Миллаталъул тIалабалда

МацI бугищ – буго халкъ, мацI гьечIищ – гьечIо халкъ

14 февралалда Гьудуллъиялъул рокъоб тIобитIана ДРялъул Лъайкьеялъул министерствоялъул гургинаб стол

Гьеб гIуцIун букIана «Рахьдал мацIал цIуниялъулги гьел церетIезариялъулги масъалаби: гьанже бугеб хIал ва церетIеялъе нухал» абураб темаялда. Гьелда гIахьаллъана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, Россиялъул рахьдал мацIазул учительзабазул ассоциациялъул президент ХIажимет СапаргIалиевги, ДРялъул миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министр Татьяна Гамалейги, республикаялъул муниципалитетазул лъайкьеялъул управлениязул нухмалъулелги, рахьдал мацIазул учительзабиги, вузазул гIалимзабигун преподавателалги, жамгIиял хIаракатчагIигун журналисталги.
Данделъи байбихьилалде тахшагьаралъул школазул цIалдохъабаз ахIана ва рикIкIана рахьдал мацIазда кучIдул, цинги кьурдана. Гьелдаса хадуб халгьабуна гьенибго гIуцIун букIараб тIахьазул выставкаялъухъги. Гьенир церелъун рукIана цIиял стандартазде рекъонкколел тIахьал. РукIана гьезда гьоркьор рахьдал мацIазулги. ТIахьал басмаялда рахъизе хIадурун руго ДНЦялъул ИЯЛИялъги, ДРялъул Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министерствоялъги, Рахьдал мацIал лъазариялъул централъги, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъги.
Данделъи нухда бачана ДРя­лъул вице-премьер, ДРялъу­л лъайкьея­­лъул министр Уммупазил ГIумаровалъ. Гьелъ бица­на рахьдал ма­­цIазул цIа­лул тIахьал хIадуриялъулги, «Просвещение» абураб басмаханаялда гьел къва­тIи­ре риччаялъулги ва школазде ри­тIиялъулги хIакъалъулъ. Министерствоялъ босун буго 150 азаргоялдаса цIикIкIун цIалул тIехь. 1-4 классазе анлъго мацIалда рахьдал мацIазулгун адабият цIалиялъул тIахьал хIадурун руго ГI. Тахо-Годил цIаралда бугеб Дагъистана­лъул педагогикаялъул гIелмиял цIех-рехазул институталъ. Министралъ абуна, 30 соналъ Дагъистаналъул школазе щун рукIинчIин гьединал цIалул тIахьал. ТIадеялъул гьединалго тIахьал щвезе руго 5-11 классазегиян бицана У. ГIумаровалъ.
«Нилъер умумуз хIаракат бахъу­леб буго рахьдал мацIалъул дарсидаса лъимал эркен гьаризе. Амма гьелъул магIна кколаро, гьезие мацI рихараб бугин абураб. Гьелде умумул тIамулел руго федералиял халгьабиялъул хIалтIабаз. Гьезде хIадуриялъул мурадалда, физкультураялъулги, захIматалъулги, гьездаго гъорлъ – рахьдал мацIалъулги дарсаздаса нахъеги рачун, гьез лъимал ритIулел руго репетиторазухъе.
Рахьдал мацIал цIуни ва церетIезари ккола кIвар бугеб масъа­ла. ГьабсагIаталда школазе гIолел гьечIо рахьдал мацIалъул 50-ялдаса цIикIкIун учитель. ХIажат буго лъималазулъ рахьдал мацIазде рокьи куцазе. Дие бокьун буго, рахьдал мацIазул масъалаби тIураялъул ра­хъалъ ругел нужер пикраби рагIизе», — ян абуна вице-премьералъ данделъиялъул гIахьалчагIазда.

