Байрам

БукIана рохелги ихтилат-кепги

 

12 июналда, тIолабго улкаялдаго гIадин,
Дагъистаналдаги кIодо гьабуна Россиялъул къо

Байрам кIодо гьабуна МахIачхъалаялдаги. Масала, ГIурус театралда цебе тIобитIараб байрамалъулаб концерталда гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель Анатолий Карибов, тахшагьаралъул бетIер Салман Дадаев, МахIачхъалаялъулгун вацлъи рагIизабураб немцазул Ольденбург шагьаралъул делегация. Данделъаразда байрамги баркун, гьадин абуна тахшагьаралъул мэр Салман Дадаевас:
«Нилъер гIадат буго цоцае кумек гьаби, мадугьалихъ гьудуллъиялда рукIин. Гьеб ккола нилъеца цIунизе ва гIолохъанаб гIелалъухъе кьезе кколеб миллияб бечелъиги. Жакъа нилъе­да бичIчIулеб буго цадахъ лъугьун гьабулеб хIалтIи рагIалде бахъинабизе кIолеблъи. Дун божаравги вуго церелъурал масъалаби нилъеца тIуразе рукIиналда», — ян.
Байрам берцин гьабуна «Волна» абураб халкъияб хоралъ ва «Лукоморье» лъималазул фольклорияб ансамблялъ. Шагьаралъулазе жидерго махщел-гьунар сайгъат гьабуна лъималазул «Дети гор», «Атлы-боюн», «Геба», «Горцы», «Таргу Яшлар» абулел хореографиял ансамбляз, гьез рихьизаруна Дагъистаналъул халкъазул кьурдаби. Халкъалда цее яхъана ДРялъул халкъияй артистка Зульфия Илясова ва «Ты супер!» телепроекталъул финалистка Элвира ЯхIяева.
Гьенирго тIоритIана «Горные вершины» абулеб хореографиял искусствабазул фестиваль, хадуб — «Россия — Родина моя» абулеб халкъияб творчествоялъул республикаялъул фестивалалъул гала-концерт.
Гьединалго байрамалъулал тадбирал тIори­тIана Гьудуллъиялъул рокъор ва Т. Мурадовасул цIаралда бугеб Дагъгосфилармониялда цере.
ТIоритIана сакъатал лъималазда квер­чIваял­де ахIулел акциял, спортивиял къецал.
«Россия – моя история» абураб тарихияб пар­калдаги Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялдаги тIоритIана суратазул ва тIахьазул выставкаби.
Тахшагьаралъул аслияб майданалда «Я — россиянин» абураб акциялъул гIахьалчагIаз рикьана лентаби, шарал ва Россиялъул къоялъул бицунел буклетал.
Нури Нуриев