ГIумруялъул дарсал

ГIарцулъ гуро талихI бугеб

Бищун бечедасдаги сахлъи босун бажаричIо

Америкаялъул инженер ва предприниматель, Apple Inc корпорациялъе кьучI лъурав ва гьелъул исполнительнияв директор Стивен Пол Джобс рикIкIуна компьютернияб индустриялъул аслияв чилъун, ай компания цебетIеялъе квербакъарав инсанлъун.
Ахирисел анцI-анцI соназ Стив Джобс вукIана дунялалдаго машгьурав анкьгьунаралъул инсан. Миллион гIадамаз баркала кьола гьес ургъараб цифровияб техникаялъухъ, хасго персоналиял компьютеразухъ.
ХIаталдаса ун бечедав чи вукIаниги, Джобсихъа бажарана гIадатияв инсанлъун хутIизе. Дагьал цере Интернеталда рукIана больницаялъул палатаялда хвалда цере Стивица абурал ахирал рагIаби, ай гьес нилъер щивасде гьабураб хитIаб-васият. Гьеб рисалаталъ асар гьабичIев чи къанагIатги хутIун ватиларо.
ГIумруялъул 56 сониде вахарав «Apple» компаниялъул бетIер, миллиардер Стив Джобс къадаралде щвана чехьалда гъоркь букIунеб цIекIгьанада ккараб рак унтудалъун. Холелъул гьес абуна: «Ишалъулаб дунялалда дун сундулго рахъалъ цогидазда анищин ккараб борхалъиялде вахана. ГIемерисезул берзукъ дир гIумру букIана унго-унголъунги бергьенлъидул тIохлъун. Амма мукIурлъила, дир гIумруялъулъ мукъсанаб къадаралда гурони хIалтIитун батIияб рохел букIинчIо. Гьереси щай, бечелъи ккола дун ругьунлъараб дие бокьулеб жо.
БецIаб палатаялда гIумру цIунулеб аппараталдасан бачIунеб гIурччинаб канлъухъ балагьидал ва гIадатияб механизмалъул гьаракь рагIидал, чорхол хIалалъ бицунеб буго дир хвел гIагарлъулеб букIин, дида рагIулеб буго Халикъас цIалеб хIохьладул гьаракь. Гьанже, гIунги тIокI гIарац бугеб мехалда, рекъараб букIина, бечелъиялда хурхинчIел, ай гIумруялъул цоги суалазда тIад ургъизе…
ГIумруялда жанир руго гIемерал кIвар цIикIкIарал жал. Цоязе гьеб батизе бегьула гьоркьоблъи, цогидазе — искусство яги лъималазул анищал…
Ахирго гьечIеб бечелъиялда хадув лъугьиналъ инсан марионеткаялде сверизавула. Гьедин ккана дирги. ГIагаразда нилъер рокьул бицине Халикъас нилъее кьун буго асар гьабулеб бажари.
Дида доб дунялалде цадахъ босизе кIоларо гIумруялда жаниб данде гьабураб бечелъи. Дица цадахъ росула — рокьуда хурхарал ракIалдещвеял. Гьеле гьеб букIине ккола нужгун, гьел гьеб ккола нужее церехун ине къуват кьолеб унго-унгояб бечелъи.
Рокьиялда бажарула рорхатал мугIрулги халатал нухалги нахъа тун. ГIумруялъул гIорхъи-рахъ букIунаро. МукIур гьабе нужеего бокьараб борхалъи. А ракIалъ ахIараб бакIалде. Гьеб кинабго буго нужер ихтияралда, нужеда кодоб.
Гьаб лахIзаталда дун вегун вуго хвалил бусада ва ракIалде щвезабулеб буго тIолго гIумру. ТIаде гIунтIун бугеб хвалда цебе дида бичIчIана, дун хIаталдаса ун чIухIулев вукIараб дир бечелъиялъулги машгьурлъиялъулги кинабгIаги кIвар гьечIеблъи, гьеб гуро гIумруялъул масъала ва анищалъул борхалъи.