Бищун захIматаб регион –
Дагъистан

ХIажимет Сапар­гIа­лие­вас бица­на, рахьдал мацIал цIу­ния­лъул мурадалда, федералияб даражаялда гьарулел ругел тадбиразул, масала, «РФялда лъайкьеялъул хIакъалъулъ» абу­раб федералияб законалда хиса-басиял гьариялъулги, рахьдал ма­­цIазул рахъкквеялъулги, гьел цIу­­ниялъулгун церетIезариялъул му­­радалда ТIолгороссиялъул фонд гIу­­цIиялъулги хIакъалъулъ. «МацI бу­гищ – буго халкъ, мацI гьечIищ – гьечIо халкъ. Лъималаздаги гьезул эбел-инсудаги бичIчIизабизе ккола гьеб пикру. Амма гIицIго хабар бициналдалъун бугеб хIал хисизабун бажаруларо. ХIалтIи гIуцIизе ккола пачалихъияб даража­ялда. Масала, къабул гьабизе ккола «Дагъистана­лъул халкъазул мацIа­зул хIакъалъулъ» закон.
Нилъер гьечIо рахьдал мацIалъул ЕГЭ. Буго гьеб Татарстаналда, гьелда бан рижун рукIана гIемер суалалги. Щивасул ихтияр буго, Москваялда, росулъ, ай щиб бакIалда гIумру гьабулеб батаниги, рахьдал мацI лъазабизеги гьеб школалда малъизеги. Гьединаб пикруялъул рахъги кквезе ккола нилъеца.
МацIазул суалгун тIоцебесеб нухалда дун дандчIвана 2012 соналда. Россиялъул МацIазул хIакъалъулъ законалда хъван батана:
1. РФялъул пачалихъияб мацI буго гIурус мацI.
2. РФялда гъорлъе унел республикабазул пачалихъияб мацIлъун ккола гIурус мацIги РФялъул халкъазул рахьдал мацIалги ва скобкабазда жаниб хъван буго: гIурус мацI хутIизегIан абун. Щай гIурус мацI гьоркьоса бахъун бугеб? Гьебги кколарищ рахьдал мацI? Дица хъвана законалда хиса-баси гьабеян хитIаб. Щайгурелъул гIурус халкъалъулги буго ихтияр рахьдал мацI лъазабизе. Гьиндусасдацин малъизе тIадаб буго рахьдал мацI, щай гьелдаса махIрум гьаризе кколел гIурусал? Хиса-басиялде дандечIана Татарстанги Осетияги. ХутIараз гьелъул рахъккуна. Амма хиса-баси къабул гьабичIого бана щуго лъагIел.
Пачалихъияб Думаялде цIиял депутатал рищараб мехалда, цIидасан байбихьана гьеб суалалъул бицине. Щайгурелъул Татарстаналдаги, Башкириялдаги, Хакасиялдаги, Туваялдаги рахьдал мацIги гIурус мацIги малъизе кьолаан щунус-нус сагIат, гьелде тIадеги, рахьдал мацIалъул бакIалда гIурусазда ва батIиял миллатазда малъулеб букIана татар, тува ва цогидал мацIал. 750 сагIат кьолаан регионалъул мацI малъизе ва 500 сагIат – гIурус мацIалде. Байбихьуда нижер пикру бичIчIичIо цIирищарал депутатазда. Хабарго букIинчIо, малъизе кколищ-кколарищ рахьдал мацIин абураб: Конституциялда рекъон, гьеб малъизе тIадаб буго. Бицен букIана мацI тIасабищизе ихтияр кьеялъул хIакъалъулъ: рахьдал мацIлъун гIурус мацIищ малъилеб яги регионалъул мацIищ? ЧанцIулго тIобитIана данделъи, ракIарун рукIана улкаялъул президентасги. КIалъазе вахъана дун республикаялъул Халкъияб Собраниялдаги.
