ЦIияб закон

Квалквал гьабуразе — уголовияб тамихI

 

6 августалдаса хIалтIизе байбихьана Россиялда хехаб кумека­лъул машинаялъе нух биччачIел яги тохтурзабазул хIалтIуе квалквал гьабурал гIадамал уголовияб тамихIалде цIалел законал.
Хехаб кумекалъул машинаялъе нух биччачIел водителазда гьан­желъизегIан 500 гъурущ гIакIа къотIулаан, гьанжеялдаса нахъеян абуни 5000 гъурущ гIакIа къотIизе буго ва гьединго 3-12 моцIалъ машина бачиналъул ихтияралдаса махIрум гьаризе руго.
Нагагь хехаб кумекалъул машина цебехун биччачIолъиялъ тохтурзабазул хIалтIуе квалквал ккун батани ва гьелдалъун унтарасул сахлъиялъе зарал ккани, машинаялъе нух биччачIев водителасда 80000 гъурущ гIакIа къотIизе ва гьединго кIиго соналъ эркенлъиялдаса махIрум гьавизе бихьизабун буго цIияб законалда рекъон. Нагагь хехаб кумекалъул машинаялда вукIарав кумек хIажатав унтарав хвани, гьесие нух биччачIев водитель ункъо соналъ колониялда туснахъ гьавизе рес буго.
Медицинаялъул хIалтIухъабазул сахлъиялъе зарал гьабуралъухъги гIакIа къотIизе буго, зарал гьабурав кIиго соналъ эркенлъиялдаса махIрумлъизецин рес буго. Тохтурасе чIвазе вугин хIинкъи кьуралъухъ яги гьесул сахлъиялъе кIудияб зарал гьабурав щуго соналъ туснахъ гьавизе бегьула.