АхIи базе ккараб хIал

ГьитIинаб тохлъи сабаблъун

ТIоцебесеб сентябралда лъималаз цIалул сон байбихьизе батила жидерго росдал школалда

ГIахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъа жамагIатчи МухIамад ХIамзатовас редакциялде битIун бачIараб кагътида хъвалеб буго: «Рузман къоялъ мажгиталде бакIарараб жамагIаталда цевеги вахъун, росдал школалъул организатор ХIайдарбег Хъазанбиевас бицана школалъул классазул чIарбида кьабураб хъорщода ккал чIван, бакI-бакIалдаса турун букIиналъ, киса-кибго квешаб махI бахъун бугин, хIинкъи бугила гьелдалъун цIалдохъабазда ва учительзабазда туберкулез ккеялда. Хьул буго «ХIакъикъаталъги» гьеб масъалаяде кIвар кьелин ва хIакимзабазда рагIизабилин абураб», — ан.
Лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъикъат лъазабиялъул мурадалда, нижеца ахIана школалъул директор МахIач Къураевасухъе. ЧанцIул ахIаниги, кьучIаб жаваб гьесухъа щвечIо, ва нижеда бичIчIана гье­лъул хIакъалъулъ бицине директорасе бокьун гьечIеблъи. Чамалиго суалги кьун, дун кинго тIаса вичIичIеб мехалда, гьес абуна: «Нижер буго 1986 соналда бараб, 135 лъимер цIалулеб школа. 1996 соналда школа тIубан бухIун букIана. Гьебго соналъ гьеб капиталияб къагIидаялъ къачIана, амма гьелъул чIарбида хъарщи хисизе биччараб гIарац гIечIо»,-ян.
Иргадулаб нухалдаги ахIидал, МахIачица хабар цIакъго къокъ гьабуна ва абуна: «Судалъ хIукму гьабуна, гIунгутIаби лъугIизаризегIан, кIиго моцIалъ школа къазе. КIиго смена гьабун, лъимал цIализе бакI хIадурулеб буго. Амма, школалъул чIарбида кьабураб хъарщи хисизе, ай ремонт гьабиялъе гIарац балагьи цIакъ захIматаб масъала ккола», — ян.
РайОНОялъул началь­никалъу­хъа­гIаги кьучIаб жаваб щвелародаян абураб хьулалъ, чамалиго нухалъ ахIана Зайгат Шамхаловалъухъеги. ТIоцебесеб нухалъ, мурад бицун кIалъайдал, жий сапаралда йигиланги абун, гьелъ хабар къокъ гьабуна. Хадуб, чанцIул ахIаниги, телефон кодобего босичIо.
Гьездасан мухIканаб хIакъикъат баянлъулареблъиги бичIчIун, ахIана Роспотребнадзоралъул Болъихъ районалда бугеб управлениялъул начальник МухIамад Таймасхановасухъе. Гьес бицана школалъул чIарбида кьабураб хъарщи, тIаде балагьун, цIвакараб бугила.
«Цо-цо бакIаздаса турунги буго гьеб. Гьелъие гIиллаги ккола школалъул минаялъул кьучI цIакъго кьохъаб букIин. Хъарщи бахъун балагьидал, бихьулеб буго гьелда ккал чIван букIин, амма гьабсагIат гIемер махIги чIвалеб гьечIо. Гьениб бугеб чIабаралъ гьава жанибе биччаларо, гьединлъидал чIабаралдаги къадаздаги регьел буго, ва минаялъул бакъ щолареб рахъалда бугеб хъарщиги турун буго. Нижер тIалабалда рекъон, школалъул тIох хисун букIинчIебани, ахIвал-хIал жеги квешаб букIинаан. Административияб халгьабиялъу­л акталъул кьучIалда гьаризе кколел хехал тадбиразул тIалабал-лъазабиял нижеца ритIана ГIахьвахъ районалъул администрациялъул бе­тIе­расухъеги райОНОялъул началь­ни­касухъеги, ругел гIунгутIаби ри­хьизарун хъвараб протокол кьуна шко­лалъул директорасухъеги. Лъазабу­на, къокъаб заманалда жанир рехсарал гIунгутIаби лъугIизаричIони, гьеб масъала судалъул кумекалдалъун тIубазе ккезе бугилан», — абун бицана Таймасхановас.