Законалда хиса-баси гьабиялда цадахъго къабул гьабуна Рахьдал мацIал цIуниялъул ва церетIезариялъул фонд рагьиялъул хIакъалъулъ хIукмуги. Президентас гьелда гъоркь гъолбасана ва Фонд гIуцIун буго. Гьениб буго 800 млн гъурушги. Гьанже цебечIана экспертияб совет гIуцIиялъул масъала. Грантал кьолел ругониги, къецал гIуцIулел ругониги, хIажалъула хIалбихьи бугел лъикIал махщелчагIи. КватIичIого лъазабизе буго грантазе гIоло къец – бищун лъикIаб цIалул тIехьалъухъ, методикияб пособиялъухъ ва гь.ц. Гьелда гIахьаллъизе бегьула ва грантазухъ хIадуризе бегьула рахьдал мацIалъул тIахьалги методикиял алаталги.
Дагъистан буго гIемермацIазулаб регион. ГIемерисел лъималазда лъала мацIал, гьез рикIкIуна кучIдул. Амма гIоларо мацI лъазабизе гъира букIун. Законалъул рахъалъги рукIине ккола бигьалъаби. Нилъеца гIуцIизе ккола инфраструктура, гьабизе ккола ингилис мацIалдего гIадинаб гъира рахьдал мацIаздеги букIунеб хIал: программаби хIадуризеги, тIадеги стипендиял кьезеги, харжалде тIаде процентал кьезеги. БатIи-батIиял нухалги ратун, эбел-эменгун лъимал гIахьал гьаризе ккола рахьдал мацI лъазабиялъулъ. Гьеб фондалдаса гIарцухъ цIикIкIинаризе бегьула рахьдал мацIалъул учительлъун цIалулев студентасе стипендияги, учительзабазул харжалги, гьаризе бегьула цогидал бигьалъабиги.
ГIуцIизе ккола рахьдал мацIазда инфраструктураги. Масала, Мордовиялда къватIазулги тукабазулгун рестораназулги цIарал, официалиял документал, пачалихъиял идарабазухъе хъварал хитIабал – кинабго батана лъабго мацIалда: мокша, эрзи ва векши. Кин гьел цIалун бажарилеб, мацI лъалеб гьечIони? Халкъияб Собраниялдаги министразул кабинеталдаги дандги бан, нилъецаги ургъизе ккола инфраструктураялъул нилъеего рекъонкколеб тайпа.
Рахьдал мацIалъул учителасул букIине ккола цогидав учителасе щолелдаса цIикIкIараб харж. Гьебги гьабизе ккола нилъерго мацIазул къадру борхиялъул мурадалда. Школалда дарсал кьун, мацI лъазе гьечIо. Масала, дир вас школалда цIалулеб заманалда, гьес рекIехъе бицунаан лезги мацIалда щуго гьумергIанасеб кечI, амма гьесда лъалароан гьелда гъорлъ бугеб цониги рагIул магIна. Гьединал дарсазул пайда букIунаро.
Жакъа мукъсанаб харжалъухъ хIалтIулел учительзабазда цебе бетIер къулула дица. Нижеца гIуцIана «РагIи» абураб ТIолгороссиялъул рахьдал мацIалъул учительзабазул ассоциация. Гьелъул буго экспертияб совет. РФялъул 57 мацIалъул вакил вуго гьелда гъорлъ. Советалъул аслиял мурадал руго цIалул ва методикиял тIахьазул хIакъалъулъ пикру загьир гьаби, учительзабазе методикияб кумек гьаби, рахьдал мацIазул стандартал хIадуриялъулъ гIахьаллъи ва гь.ц. РакIалда буго, ТIолгороссиялъул рахьдал мацIазул учительзабазул съездги Дагъистаналда тIобитIизе», — ян бицана гьес.

