КIиго пачалихъ цолъизабулеб кьо

Дербент буго Россияги Азербайжанги цоцада бухьинабулеб шагьранухда

 

«Каспий» Упрдор ФКУялъул баяналда рекъон, исана хаслихъе Самур гIоралда тIасан кьо бан ва «Кавказ» Р-217 шагьранухлул цо бутIа къачIан лъугIизабизе буго. 28 маялда гьел бакIазда гьарулел хIалтIабазухъ халгьабуна Росавтодоралъул бетIер Андрей Костюкицаги.
«Кавказ» Р-217 федералияб нухлул хал­гьа­бизе байбихьана республикаялъул тах­ша­гьаралдаса бахъараб Азербайжаналъул гIор­хъоде щвезегIан. Планалда рекъон, 2024 со­налде щвезегIан къачIан лъугIизе ккола гьенир гьарулел хIалтIаби.
Дербенталда «Каспий» Упрдор ФКУялъул начальник Сергей Улеевас Росавтодоралъул бетIерасда бицана шагьаралде рачIунел нухал къачIаялъул хIакъалъулъги. Дербент буго Россияги Азербайжанги цоцада бухьинабулеб шагьранухда. Гьенисан сордо-къоялда жаниб 23000 машина хьвадула. Гьенир цIиял нухал рахъиялъул проектал гьаризеги байбихьун руго. 2025 соналде Дербенталда све­рун бугеб нух къачIаялъ рес кьезе буго ша­гьаралда жаниб транспорталъулаб хIалуцин дагь гьабизеги.
Самуралда бараб кьоялъги цолъизабизе буго кIиго пачалихъ ва гьеб цIакъ сана­гIа­таблъунги лъугьине буго.