Лагъалъ бахIарчи куцаларо

Кавказалъул чIужугIадан! БетIер къулула дур тIадегIанлъиялда цебе

 

Гьаб макъалаялда дие бицен гьабизе бокьун буго Марям ВахIидовалъул хIакъалъулъ. Щийха кколей гьей? Гьаюна Казахстаналда. 13 соналъ гIумру гьабуна Москваялда. ГьабсагIаталда гIумру гьабулеб буго Чачаналда. Оксфордалъул университеталъул философиялъул доктор, журналистикаялда ва адабияталда гранд-доктор, Тажикистаналъул художествияб академиялъул хIурматияй член. Дарсал кьола Гудермесалда бугеб «Мансур» абураб жалго бетIергьанаб школалда. ГIурус хъвадару-хъабазул махщелчилъиялъул цIех-рехазда йигей гIалимчIужу.

— Марям, гьаб нухалда дие бокьун буго Кавказалъул руччабазул хIакъалъулъ дургун гара-чIвари гьабизе.
— Кавказалъул руччаби, тIоцебесеб иргаялда, руго батIи-батIиял: диналъул рахъалъги маданияталъулгун гIадатазул рахъазги. Амма ниж цолъизарула цо аслияб гIаммаб гIамалалъ — бихьинчиясдехун бугеб бербалагьиялъ. Жинда божизе бегьулев бихьинчи хьолбохъ вугони, хутIараб кинабго жинцаго гьабула гьелъ, талихI жинцаго балагьула.
— Абула Кавказалъул чIужугIаданалъул ихтиярал гьечIилан. Бугищ гьедин?
— Дица бицина чачаназул чIужугIаданалъул хIакъалъулъ. Цогидазул бицине дир ихтияр гьечIо. Дие бокьун буго цо гьадинаб мисал бачине. Дица гIахьаллъи гьабуна Москваялда тIобитIараб цо гIелмияб конференциялда. Гьениб гьоркьоб лъезе букIана Л. Н. Толстоясул хIакъалъулъ
хъвараб дир докладги. Данделъи байбихьилалде цебе, дида аскIое ячIана цо журналист ва гьикъана:
— Дуца хъвалеб буго хъвадарухъанасул «Анна Каренина» романалъул хIакъалъулъ. Гьей эркенай чIужугIадан йикIиналъищ дуца тIасабищараб гьеб роман? — илан.
— Лъица дуда абураб Анна эркенай йикIанилан? — ан цIехана дица ва тIадеги жубана, Аннада макьилъцин бихьичIин чачаналъул бугеб гIадаб эркенлъиян.
Журналисталда ракIалде ккун букIун батиларо дица гьединаб жаваб кьелилан. Амма эркенай чIужугIаданалъ гурони бахIарчи куцаларо. Халкъ мутIигI гьабизе бокьун батани, мутIигI гьае чIужугIадан.
Жакъа бихьиназ пайда босулеб буго жидеего ТIадегIанас кьун бугеб ихтияралдаса — рачунел руго ункъоялде щвезегIан лъудби. Амма пикру гьабулеб гьечIо кин гьел хьихьилелали…
— «КIиго чIужуялъул рос, заманалдасан, сверула чIужугIаданалде», — ян абураб аби буго. Щайгурелъул щибаб къоялъ гьев гIахьаллъулелъулха гьезул дагIба-къецалъулъ.
— Кинай чIужуялъухъе бихьинчи аниги, гьев гьенив ккола гьобол. Рос вукIине ккола рукъалъул бетIергьанлъун. Гьеле гьелдаса махIрумлъулев вуго бихьинчи, кIиабилей, лъабабилей… чIужу ячиндал. Рукъалъул бетIергьанилан абураб цIарги цохIо тIоцеесей чIужуялъул букIунеб буго. ХутIарал руччабазул номерал — кIиабилей, лъабабилей…
— Чачаналда кIолищ бихьинчиясда данде кIалъазе? Кавказалъул гIемерал бихьиналги талихIал руго гIурус руччабазда цадахъ. Щиб лъазе кколеб чIужугIаданалда, батIияб миллаталъул бихьиналгун цадахъ хъизан гIуцIулелъул?