Рукь цIазе ккола киналго
цадахъ лъугьун

Татьяна Гамалейица кIварбусси­набуна рахьдал мацIал малъиялъулъ пачалихъиял идарабазулги, гIелмиял ва экспертиял жамгIиятазулги, школазулгун вузазулги, жамгIиял идарабазулгун хъизамалъулги къуват цолъизабиялде. «Рахьдал мацIазда сверухъ улкаялда бахъараб ахIиялъ гьеб масъалаялде буссинабуна жам­гIияталъул гуребги, пачалихъалъулги пикру. Ханты-Мансийскалдаги цогидал бакIаздаги рукIарал дандеруссиназда президент Владимир Путиница гьелде буссинабулаан аслияб кIвар. Амма мацIал цIунизе кколин абун гIемер гаргадиялъул хIасил кколаро. Гьелъие гIоло къеркьезе ккола киналго – хъизанги, школаги, пачалихъиялгун муниципалиял идарабиги. Цадахъаб хIалтIи гIуцIичIони, рахьдал мацIал цIуниялъулги гьел церетIезариялъулги масъалаби тIу­разе захIмалъизе буго. Малъулеб буго мацIазул цо бутIа, гьебго заманалда нилъеда кIочене бегьуларо къадар дагьал халкъалги, рахьдал мацIалда адабият цебетIезабиги. Нилъеда цебечIараб аслияб масъала буго патернализмалде, ай жамгIияталъул цо бутIаялде кIварги кьун, цогидаб бутIа рехунгутIиялде дандечIей гьаби. ЦIалул тIахьалгун журналал рахъиялъги, учительзабазул лъай камил гьабиялъги кинабгIаги кумек гьабизе гьечIо, гьарулел хиса-басиял къабул гьаризе халкъалъул гъира гьечIони ва жинцагоги гьелъие квербакъулеб гьечIони», — ян бицана министралъ.

ХIажат буго пачалихъияб
программа

Дагъистаналъул лъайкьей цебетIе­забиялъул институталъул ректор ХIамзат Жамалудиновас гьадин бицана рахьдал мацIазул гьабсагIаталда бугеб хIалалъулги гьел цIуниялъул мурадалда гьарулел тадбиразулги хIакъалъулъ: «ГьабсагIаталда Дагъистаналда буго 28 мацIги 80-ялдаса цIикIкIун гьезул лугъатги. Республикаялъул лъайкьеялъул идарабазда малъулеб буго 13 рахьдал мацI: гIурус, агул, магIарул, азербайжан, дарги, лъарагI, лезги, лак, нугъай, табасаран, цахур, рутул, чачан. Рахьдал мацIал уна цIалул планалъул чарагьечIеб бутIаялда гъорлъе ва гьел чарагьечIого малъизе ккола школалда. Гьебго заманалда цIунун буго «Дагъистаналъул адабият» абураб дарс тIасабищизе ихтиярги.
Ахираб щуго соналда жаниб рахьдал мацI малъулеб буго Дагъистаналъул цIалдохъабазул 80-ялдаса цIикIкIун проценталда. Амма республикаялъул цониги шагьаралда гьеб малъуларо цIалдохъабазул 100 проценталда. Хасго квешаб хIал буго гьеб рахъалъ Гъизляр, Избербаш, Южно-Сухокумск шагьаразда. Гьенир ругел дагъистанияз хIаракат бахъулеб буго Дагъистаналъул адабияталъул дарс лъималазе тIасабищизе ва гьел махIрум гьарулел руго рахьдал мацIалъул бечелъи­ялдаса. Гьел шагьаразда гIумру гьабулезул цIикIкIараб къадар ккола магIарулгун гIандадерил ва цез мацIазул вакилзаби», — ян.
