Гьунар тIокIазе рагьарал нуцIби

Пагьму бугел лъимал тIатинариялъе гIуцIараб проект

 

25 марталда ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов гIахьаллъана Гъарабудагъкент районалда бугеб лъималазул сахлъицIуниялъулгун лъайкьеялъул «Солнечный берег» централда республикаялъул Лъайкьеялъул министерствоялъул ва вице-премьерасул жигарчилъиялдалъун «Бинилект» лъайкьеялъул проект рагьиялъул тадбиралда.
Проекталъул аслияб масъалалъун ккола пагьму бугел лъимал тIатинари ва гьитIинго гьел предпринимательлъиялде ругьун гьари.
— Ниж гьаб проекталда тIад гIемер ургъана. Жакъа нижеца рагьулеб буго профилалъулаб лъайкьеялъул тIоцебесеб смена. Баркула нужеда проекталъул гIахьалчагIилъун рукIине рес щвей. Нужерго эркенаб заман гIадада биччазе гьечIо нужеца — бихьизабе нужерго гьунар. Гьеб нужее хадуб цIакъ хIажалъизе буго. Гьенир нуж ругьун гьаризе руго гIадамалгун хIалтIизе. Гьединаб тIалаб буго жакъасеб гIумруялъулги. Байбихьи лъезе ккола жакъаго. КIудияб кIвар кьезе буго гIадамазда цере рахъун кIалъазе нуж ругьун гьа­риялдеги презентациял хIадур гьа­ризе лъаялдеги. Гьарула нужее гьабулелъулъ икъбалги бажариги, — ян абуна премьерас жиндирго баркиялъулаб кIалъаялда.
Россиялда машгьурай телеведущая, журналист, преподаватель ва жамгIияй хIаракатчIужу «Искусствоялъул ва медиатехнологиязул школа» проекталъул нухмалъулей Арина Шараповалъ жиндирго кIалъаялда проекталъул гIахьалчагIазе насихIатал гьаруна:
— Хириял лъимал! ТIоцебесеб иргаялда, нуж божизе ккола нужехъаго гьеб иш бажаризе букIиналда. Дун гьабсагIаталда кIвар кьун ялагьун йикIана нужехъ. Нужер цо-цояз бахъулеб букIана телефоназда премьерасул кIалъай. Гьеб букIана гIадамал гIенеккиледухъ кIалъазе бугеб махщалил мисал. ГIенекке чIахIияз малъулелъухъ, хIаракат бахъе тIасабищараб ишалъе ритIухъаллъун хутIизе, — ян абуна гьелъ.
Художествияб гимнастикаялъул рахъалъ анцIго нухалъ дунялалъул чемпионкалъун яхъарай Ольга Капрановалъ цIалдохъа­базда абуна заманалъул къимат гьабизе ругьунлъейилан.
Дандеруссиналда гьединго гIахьаллъана Дагъистаналъул парламенталъул вице-спикер Елена Ельникова, ДРялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Уммупазил ГIумарова, ДРялъул юстициялъул министр КазимухIамад Сефиркъурбанов, Великобританиялда вугев тIоцебесеб каналалъул корреспондент Тимур Сиразиев, спорталъул мустахIикъав мастер ХIайдарбег ХIайдарбегов ва цогидалги.
Гьелдаса хадур гьалбал гIахьаллъана «ГIолилал ва тIалъи» абураб гургинаб столалда. Гьел данд­чIвана цIалдохъабигун ва гьезул суалазе жавабал кьуна. Гьалбадерида гьоркьор рукIана «Дир Дагъистан» конкурсалда бергьарал Юлдуз МухIамадова ва Карина ТIагьирова.
ДандчIваялъул ахиралда Артем Здуновас абуна гьале гьадинаблъун бихьулин жинда Дагъистан щуго соналдасайилан:
— ТIолабго дунялалда цебе къадру-къимат бугеблъунги ва жинде киназулго божилъи бугеб­лъунги, — йилан.
Школалда цIалулелъул, хасго менеджерлъун вахъине ккани, кинаб предмет къваригIунебилан цIалдохъабаз гьикъидал, Тимур Сиразиевас абуна:
— Буго гьадинаб цо гIелму. Гьелда цIарги буго гIумру. Гьеле гьелде кьезе ккола аслияб кIвар. Нужеда гьабсагIаталда лъаларо ракIчIун кинал специалистал нужер рахъинелали. Аслияб жо гьабсагIаталда — бокьизе ккола гIумру, лъазе ккола гьелъул къимат гьабизе. Цинги кинабго нухда билълъуна,- ян.
Проекталда гIахьаллъизе риччалел руго цIалулъги спорталъулъги церетIеял ругел 7-9 классазул цIалдохъаби.
ГьабсагIаталда конкурсалда гIа­хьаллъулев вуго респуб­ли­каялъул 53 школалдаса 100 цIал­дохъа­н.
Ункъо батIияб номинациялда тIоритIизе руго дарсал:
— Предпринимательлъи.
— Маркетинг.
— Менеджмент.
— Коммуникация.
Дарсал кьезе руго Россиялдаса преподавательзабаз.
Проекталъул гIахьалчагIи гIахьаллъизе бегьула «Просвещение» Академиялъул грантазул конкурсалдаги. (50 000 гъуруш).
ДРялъул бетIерасулги
ДРялъул хIукуматалъулги пресс-хъулухъ