Хасаб пикру

ГIакълучиги къосунев…

2019 соналъул кIиабилеб июналда ватIаналда букъана имам Шамилил наиб ХIажимурадил жаназа

Абулеб букIана «щалали лъазе кIвечIез», Азербайжаналъул КIахъ районалда букIараб хобги рагьун, ХIажимурадил жаназадул хутIел Хунзахъ районалде босун бугин ва гьениб букъанилан абун. Гьеб «бахIарчияб» ишалъул бетIерлъунги вихьизавулев вукIана Башкортостаналдаса РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун кколев ХIажимурад ГIумаров.
Гьеб лъугьа-бахъин сабаблъун бахъана ахIи-хIур ва дагъистаниял рикьана кIиго бутIаялде. Цояз рахъккуна гьел «бахIарзазул», кIиабилез гьеб иш рикIкIана цIогь гьабилъун. Нижее бокьун гьечIо гьеб кинабго понцIозабизе. Амма хадурккун гьединал гъалатIал риччангутIиялъул мурадалда хIасилал гьаричIогоги гIоларо.

Букъараб бакIалдаса жаназа батIияб бакIалде боси (исламалда рекъон)

Гьеб иш ккелалде чанго къоялъ цебе бицунеб букIана ХIа­жи­мурадил жаназа магIарухъ бу­къизе рагIулин. Наибасул ирсилав­лъун кколев МухIамад-ГIарип ХIажимурадо­вас­даго цадахъ нижеца гьеб хабар къа­бул гьабуна иргадулаб маргьа хIисабалда. Амма гьеб маргьа батичIо. Кинабго гьабун бугоан МухIамад-ГIарипидаса балъго ва машгьурав тарихчи ГIалибег Хъазанбиевасги гьесги кIиабилеб июналда кьварараб гара-чIвари гьабун буго ХIажимурад ГIумаровасулгун. «Щай нужеца, лъиданиги гьикъи­чIого, гьеб иш гьабураб? Щай гьикъичIеб ХIажимурадил ирсила­сулги, власталъулги, исламиял гIа­лимзабазулги пикру?» — абураб суалал кьун руго гьез депутатасе. Щун гьечIо мухIканал жавабалги. Гьелде тIадеги, загьирлъун буго, Хунзахъе рахунеб бакIалда, БакьайчIи росдада гIагарлъухъ жаназа букъизехъин букIараблъи. Амма, М.-ГI. ХIажимурадовасги ГI. Хъазанбиевасги цIадулгун махсараялъул хIасил лъикIаб кколареблъи гьесда «бичIчIизабун» хадуб, наибасул жаназа кьун буго гьесул ирсилазухъе ва букъун буго Хунзахъ.
ГIажаиблъизе бачIуна цо-цо ма­гIа­рулазул бичIчIигьечIолъиялда. «Би­тIараб иш гьабун буго, ХIа­жи­мурадил жаназа нахъе боси», — ян абулеб буго цо-цояз. Гьезул ман­тIикъалда рекъон, нилъеца рухъизе кколел ругоха Мадинаялда бугеб Шамил-имамасулги, Веденоялда бугеб СалтIаса шайих Узун-ХIажилги, Чачаналда бугеб Хунзахъа Ахъбердил МухIамадилги, Турция­лъул Къарсалда бугеб кIаралазул ГъалбацI-дибирилги хобал ва гьезулги жаназаби росизе кколел руго ватIаналде. Жидерго иш ритIухъ гьабиялъул мурадалда, цо-цояз далиллъун бачунеб буго гьадинаб мисал: Таргъуялда вукъун вукIарав тIоцевесев имам ГъазимухIамадил жаназа, Ша­мил-имамасул бихьизабиялда ре­къон, Генуб росулъе боси ва гьениб букъи. Амма кIочонеб буго гьадинаб хIужа: Таргъу доб заманалда мутIигIлъулаан Россиялъул империялъе ва рикIкIунаан тушбабазул ракьлъун. Жаназа росулъе босиги рекъон­кколаан исламалъул тIалабалда. Империялъулгун рагъ унеб заманалда имамас ГъазимухIамадил жаназа ватIаналде босизабиялде бащалъулищ жакъа ккараб лъугьа-бахъин? Жакъа нилъги рагъулелищ ругел Азербайжангун? Добаги гIумру гьабулеб буго бусурбабаз, гьездаго гьоркьор – магIарулазги лезгиязги. Гьезие ХIажимурадил хоб букIана хасаб игIланлъун, ватIаналъулгун бухьен тасдикъ гьабулеб памятниклъун. Гьезулги ццим бахъинабуна гьеб лъугьа-бахъиналъ.