ДИРОялъул ректорас рехсана рахьдал мацIалъулги гьеб дарс кьолел учительзабазулги къадру борхизабиялъул мурадалда ДРялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъ гIуцIулел тадбиразул – къецазулгун олимпиадабазул ва фестивалазул хIакъалъулъги. Учительзаби хIадуриялъул хIакъалъулъ бицунаго, гьадинал хIужаби рехсана гьес: «Санайил ДИРОялда лъай камил гьабула 600 учителас. Гьезие кьола 72 сагIтил дарсги. ДГПУялда хIадурула микьго мацIалъул учительзаби. ГьабсагIаталда гьенив цIалулев вуго 286 студент, гьелде тIадеги заочно – 241 чи; ДГУялъул филологияб факультеталъул Дагъистан-гIурус отделениялда – 164 ва 129 – заочно. Амма гьел тадбирал гIоларо.
ЛъагIалидаса лъагIалиде дагьлъулеб буго рахьдал мацIалда кIалъалел дагъистаниязул къадар, хасго гIолилазда гьоркьоб. Бищунго хашаб хIал буго тумазул мацIалъул: гьезул 25-30 проценталда гурони рахьдал мацI лъаларо. 2002 соналдаса 2009 соналде щвезегIан 70 азаргониги магIаруласда кIочон тана рахьдал мацI. МахIачхъалаялъул гIемерисел цIалдохъабазда лъаларо магIарул мацI. Гьеб буго хIинкъизе ккараб хIужа. ХIажат буго лъикIго хIадурараб пачалихъияб программа. Гьелъ тIуразе ккола гьал хадусел масъалабиги.
1500 школалда гьоркьоса гIеме­рисел руго росабалъ. ГIемерал соназ гьезда абулаан «рахьдал мацIалда цIали гIуцIарал школалин» абун. Гьениб 1-4 классазда цIалиги гIуцIун букIана рахьдал мацIалда. Араб гIасруялъул 30-абилел соназ­даго байбихьараб гьеб ишалъул лъи­кIаб хIасил букIана: ращадго лъа­лаан гIурусги рахьдалги мацIал. Ахирал соназда, рахьдал мацIалда хъварал математикаялъулги тIаби­гIат лъаялъулги цIалул тIахьал гье­чIолъиялда бан, росабазул байбихьул школа сверизабуна гIурус мацIалда цIали гIуцIараб школалде.
1. ФГОСазде рекъонкколеб цIалул план хIадури ккола лъайкьеялъул идараялъул иш. Школазул цIалул планазул халгьабураб мехалда, бихьулеб буго гьел батIи-батIиял планазда рекъон хIалтIулеллъи. Цо-цо байбихьул школалда рахьдал мацIалъе кьолеб буго анкьида жаниб 0,5-5 сагIат, чIахIиял классазда – 2-5 сагIат. Школазда гьечIо гьеб рахъалъ цогояб низам. МахIачхъалаялда, масала, гьадин буго: 1-2 классазда – анкьие цо дарс, лъабабилеб классалда – кIиго дарс, ункъабилеб классалда – цо дарс, 5-8 классазда – лъабго дарс, ичIабилеб классалда – кIиго дарс ва 10-11 классазда – цо дарс. Гьединабго хIал буго №11 гимназиялдаги (миллиял мацIазулгун маданията­лъул профилияб школа – ред.), гIицIго байбихьул классазда, тIоцебесеб классалда хутIизегIан, гьениб кьола анкьида жаниб кIи-кIи дарс. ЛъикIаб хIал буго Ленинкенталъул №35 гимназиялда: 2-8 классазда буго лъабго дарс анкьида жаниб ва 10-11 классазда – кIиго. МахIачхъалаялда вуго 83166 цIалдохъан ва гьезда гьоркьоса рахьдал мацI малъулеб буго 57278 цIалдохъанасда.
Казбек районалъул школаздаги гье­чIо рахьдал мацIалъул дарсал кьея­лъул цогояб низам.
Цо-цо школазда рахьдал мацIа­лъулги адабияталъулги дарсал рачун гье­чIо чарагьечIеб цIалул планалда гъорлъе. Гьединал цIалул планаз квербакъуларо рахьдал мацI камилго малъиялъе.