ГIарац бугони, машинаялда мун ваччизеги, щиб-щибги рокъоб гьабизе хIалтIизеги дуца мухьдахъ чи кквезе бегьула, амма, кигIан гIемер гIарац-месед бугониги, кIоларо дур унти жиндего тIаде босулев чи валагьизе.
ГIарцухъ щиб бокьаниги босизе бегьула, амма буго цо жо я балагьизе, я босизе, я батизе рес гьечIеб, ай дудаса гьеб билани, киданиги бичун босизе бегьулареб. Гьеб ккола ГIУМРУ. ГIолохъанлъиги сахлъиги букIаго, гIумруялдаса кIванагIан кеп босе ва цогидазул адаб гьабе. Санал ранагIан камиллъула нилъер гIакълу. КватIун бугониги, нилъеда бичIчIула 30 долларалъе босараб сагIаталъги, 300 долларалъе босаралъ сагIаталъги цого заман бихьизабулеблъи. 30 долларалъе босараб киса бугониги, 300 долларалъе босараб киса бугониги, гьезда жанибе цого къадаралда гурони гIарац унареблъи. 150 азарго долларалъе босараб машинаялда рекIун аниги, 300 азарго долларалъул багьа­яб машинаялда рекIун аниги, нухги заманги цохIо букIуна. 300 долларалъе бугеб чагъиралъул шиша гьекъаниги, 100 долларалъе босараб шиша гьекъаниги, мехтел цого букIуна. 300 м² минаялъув гIумру гьа­бун вугониги, 3000 м² вугониги, мун цохIо къагIидаялда янгъизго вукIуна.
БатIалъи гьечIо, чан сон гьабсагIат дур бугониги ва кинаб борхалъиялде мун вахун ватаниги, нилъер щивасде тIаде щола пардав гIодобе биччараб къо.
Дур хIакъикъияб талихI бечелъиялда, гIарцуда бараб гуро бугеб. ТIоцебесеб классалда яги экономклассалда воржулев вугониги, самолет бортани, мун гьебгун цадахъ вортула. Божула, дуда бичIчIулеб батилин, гIакълу бикьизе, къварилъи-рохел дандбазе дур лъикIал гьудулзаби яги гIагарал чагIи ругони, гьеб унго-унгояб талихI кколеблъи.
Унго-унгояб бечелъи ккола хъизамалде, йокьулелде, гIагарал чагIазде ва гьудулзабазде бугеб рокьи…
ЦIуне нужго, тIалаб-агъаз гьабе цогидазул.
Гьале нужее, тIад къалам кIутIизе рес гьечIеб щуго малъа-хъвай:
1. Лъималазда бечедал рукIине малъуге, малъе талихIал рукIине, гьедин тарбия кьуни, кIудиял гIедал гьезда лъазе буго сундулго багьа.
2. Квен дару гIадин кванай, гурони дуца дару кваназе ккола квен гIадин;
3. Унго-унголъунги вокьулев чияс мун рехун толаро, дудаса инкар гьабизе нусго гIилла батаниги, гъолда яги гъосда цо гIилла батизе буго дудаса инкар гьабичIого тезе.
4. КIудияб батIалъи буго гIаданлъун вукIиналдаги, гIаданасул гIадаб гIамал-хасияталда вукIиналдаги гьоркьоб.
5. ГIедегIун ине бокьун батани, а цохIо мунго. РикIкIад ине бокьун батани, а цадахъ.
Лъан букIа, бакъул канлъиги, сахаб хIухь­бахъиги, спортивияб зарядкаги, диетаги, жиндаго ракIчIейги ва гьудулзабиги дунялалда тIад бищунго лъикIал тохтурзаби кколеблъи. МугъчIвай гьабе гьезда ва сахаб гIумруялдаса босе кеп.
Нури Нуриев