ГIалимчиясул хIурматалда

ГIумрудул борхатаб си

 

Хашаев ХIажимурад гьавуралдаса 110 сон тIубай кIодо гьабуна

Шамил райадминистрациялда тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъана районалъул нухмалъулелги, росабазул бегавулзабиги, школазул директорзабиги, ХIажимурдил ракьцоялги. Тарихиял гIелмабазул доктор, профессор, юстициялъул генерал Хашаевасул гIумруялъул хIакъалъулъ гьадин бицана райадминистрациялъул бетIерасул тIоцевесев заместитель МахIач МахIачевас: «10 сон бан букIана ХIажимурадица, Чачаналде хIалтIизе араб мехалда. Гьенив вукIаго гьалмагъас, лъачIого таманчаги речIчIун, лъукъула ХIажимурад. КъотIизе ккола бох. Гьениб щвана гьесие «хаш», ай чачан мацIалда гьобол абураб цIаралъул магIна бугеб фамилияги. Гьенив лъугьуна ХIажимурад ВКП(б)ялъул кьеразулъе. Ликбезалъул курсалги лъугIизарун, цIализе лъугьуна педтехникумалде. 20 сон барав чи тIамуна КъахIиб районалъул халкъияв судиявлъун. 1932 соналда Москваялда юридикиял курсал лъугIизарурав гьев хIалтIана Дагъистаналъул Верховный судалъул членлъун, КъахIиб райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун, Дагъистаналъул ЦИКалъул жавабияв секретарьлъун. Цинги ХIажимурадица лъугIизабуна Москваялъул багIараб профессураялъул институт. 28 сонил ригьалда лъугIизабуна институт ва хIалтIана ДАССРалъул прокурорасул ишал тIуралев чилъун, Дагъистаналъул юстициялъул наркомлъун, Дагъистаналъул прокурорлъун, РСФСРалъул прокуратураялъул уголовнияб отделалъул прокурорлъун, РСФСРалъул Министрзабазул советалда цебе бугеб ДАССРалъул Министрзабазул советалъул кидагосев вакиллъун. Зулмаби гIемераб 1937-абилеб ва хадуселги соназ захIматаб асар гьабуна Хашаевасе. НКВДялъул хIалтIухъан Тучиница республикаялъул церетIурал хIалтIухъабазде гIунтIизарулел рукIана мекъал гIайибал. Гьеб рекIее гIечIев ХIажимурадица хитIаб гьабуна партиялъул обкомалде, амма гьениб гьесул рахъкквечIо. ХIажимурадил дагIба ккана Ломоносовасулгун ва ГIабдурахIман Данияловасда гьес абуна гIайиб гьечIел гIадамал чIвазе «тройкаялъ» къотIулел хIукмабазда гъоркь гъолбасине жинда кIоларин. ХIакъикъаталдаги гьев хIалтIудаса нахъе ана ва Москваялде цIализе лъугьана.
1950 соналдаса нахъе Хашаевас жиндирго гIумру бухьинабуна гIелмуялда. ГIемерал соназ бетIерлъи гьабуна Дагъистаналъул «Знание» обществоялъул отделениялъе. ЧанцIулго вищана Дагъистаналъул ЦИКалъул президиумалъул членлъун, РСФСРалъул ВЦИКалъул членлъун, ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун. ХIажимурад мустахIикълъана Октябралъул революциялъул, ЗахIматалъул БагIараб байрахъалъул, «ХIурматалъул гIаламат» орденазе ва гIемерал медалазе.
Шамил районалъул Ветераназул советалъул председатель МухIамадрасул АсхIабовас абуна жинца ХIажимурадил хIакъалъулъ тIехь хъвалеб бугин ва чанго мисал рехсана Хашаев кинав чи вукIаравали цебечIезабулеб. «Гьев вукIана унго-унгояв маслихIатчи. Ре­къел гьабизе хьвадулаан республика бахун къватIивецин. КигIан кIудияб къварилъи тIаде бачIаразги абулаан ХIажимурадихъе инарищин. Гьедин рачIараз цIун букIунаан гьесул кабинетги. Гьезул къваригIелал тIуралев, гIунтIун гIансагун батIи-батIиял идарабазде хьвадулев, телефоналъ ахIдолев вукIунаан гьевги. ХIажимурадил бухьен букIана Лъахъа ХIамзат-апандиясулгунги КъахIиса МухIамадгIарип-апандиясулгунги. Районалде ХIажимурад вачIун вугин рагIидал, гьесда дандчIвазе вачIунаан ХIамзат-апанди. МахIачхъалаялда гIумру гьабун вугев КъахIиса МухIамадгIарип-апандиги вачун Талгиялде, щибаб рузманкъоялъ, машина кьолаан ХIажимурадица рузман базе ине.
