МагIарулай

Камиллъиялъе гIорхъи букIунаро

Игьалиса Асиятидаса мисал босизе хIаракат бахъула цадахъ хIалтIулез

Республикаялъул клиникияб больницаялъул нефрологияб отделениялъул жанахIалда бараб хIурматалъулаб хъорщода чIвараб медсестраялъул сураталда гъоркь хъван бугоан РКБялъул отделениязул процедуриял кабинетазда гьоркьоб тIобитIараб къецалда РахIматулаева Асиятил кабинеталъе тIоцебесеб бакI щванин ва бетIерав тохтурас гьелъие шапакъатги кьунилан. Отделениялъул заведующая Фатима ГIабдурахIмановалъ бицана сураталда йигей яс бищунго лъикIай медсестра кколилан.

РКБялда хIалтIулел азаргоялдасаги цIикIкIун медсестрабазда гьоркьоса бищунго лъикIазул хIалтIул хIалбихьиялъул хIакъалъулъ бицунеб больницаялъул бетIерай медсестра Фиала МухIамадовалъул тIехьалда Асиятил хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «РахIматулаева ккола лъикIаб махщалил медсестра. Гьелда лъала хIалтIуе къваригIунел киналго цIиял къагIидаби, махщалида тIуразарула тIадкъанщинал ишал, бажарула къварилъиялде ккарасе хехаб кумек гьабизе. Гье-лъул каламалъулъ гьечIо «бажаруларо», «кIоларо», «лъаларо», «гьеб дир хIалтIи гуро» абурал рагIаби. Гьелъул гIаксалда, кинаб тIадкъай кьуниги, заманалда тIубазабула. Гьелъул лъикIаб гIамалги, берцинаб каламги, унтараздехун бугеб тIалаб-агъазги бихьун, цадахъ хIалтIулезги хIаракат бахъула гьединабго жавабчилъиялда ва ракIбацIцIадго хIалтIизе», — ян.
Асият ккола Гумбет районалъул Игьалиса. 2006 соналда лъугIизабуна Аскерхановасул цIаралда бугеб ДГМУялъул базовияб медколледж. Гьелдаса нахъе хIалтIулей йиго нефрологияб отделениялда.
Берцинаб гьимигун, гьуинаб каламгун дару гьабизе Асият палатаялде ячIин жидее рохеллъун букIунин бицана гьенир регарал унтаразги. Отделениялда хIалтIулеб 13 соналда жаниб гьелъие я унтарасул, яги тохтурасул рахъалдасан цониги бадибчIвайги щун гьечIо. Гьелъул гIаксалда, щун руго гIемерал шапакъатал, рецц-бакъалъул ва баркалаялъул рагIаби.
2010 соналда больницаялъул отделениязул медсестрабазда гьоркьоб тIобитIараб «Бищунго лъикIай медсестра» абураб конкурсалдаги тIоцебесеб бакI босана РахIматулаевалъ. Гьанжеги гьей хIадурулей йиго гьединабго къецалда гIахьаллъизе.
Гьелъул хIакъалъулъ бицунаго, отделениялъул медсестра Сулейманова Месейица абуна:
— Асият йиго гIадамазе лъикIлъи гьабизе бокьулей гIадан. Дару кьезе, укол гьабизе, капельница лъезе гьей ячIиналъухъ балагьун чIун рукIуна унтарал. Щайгурелъул, гьелда лъала гьезул ракI-макI гьабизеги, данде кколеб берцинаб рагIи бицинеги ва сахлъизе рукIиналда гьел божизаризеги. Аслияб жо — гьелъул буго лъикIаб лъай, тириял кверал, унтарасдехун гурхIел, — ан.
Нури Нуриев