«РацIцIадал хIаял»

20 тонна рощнол бакIарана

 

15 апрелалда «Дагъистан» РИАялда тIобитIа­раб данделъиялда «РацIцIадал хIаял» абураб федералияб проект нухда бачунев ГIиса Рамазановас бицана республикаялда рищни батIа гьабун бакIариялъул къагIидаялде гIолилал ругьун гьариялъул хIакъалъулъ.
«Проекталъул магIна ккола хIаязул кумекалдалъун экологияб акция тIобитIи. Гьелда рекъон, бищунго хехго ва бищунго цIикIкIун рищни бакIарараб къокъа бергьуна. Субботникалда рищни бакIаризе гIадамал хIалица гьарун рачунел ратани, «РацIцIадал хIаязде» гIолилал гъираялда рачIуна. ХIаязда гIахьаллъизе бокьараз цебеккунго хъвай-хъвагIайги гьабун букIуна. Дагъистаналда гьеб проект хIалтIизе байбихьана 2017 соналда. Гьелъул хIакъалъулъ дида тIоцебе рагIун букIана Санкт-Петербургалда тIобитIараб гIолилазул халкъазда гьоркьосеб форумалда. Дица гьелъул цIех-рех гьабуна ва 2017 соналъул апрель моцIалда тIоцересел «хIаялги» тIоритIана МахIачхъалаялъул «Оазис» пляжалда», — ян бицана ГIиса Рамазановас.
ТIоцересел «хIаязда» гIахьаллъана 120 чи ва сагIатгун бащдаб заманалда жаниб рищни-къулалъул 350 хъап бакIарана гьез.
«РацIцIадал хIаял» гIицIго рищни бакIари гуро, хIаялъулъ гIахьаллъулел гIолилалгун цадахъ нижеца зарядка гьабула, флешмобал, экологиял викторинаби тIоритIула, тадбир лъугIун хадур киналго цадахъ къадеги кванала», — ян бицана Рамазановас.
ХIаялда бергьаразе спонсораз батIи-батIиял шапакъаталги кьола.
Дагьал церегIан къояздаги тIоритIана «РацIцIадал хIаял». Республикаялда гьел «хIаял» тIоритIизе байбихьаралдаса нахъе бакIарун буго 20 тонна рощнол, ва «хIаязда» гIахьаллъун вуго 986 чи.
ПатIимат
Сул­тIанмухIамадова