— Чачаналда кIола, росасул пикру мекъи бугони, гьелда данде яхъине, щайгурелъул чIужугIаданалъ, тIоцебесеб иргаялда, пикру гьабула хадуб ккезе бугелъул. Амма гьеб кинабго гьабизе ккола, ахIи-хIуралда гуреб, гIакъилго, гIодое йиччан, росасда квеш букIинаредухъ.
БатIи-батIиял миллатаздаса гIуцIараб хъизамалдаса дие бокьила цохIо миллат цолъун гIуцIараб хъизан. Щайгурелъул гьезул кинабго гIаммаб букIуна: гIадаталги, гIамалалги, маданиятги. Дие бокьила Иванги Марияги, Абазги Курбикаги, Жетписбайги Карлыгашги цадахъ рукIине ва гьезул жиде-жидер хъизанги букIине, ай цохIо миллаталъул хъизамал гIемерлъизе.
— Кавказалъул чIужугIадан къанагIат гурони гIодуларо гIумруялда дандчIвалел захIмалъаби сабаблъун. ГIицIго гIага-божаразул хвелалда кIола гьелъул бадиса магIу баккизабизе. Чачаналъул магIу кида баккулеб?
— Чачаназул магIирокъор киданиги рукIунаро магIихъаби. Гьез хвелги сабурго къабул гьабула. Кверкьовуда ругел бихьиназда рагIуларо гьезул магIил гьаракь. Кверкьей абуни, букIуна цохIо азбаралъуб магIирукъгун цадахъ. Масала, чачаназул шагIир Бану Гайтукаева гIолохъанго ятIалъана гIумруялдаса. ГIумруялъул ахирисел лахIзатаз гьелъ укол гьабизе биччачIо, жиндие Аллагьасухъе ине квалквал гьабугейиланги абун. Гьелъул эбелалъги, гьурмада гIажаибго берцинаб гьимигун, къабул гьарулел рукIана зигара гьабизе рачIарал. Гьеб гурищ чIужугIаданалъул сабру.
— Абула, Кавказалда бугин гьадинаб гIадат: чIужугIаданалъ ботIродасаги бахъун кIаз гьоркьобе рехани, бихьиназ рагъ къотIизабулила. Гьеб гIадамаз ургъараб маргьацин гуребдай? Дида жеги рагIичIоха гьединаб лъугьа-бахъин.
— Гьеб маргьа гуро. Унго-унгоги буго гьединаб гIадат Кавказалъул халкъалъул. Амма бокьарай чIужугIаданалъул гуребха букIунеб ихтияр кIаз рехизеги. Гьейги йикIине ккола киназго адаб-хIурмат гьабулей, рагIи билълъарай гIадан.
РакIалдещвезарила араб гIасруялъул 90-абилел сонал. Чанги чачанай яхъана бихьиназда цадахъ рагъул авлахъалде. ГIурус офицерзабаз доб мехалда абуна Чачаналда гIадал къвакIарал руччаби жидеда кирго ратичIилан.
— РакIалда буго цо гьадинаб хIужаги. Нижер росулъ вукIана цо чи, кидаго чIужу юхулев. Росдадаго рихун вукIана гьев. Жакъа ругодай гьединал бихьинал?
— Чачаналъги гьединал бихьиназул адаб гьабуларо. Дир росасда унтун вегун вугев цо херас абун буго жив некIого холаанила,
гьадинай чIужу жиндир йикIинчIейани. Пайда щибха, кватIун бичIчIана дида гьеб. Рес бугебани, доб араб заман нахъбуссинабизе, дица батIияб куцалда гьабилаан гьелъул адабилан тIадеги жубан буго. ГIумруялда жаниб дур бищун лъикIав гьудул ккола дур лъади. Гьелъулъ буго талихIаб хъизамалъул балъголъигиян абун буго гьес нахъеги.
— Дагъистаналда гIемер руго бесдалал. Эбел-инсуца рехун таралги руго. Дирги дир гьалмагъзабазулги жигаралдалъун гьениб рагьана «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» абураб гIуцIи. Чачаналда гьеб рахъалъ иш кин бугеб? Ругищ лъималазул рукъзал? РагIана чиновниказгицин рачунин хьихьизе лъималилан.