2. Жеги тIубачIеб масъала буго цIалулгун методикиял тIахьаз­далъун школал хьезариги. ГIолел гьечIо чачан, азербайжан, нугъай ма­цIазда тIахьал – гьел басмаялде рахъула Грозныялдаги, Бакуялдаги, Черкесскалдаги. Гьанжесеб школалда гьукъун буго федералияб сияхIалда гъорлъе ккечIел цIалул тIахьал хIалтIизаризе. Гьеб низамалде рекъонкколаро лъайкьеялъул идарабазда хIалтIизарулел цIалул тIахьал. Федералияб сияхIалде босизе ккани, цIалул тIехьалъул экспертиза гьабизе ккола ва гьеб цIакъго хираго чIола. Гьеб масъала тIубазе бегьула, «РФялда лъайкьеялъул хIа­къалъулъ» абураб федералияб законалъул 18 статьяялъул анкьабилеб пункталда хиса-баси гьабуни, ай экспертиза гьабиялъул ихтияр регионазухъе кьуни.
3. ГIемерисел школазда гьечIо рахьдал мацIазул кабинетал. МахIач­хъалаялъул школазул 50 проценталда руго гьел. ЦIакъ лъикI къачIан руго №№ 35, 51 ва цо-цо цогидалги школазул кабинетал. Амма гьединал мисалал дагьал руго.
4. Школазда гьечIо методикиял тIахьал, диктантазулгун изложениязул мажмугIал, дидактикиял пособиял, грамматикаялъул таблицаби.
5. КIудияб масъала ккола рахьдал мацIазда художествиял асарал ра­хъиги, хасго лъималазе хъварал. Школазул библиотекабазе гьел щве­чIого балеб буго 25-ялдаса цIи­кIкIун сон.
Дагъистаналъул халкъазул мацIал цIуниялъул ва гьел церетIезариялъул мурадалда, нижер пикруялда ре­къон, гьаризе ккола гьадинал тадбирал:
1. Тасдикъ гьабизе ккола Дагъис­таналъул халкъазул мацIазул хIакъа­лъулъ закон.
2. МухIканго чIезабизе ккола щибаб классалда кьезе кколел дарсазул къадар ва киназдаго лъазабизе ккола, гьелдаса кьуризе ихтияр гьечIин абун.
3. Гьабизе ккола байбихьул школалда рахьдал мацIалда цIали гIу­цIиялъул суалалъул цIех-рех.
4. ЧарагьечIеблъун гьабизе ккола шагьаралъул школазул 1-11 классазда рахьдал мацI малъи.
5. Дагъистаналда гIурус мацI хIалтIизаби лъугьун буго гIум­руя­лъул хIакъикъатлъун. Амма гьелдаго цадахъ, кIваркьезе ккола миллиял мацIаздеги. Гьединлъидал лъи­кIаб букIина, миллиял мацIазда ра­диоялдасанги телевидениялдасан­ги кьолел передачабазул заман цIи­кIкIинабуни.
6. Рахьдал мацIазулги адабията­лъулги масъалабазул хIакъалъулъ бицунел конференциялги, семинаралги, форумалги ва гургинал столалги гIуцIизе ккола тIолгороссиялъул ва республикая­лъул даржаялда.
7. ХIалбихьизе ккола рахьдал мацIалъул ОГЭ тIобитIизе.
8. ЦIикIкIинаризе ккола миллиял мацIазул дарсал кьолел учительзабазул харжал».
