачIунел руго цо-цо гIадамал, жидеца кумек гьабизе бугин лъазабулел. Лъаларо, ракI-ракIалъ кумекалъе рахъунел гIадамалищ гьел, ялъуни жидеего цIар-рецц балагьулелищали».

Музеялъул экспонат гуро
Денга Халидовас бицана Кунсткамераялда рукIанин Калмыкиялъул бетIер Кирсан Илюмжиновасулги Ка­захстаналъул президент Нурсултан Назарбаевасулги умумузул гвангвараби. Гьезухъа бажарун буго гьел нахъе росизе. «ХIажимурадил гвангвараялъул масъалаги рагIалде бахъун буго. Гьеб нахъе бахъун буго пачалихъияб музеялъул аслияб фондалъул сияхIалдасаги хIисаб гьабиялъул документазда гьоркьосаги. Россиялъул Культураялъул министерствоялъ разилъи кьун буго гьеб жаназаялда цадахъ букъизе. Амма гьеб, цIунизеян абун, кьун буго Россиялъул ГIелмабазул академиялъухъе. Гьебго заманалда Россиялъул законалда кибниги хъван гьечIо, музеялъул экспонат хIисабалда инсанасул жаназа хIалтIизабизе бегьулин абун. ГьабсагIаталда ХIажимурадил бетIер рикIкIуна федералияб мулклъун. Гьебги багьанаде батун, кьоларогоги буго гьеб Кунсткамераялдаса», — ян абуна гьес.
Данделъиялда гIахьаллъана «Ясная поляна» музеялъул директор Екатерина Толстаяги. Гьелъулгун бухьен гьабун букIана телефоналдасан. «2006 соналдаса нахъе музеялъ байбихьана, ХIажимурадил бетIер букъизе кколин абураб дагъистаниязул пикруялъул рахъги ккун, хIалтIи гьабизе. Жаназа ракьулъ букъизе ккола – гьеб буго киналго диназги жамгIиятазги къабул гьабулеб пикру. ЗахIматаб масъала бугониги, гьеб тIубаялде хьул буго нижер.
ХIажимурад вуго Толстояс хъвараб къисаялъул аслияв багьадур. Гьеб асар машгьурлъун буго дунялалдаго. Ниж, Толстоясул хъизамги музеялъул хIалтIухъабиги, цIакъ рохана, хъвадарухъанасеги гьесул асаралъул багьадурасеги Дагъистаналда памятник бан бихьидал. Жакъаги кIочон толаро Дагъистаналда нижее гьабураб гьоболлъи», — ян бицана гьелъ.
Кавсарат Сулейманова