Жакъа школалда лъугьун бугеб ахIвал-хIал цIехезе нижеца ахIана росдал бетIерасул заместитель Шарапудин ГъазимухIамадовасухъе. Гьес бицана школалда лъугьун бугеб ахIвал-хIал лъазабизе Роспотребнадзоралдаса хасаб комиссия битIун бачIун букIанила.
«Комиссиялъ хIукму къотIана гьединаб регьелги, махIги, турелги бугеб школалда лъимал цIализе бегьуларин, ай школа къазе кколин абун. Школалъул чIарбида цIикIкIараб къадаралда регьел букIиналъе, гьелдалъун хъорщода ккал чIваялъе ва гьеб туриялъе ккараб гIиллаги ккола, цебе тIохда шифер ккун букIараб мехалъги, гьанже махх кквейдалги, тIох сверун гонгал лъун гьечIолъи ва гьениса чвахараб лъим школалъул минаялъул кьочIокье унеб букIин.
Марталъул каникулал лъугIизегIан школа къана. Ункъабилеб четверталъ лъималазул цIали байбихьизелъун хIадурулеб буго мадрасаялъул мина.
РакIалда букIана 9-11 классазул цIалдохъаби райцентралда бугеб школа-интернаталде ритIизе. Амма, цIалул соналъул ахирин, кьезе кколеб ЕГЭйин, батIиял учительзабийинги абун, лъималазул умумул гьелде дандечIана. ХIукму гьабуна гьел классазул цIалдохъабиги росулъго цIалулеб къагIида гьабизе», — ян бицана ГъазимухIамадовас.
ЦIех-рехалъе ахир лъеялъул мурадалда, ахIана ГIахьвахъ районалъул бетIер МухIамадзагьид Муслимовасухъеги.
«14 марталда гьеб масъала дандбазелъун дун щвана ДРялъул лъайкьеялъул министр Умупазил ГIумаровалъухъе. Гьелъ рагIи кьуна Ингердахъ росдал школалъул чIарбида гъоркь дренаж гьабиялъе ва хъарщи тIубанго хисиялъе гIарцудалъун кумек гьабизе. Гъоркьиса, «100 школа» абулеб программаялде гьоркьобеги ккезабун, кIиго миллион гъуруш харжги гьабун, гьеб школалда цIияб тIох гьабун букIана. Гьединлъидал школа нахъеги гьебго программаялде гьоркьобе бачине рес ккечIо. ТIалаб гьабулеб букIана школа федералияб программаялде гьоркьобе бачин, гьелъиеги рес батичIо.
НахътIамун течIого, школа къачIазе гIарцулаб кумек гьарун, ДРялъул лъайкьеялъул министралъул цIаралда официалияб кагъатги хъвазе ккола.
Нижер районалъул цIакъ мукъсанаб бюджет бугониги, хIалбихьила, къварилъи кканиян букIине тараб нахъраталилаб фондалдаса школалъе кIвараб кумек гьабизе.
Гьениб гьабизе ккезе буго гIезегIан кIудияб хIалтIи. Гьедин бугониги, ракIалда буго исана тIоцебесеб сентябралде киналго хIалтIаби лъу­гIизаризе, ай школлъималаз цIи­яб цIалул сон жидеего гIагараб шко­­лалда байбихьулеб къагIида бу­кIинабизе», — ян бицана районалъул бетIерас.
Цо-кIиго моцIида жаниб гуро гьеб иш ккараб. Гьеб ккола, чанго азарго гъуршида барахщун, гонгал лъечIолъиялъул хIасил. КьочIокье лъим унеб букIин бихьулеб буго школалъул директорасда ва учительзабазда, гьеб лъалеб буго бегавуласда ва райОНОялъул начальникасда. БатIияб рес букIун батичIони, щай бегьулеб букIинчIеб, жидерго гIарацги хвезабун, гонгал лъезе? Социалиял гьиназдасан Дагъистаналдаго, хIатта Россиялдаго бихьана чияда рагIизего нечезе ккараб гьеб гъалатI, жавабчилъи гьечIолъиялдалъун школа къазе ккей. Гьайгьай, ДРялъул лъайкьеялъул министралъги ГIахьвахъ районалъул бетIерасги кьела гьеб лъугьа-бахъиналъе битIараб къиматги ва гIайиб ккарасда абила хIакъаб рагIиги. Амма школалъул директорги вукIине кколаха унго-унгояв хважаинлъун. Жиндирго мина-рукъалдаса цебеккезабунги гьабизе ккелаан школалъул тIалабги. ГIадада абулеб жо гуро лъикIав директорас завхозасда божун хIалтIи толарин…
Нури Нуриев