Рагъул соназ Болъихъ районалъул цо росдал колхозалъул председателас цIакъго ресукъазе цIоросаролъ бикьун буго. МацIихъабаз мацIги гьабун председатель жанив тIамизе вачун ун вуго. Гьесул гьитIинав вацасда рагIун буго Хашаевасул хIакъалъулъ бицунеб. Ун вуго гьесухъе. Мурад бициндал, ХIажимурадица гьесда абула мун эхеде айин, вац дудаса цеве лъове щун ватизе вугилан. Гьедин ватунги вуго», — ян бицана М.-Р. АсхIабовас.
Тарихиял гIелмабазул доктор Давудов ГIумарица бицана: «Дица ХIажимурадил хIакъалъулъ хъвана щугониги очерк. Гьелъулъ гуро иш бугеб. Дица гIажаиблъи гьабула къокъаб заманалда жаниб гIелму-лъайго гьечIев вехьасул машгьурав гIалимчи вахъиналда. Гьев вукIана Аллагьасго кьураб къанагIатаб лъаялъулги бажариялъулги инсан. 1969 соналда захIматго унтарав гьев уна Типлисалде, докторасулаб диссертация цIунизе. Гьенибги бихьулеб буго жиндирго сахлъиялдаса къиматаб букIин гьесие гIелму. ХIажимурадил цIар кьун буго росдал школалъе, шагьаралъул цо къватIалъе, гьес гIумру гьабулеб букIараб минаялъул ва хIалтIулев вукIараб ДНЦялъул къадазда чIван руго ракIалдещвеялъул хъарщал».
Ругъелда росдал школалъул директор МухIамад ТIайгибовас бицана, гьесул гIумруялъулги хIаракатчилъиялъулги цIех-рех гьабулаго, кIудияб асар гьабунин лъабго жоялъ: тIоцебесеб, ГIабдурахIман Данияловасул ракIалдещвеяз. Гьес хъван буго ХIажимурад жиндие вукIанин гIамал-хасияталъулги хьвада-чIвадиялъулги рахъалъ мисаллъун. КIиабилеб, рекIее кутакаб асар гьабуна гьес васасухъе хъварал кагътаз: «ГIолиллъиялдаса пайда босизе ккола гIелмуялъулъ лъадарун, гIадамазе пайдаял рукIинелъун, гIун рачIунел гIелазе лъикIаб тарбия кьезелъун. Улкаялъул культурияб даражаялъул тIогьире рахине хIаракат бахъинчIони, лъиего хIажат гьечIеллъун хутIизеги бегьула. Лъие пайдаявлъунха вукIинев гIумруялдаса нахъе хутIарав, лъавукъав ва жиндирго хасаб махщел гьечIев чи. Гьединлъидал чара гьечIого цIализе ва улкаялъул гуребги, тIолго дунялалъулго культурияб цебетIеялда хадур гIунтIун рукIине ккола…». Лъабабилеб, гьесул щулияб бухьен букIана къелдерилгун», — ан.
КIудияб рохелгун вачIана дун гьаб данделъиялдейилан абуна гIемерал соназ районалъе нухмалъи гьабурав МухIамад МухIамадзагьидовас ва рехсана Хашаевасул гIумруялдаса цо лъугьа-бахъин: «ГIелмабазул академиялда хIалтIулаго, гьев щун вуго ГIураде. Гьениб хIакимзабазул дагIба ккун буго гьев жидехъего вачине бокьун. Амма Хашаев ун вуго жидерго умумузул гьоболасухъе, гьесухъа изнуги гьарун гурони ун гьечIо дол хIакимзабазухъеги».
Данделъиялда кIалъана техникияб университеталъул проректор ХIажи Азаев, районалъул прокурорасул заместитель ХIусен ГIонжолов, юбилярасде гьарурал жидерго кучIдул цIалана С. ГьитIинамухIамадовас, М. Зиявудиновас, Ш. МаламухIамадовас.
Ахиралда данделъаразе ва тадбир гIуцIаразе баркала кьун кIалъана ХIажимурадил вас Руслан Хашаев, ясалъул вас, профессор Наби ГIумаров, Москваялда гIумру гьабулев васасул вас ХIажимурад Хашаев.
Дагъистаналъул тарих, Дагъистаналъул талихI,
Хабалъе бетIер щвечIев Хунзахъа ХIажимурад.
Дагъистаналъул талихI, Дагъистаналъул тарих,
ГIелмудул борхатаб си — Могьохъа ХIажимурад.
Нуж кIиябго канаб цIва, камилаб дир халкъалъул,
Цояв Шамилил наиб, цояв гIелмудул наиб.
ГIумру, гIасру батIиял, амма ритIухълъи тIокIал,
ГIаданлъиги чилъиги чорхолъ рухIлъун бессарал.
Сайпула ГьитIинамухIамадов