ХIажимурадил хоб:
Азербайжаналъул властьги халкъги

Жидерго «бахIарчияб» иш тасдикъ гьабизелъун рехсолеб буго гьадинаб хIужаги: «Азербайжаналъул власталъги бакIалъул гIадамазги рехун тун букIана Дагъистаналъул бахIарчиясул хоб ва дол (Азербайжаналъул власть) рохун руго жаназа Дагъистаналде босиялдаса».
ГьечIо гьеб гьедин. Дица гьаниб рехсела тарихчи Рудольф Ивановасул «ХIажимурадил хIакъалъулъ хIа­къикъат» абураб тIехьалдаса кес­кал. Гьесги кьочIое росун руго маш­гьурав тарихчи-краевед Булач ХIа­жиевасул хъвай-хъвагIаял. Б. ХIажиев ун вукIана Азербайжаналде, «ХIажимурад тарихалда ва биценазулъ» абураб тIехь хъвалеб мехалда.
Рехсарал тIахьазда кьурал баяназда рекъон, ХIажимурадил хоб, жамгIияб хабалалъ гьечIониги, ки­даниги букIинчIо рехун тун. Гьеб рикIкIунаан бусурбабазе хирияб зияратлъун. 1950-абилел соназул ахиралда, Азербайжаналъу­л гIелмабазул академиялъул гIа­лим­чи-археолог МухIамадгIали ХIу­се­но­васул хIаракаталдалъун, цебелъуна ХIажимурадил хоб Азербайжаналъул тарихияб памятниклъун рикIкIине кколин абураб масъала. 1862 соналдаго ХIажимурадил вас Гулаца хабада лъураб зани жагъаллъун букIана. Гьединлъидал, 1959 соналъул сентябралда М. ХIусеновасул экспедициялъ гьеб зани щвезабуна Азербайжаналъул тарихалъул музеялде. Музеялъул гIелмияб советалъул данделъиялда хIукму гьабуна ХIажимурадил хоб цIигьабун къачIазе. Заниялда гIарабалъ гьабун букIана гьадинаб хъвай-хъвагIай: «Гьаб буго Хунзахъа ХIажимурадил, магIарулав Сеид уш-шагьидил («шагьидазул бетIергьанчиясул») хоб. Гьижрияб 1268 сон (1852 с.)».
Амма щаклъи букIана хабалъ хIакъикъаталдаги Лев Толстоясул къисаялъул аслияв багьадур ву­къу­н ватиялда. Гьединлъидал М. ХIусеновас хитIаб гьабуна Азербайжан ССРалъул нухмалъиялде, республикаялъул компартиялъул тIоцевесев секретарь Имам Жадемир огъли МустIафаевасде. Гьес ихтияр кьуна хоб рагьизе, Азербайжаналъул тарихалъул музеялъул гIалимчагIазулгун дандчIаялдаги гьес гьадин абуна: «Шайих Шамилил наиб машгьурав вуго тIолабго дунялалда ва тIолабго дунялалъе лъазеги бокьун буго, гIицIго хрестоматиялдаса цIалдохъабазе щолел баянал гурелги, кин гьев хваравалиги».
1959 соналъул июналда, власталъул ихтияралдалъун, рагьана ХIажимурадил хоб. М. ХIусеновасул баяназда рекъон: «ТIолабго хоб цIезабун бугоан гъутIбузул кьалбаз, хварасул рахIат хвезабугеян абулеб гIадин. Гвангвара нижеда батичIо, гьединлъидал ХIажимурадил хоб гьеб батиялда щаклъи хутIичIо нижер. Жаназа букIана мугъалда бегун. Гвангвара букIинчIо. БукIинчIо ХIажимурадил кинабгIаги алат-къайиги. РатичIо лахIдуялъе лъурал къаналги. РакIалде кколеб букIана, ХIажимурадил жаназа, бусурманаб къагIидаялъ букъичIого, гвандинибеги рехун, тIаде ракьги хъван, тун бугилан абун. Нижеца хабаде ракь хъвана. Эхетизабуна мармаралъул цIияб заниги. Зонода бикIунги букIана, цо хIарп гьоркьоса камичIого, 1862 соналда лъураб заниялдаса хъвай-хъвагIай».