— Гьеб лъиениги балъголъи гуро. Чачаналъул бетIерас хьихьизе вачун вукIана гIурус вас. Гьайгьай, Дагъистаналда гьеб суал дагьаб захIматаб буго Чачаналдасаги. Нужер халкъалги гIемерал руго. Амма гьеб киналъулго балагьлъун ккола чIужугIаданалъул билараб намус. Цо нухалда телевизоралдасан килисаялда хIалтIулев вугев чияс абуна къиямасеб къо чIолила цохIо тIабигIиял балагьаздалъун гуребги. Гьеб чIолила чIужугIаданалъул намус лъугIараб бакIалдаги. Чачаналда тIадагьаб хьвада-
чIвадиялъул хIасилалдалъун рехун тараб лъимералъухъ нагIана чIужугIаданалъе гуреб, бихьинчиясе кьола.
— Дагъистаналда министраллъунги гьезул заместителаллъунги руго руччабиги. Гьединалго хъулухъазда руччаби руго Гуржиялда, Азербайжаналда. Чачаналъул яги Дагъистаналъул бетIерлъун чIужугIадан ккезе рес бугищ? Щайдай Кавказалъул руччаби ахIуларел Россиялъул федералиял хъулухъазде?
— Руго гьединал руччаби Дагъистаналдаги Чачаналдаги. Амма дица абилароан гьел хIукуматалъул тIалаб-агъазалдаги политикаялдаги гьоркьор рукIине кколилан. Гьединал руччабазулъа лъугIула хIеренлъи, недегьлъи, сабру. Гьел гIамалалин абуни, чара гьечIого хIажат рукIуна чIужугIаданалъул талихIалъе.
— Чачаналда гIолилалъул ихтияр бугищ гIолилав тIасавищизе?
— Чачанай кидаго ана ва уна росасе жиндиего вокьарав чиясе. Нагагь гьелъие жив вокьулев гьечIони, бихьинчияс гьеб живго хIакъир гьавилъун рикIкIуна. Амма жакъасел цо-цо гIолилазул буго цIар лъазе лъалареб рокьи. Интернеталдаса гьабула лъай-
хъвай. ГIолилалъулги анцI-анцI сурат букIуна интернеталда. Цебе бихьинчияс чIужугIаданалъул къадру цIакъ цIунулаан. Гьанжейин абуни, гIолохъаби барщулел руго, ясаз жидехъе адрес кьечIони яги дандчIвазе инкар гьабуни. Гьеб киналъего «гIайибияблъун» заманги рикIкIунеб буго — гьаб бугин XXI гIасруйилан, кIичIардизе лъугьунел руго.
— Дагъистаналдаги Чачаналдаги буго бахIарай йикъулеб гIадатги. Ясалъеги бокьичIого йикъулел хIужабиги камулел гьечIо. Гьеб ккола ясги, гьелъул тухумги, эбел-эменги хIакъир гьари.
— Цо талихIалъ, Чачаналда гьеб такъсиралъухъ, законалда рекъон, тамихI гьабула. Кидаялиго гьеб букIана гIадатлъун. Амма гьеб такъсиралде сверизабуна, хасго 90-абилел соназда. Гьелъухъ гьабулеб тамихIги букIине ккола.
— Кавказалда буго цоги гьадинаб гIадат. Масала, хъизан хвани, бихьинчияс ячуна гьелъул яц, лъималазда бесдал эбел йихьизе теларилан.
— Чачаналда гьединаб гIадат киданиги букIинчIо, букIине ресги гьечIо. Нижер гьаниб, эмен чIаго вугони, лъимер бесдаллъуларо. Лъимал хьихьула кIодоэбелалъ. Инсул вацасул ихтияр букIунаро инсул бакIалда вукIине. Гьесул рес буго вацасул лъималазе кумек гьабизе.
— Дурго эбелалъулги кIодоэбелалъулги хIакъалъулъ щай бицунареб.
— КIодоэбелги малъун, хъизамалда вукIана 11 чи. КIодоэбелалъ кьуна нижее гIумруялъул дарсалги. Кинай йикIине кколей чачанай-гIолилай? Гьей, гьаракь биччан, елъизеги бегьуларо, рукъалъул тIалаб-агъазги гьабизе ккола, магIишат бачинеги ругьунлъизе ккола, цIикIкIаразул бадиеги ялагьизе бегьуларо, гIодое йиччан кIалъазе ккола, кIалъалелъулги, гIодое къулун йикIине ккола ва цогидабги… Гьелъ малъана нижеда хъвазеги цIализеги. Рокъорги рахьдал мацIалда кIалъалаан ниж.
Эбелалда цIар букIана Бика. Гьей йикIана хIеренайги кьварарайги. Жиндирго эбелалъул гIадаб, чармил, маххул гIамалалъул гIадан йикIана гьей. Цогидаз ясазе цIали-къали къваригIунарилан рикIкIунеб мехалда, эбелалъ нижее цIализе ва лъай босизе гьукъичIо.
— Щиб дуца гьарилеб букIараб цIияб гIумруялъул рагьдухъ ругел гIолилазе?
— Жакъа киналго гIедегIулел руго киреялиго. Гьениб талихI бугин кколеб буго
гьезда жидехъ балагьун чIун. Амма ракIчIун лъайха нужеда — талихIги, рохелги, икъбалги нужеда батизе буго рокъоб, ватIаналда — Дагъистаналдаги, Чачаналдаги, Кавказалдаги. Гьениб дуда лъицаниги гьикъизе гьечIо щиб гьабизе вачIаравилан, тIалаб гьариларо документал. Кинабго нужее гIагараб. Нужехъ урхъараб. Нужеда божараб. Лъаялда хадур ине бегьула Америкаялде щвезегIанги. Амма чияр ракьалда нуж киданиги рукIине гьечIо тIоцереселлъун.
— Щай, масала, бусурманчIужуялъ жиндиего вокьарав миллат батIияв яги дин батIияв чи тIасавищизе бегьуларев? Гьелъулъ гурищ бугеб инсанасул къокъабго гIумруялъул талихIги. Яги гьелъул ихтиярищ гьечIеб талихIайлъун йикIине?
— Дуца дир пикру цIехолеб бугелъул, жаваб кьолеб буго — гьечIо гьелъул гьединаб ихтияр. ТалихI халатбахъараблъун киданиги букIунаро. Гьелъул цо-цо лахIзатал сабаблъун щай гьелъ жиндирго гIумру захI-мат гьабизе кколеб?!
БатIияб дин яги миллат — гьел ккола батIиял гIадаталги, гIамалалги, тIалабалги. Гьелде тIадеги, лъималазеги захIмалъула гьединаб гIумру. ЗахIмалъабазукьа лъутизе бегьуларо, гьезул тIалабал тIуразаризе ккола. Гьеле гьелъул пикру гьабизе ккола чIужугIаданалъ бищун цебе. Цо гьадинаб мисалги бачина. СССРалъул чIужугIадан. ТIоцеесей летчица ва парашютистка, авиациялъулаб спорталъул рахъалъ СССРалъул спорталъул мустахIикъай мастер Ляля Насуханова. 1964 соналда гьей тIамун йикIана авиациялъулаб звеноялъул командирлъунги. Гьелъул росги вукIана летчик-инструктор, асатIинав Аслан Батиров. Парашюталдаса кIанцIиялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталдаги гIахьаллъун, жийго маш-гьур гьайизе рес букIана гьелъул, амма лъимаде йигей гьелъ лъимер тIасабищана. Гьедин букIана кидаго. Цо нухалда дие рес ккана гьелъулгун гара-чIвари гьабизе. Ниж кIиялго данделъана гьелъул кабинеталда — Грозныялда. Ляля хIалтIулей йикIана Чачаналъул Культураялъул министерствоялъул профсоюзалъул обкомалда. Гьелъулгун букIараб гара-чIвариялдаса хадуб дида бичIчIизе кIвечIо, чIужугIадан хIисабалда, гьей талихIай йикIарайищалицин.
ТIадегIанас халкъал гIемерал рижун руго. Дир хIисабалда, цолъизе гуребха, цоцазул тIабигIат-гIамалги, гIадаталги, культураги лъазабизе. Эбел-эмен батIиял миллатазул ругони, лъималазулъги куцала цояб миллаталъул гIамал-хасият. Рес гьечIо кIиябго миллаталда цадахъго гьел релълъарал рукIинеги. Масала, эбел казахай, эмен чачанав вугони, лъималазулъги гьезул лъималазулъги щулалъула азиатазул гIамал-хасият, гьезул тIабигIатги гьединабго букIуна. ГIаксалда букIараб мисал дида жеги рагIичIо. Гьаб буго гIицIго дир пикру.
МухIамад ГIабдулХабиров