Гьелдаса нахъе ХIажимурадил хобалъул тIалаб гьабулеб букIана Азербайжаналъул гIелмияб академиялъул тарихалъул институталъги тарихалъул музеялъги.
1960-абилел соназда, нухмалъиялда Вали Ахундов вугеб заманалда, берцинго къачIана ХIажимурадил хоб. ЧIезабуна гьелда хадуб кидагосеб бербалагьи. Азербайжаналъул нухмалъиялде ХIайдар ГIалиев ккараб мехалда (1960-абилел соназул ахиралда) ХIажимурадил хобалъе кьуна Азербайжаналъул тарихияб памятникалъул статусги, гьеб босана пачалихъияб тIалабалде гъоркьеги. 2001 соналда Азербайжаналъул гIелмабазул академиялъ къватIибе биччараб памятниказул сияхIалда гьеб рехсон буго 670-абилеб номералда гъоркь.
«ГьабсагIаталда (2012 соналда) ХIажимурадил хобалъул тIалаб гьабулеб буго КIахъ ва Шеки района­лъул нухмалъиялъ. Азербайжанал­да сапарал гьарулаго, нижеда бичIчIа­на, гьанжесеб Азербайжаналъги цIакъ кIудияб адаб гьабулеб буго ХIа­жимурадил. Азербайжаналъул лъабго батIияб власталъ (императорасулги, коммунистазулги ва гьанжесеб демократиябги) къимат гьабулеб буго хIинкъигьечIев бахIарчиясул…», — ан хъван буго Р. Ивановас.
Кидаго гуро тIадчIун тIалаб гьабулеб букIараб ХIажимурадил хобалъул. Гьелъул хIакъалъулъ цо чанго соналъ цебе хъван букIана «ХIакъикъаталдаги». Гьениб гIумру гьабулел магIарулаз хоб сверун чали гьабуна, хабаде боцIи бачIинчIого букIине. Амма гьеб хIужаги кьочIое босун, бегьулароан наибасул хоб балъго рагьизеги гьесул жаназа Дагъистаналде босизеги. Юридикияб рахъалъул гуро дица бицунеб бугеб, бицунеб буго моралияб рахъа­лъул, гIицIго КIахъ, Закатала ва Белокан районазда гIумру гьабулел нилъер магIарулазда цебе гуребги, Югалда ругел мадугьалзабаздаги, Азербайжаналъул власталдаги, халкъалдаги цебе бугеб жавабчилъиялъул хIакъалъулъ. Дагьал памятникалищ ругел Дагъистаналъул ракьалда, лъи­цаниги тIалаб гьабуларел, рехун тарал? Я власталда гьел рихьуларо, я гIадамал гьезде регIуларо.
Гьелде тIадеги, ХIажимурадил хоб рагьун буго хашго, сундулго ургъел гьабичIого. Хабада сверухъе бан буго ракь, жаназаялъул цо-цо бутIаби гьенирго хутIун ратизецин бегьула.
Гьанже нилъер буго ХIажиму­радил кIиго хоб: Санкт-Петер­бур­галда, Антропологиялъулгун этно­графиялъул музеялдаго жеги ху­тIараб гвангвараялде тIаде гьеб масъа­лаги хIажат букIанищ наибасул рухIалъе?!
БичIчIизе захIматаб иш ккана. Кинго абизеги кIоларо гьелда­лъун «тарихияб ритIухълъи чIезабуни­лан» абунги.
Денга Халидов,
политолог