МацIал росун руго
БагIараб тIехьалде

ДГУялъул филология­б факультета­лъул декан Шабан Ма­за­наевас кIварбусси­на­буна учительзаби хIа­дуриялъул масъалаялде. «Нилъер республикаялда гIемер кIвар кьола рахьдал мацIал цIуниялде. Университеталда малъула 12 мацI: гIурус ва Дагъистаналъул халкъазул 11 мацI. Гьелъ рижизарула тIуразе захIматал масъалабиги. Ректорасул хIукмуялдалъун, РДОялъул студентазул стипендия кIицIул цIикIкIинабуна. Хакасиялда, рахьдал мацI лъазабулев щивав студентасе стипендиялде тIаде кьола 2000 гъуруш ва рахьдал мацIалъул преподавателасеги – харжалде тIаде 15 процент. ЦIалул тIахьал хIадурула Рахьдал мацIал лъазариялъул централъ. ГIуцIун буго Миллияб адабият лъазабиялъул центрги. Аслияб масъала буго, РДОялде цIализе абитуриентал рачIинари. Нугъай, агул, цахур мацIазул отделениязде абитуриентал рачIунарого рукIуна, исана гьебго хIал букIана лезги мацIалъулги. Рахьдал мацIазул БагIараб тIехьалде росун руго беж­тIадерилги, гьинухъдерилги, балъ­­хъадерилгун гIандадерилги, ба­г­валазулгун чIамалазулги ва цогидалги халкъазул мацIал – гьел дунялалдаса тIагIиналъул хIинкъи буго. Абулеб буго, дунялалда тIад щибаб анкьалъ цо мацI тIагIунеб бугилан. Социалиял цIех-рехазул баяназда рекъон, Дагъистана­лъул цIалдохъабазул 3,5 проценталъ загьир гьабуна школалда рахьдал мацI малъизе кколарин абураб пикру. ИЯЛИялъул цIех-рехалда рекъон, Ма­хIачхъалаялъул цIалдохъабазул 92 про­центалда лъаларо рахь­дал мацI. Гьеб ккола РДОялда цIализе абитуриентал рачIунгутIиялъе гIиллаги. ЦIалул группа гIуцIизе кигIан захIмалъаниги, нижеца хIаракат гьабизе ккола цIализе рачIаразениги шартIал гIуцIиялъе. Дагъистаналъул мацIалгун адабият малъула бакалавриаталъулги, магистратураялъулги, аспирантураялъулги даражаялда. ХIажимет СапаргIалиев чанцIулго щвана факультеталде ва гьесул квербакъиялдалъун бажарана чанги масъала тIубазеги. Руго лъикIаб хIалбихьигун гIелмияб даража бугел преподавателалги.
Рахьдал мацIал цIуниялъул масъа­лаби тIуразе ккани, дир пикруялда рекъон, гIуцIизе ккола тIоцебесеб иргаялда санагIатал шартIал. Ма­цIалде рокьи куцазе ккола хъизамалдаго. Хадубккун гьеб букIине ккола лъималазул ахалдаги, школалдаги, вузалдаги. Лъайкьеялъул цо идараялда цIалуе шартIал гIуцIиялдалъун масъала тIубаларо – жамгIияталъул букIине ккола гьелдехун тIалабияб бербалагьи.
КIваркьезе ккола къадар дагьал хал­къазулги ракьалдаса тIагIи­на­­лъул хIинкъи бугелги мацIазде. Политикаялдаса рикIкIадги гьабун, тIубазе ккола хъвай-хъвагIай гьечIел мацIал малъиялъул суал. Агул, рутул, цахур мацIал гьедин цIунун хутIана – гьел мацIазда гIуцIана хъвай-хъвагIайги, рахъана тIахьалгун журналалги, хъвана гIелмиял хIалтIабиги. ГIу­цIизе ккола лингвистикиял экспедициял. Дагъистаналъул мацIазул рахъкквейлъун букIина гIелмиял дандеруссинал тIоритIиги. МацIал цIунулелинги абун, цо-цояз гьеб масъала тIубазе кколин ахIи бахъи­набула жиндирго мурадазе гIоло. Гьеб мекъаб нух буго», — ян бицана филфакалъул деканас.
Рахьдал мацIалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Зугьра Дибировалъ бицана Дагъис­таналъул школазда мацIал малъиялъул бугеб хIалалъулги, учительзабаздаги цIалдохъабаздаги гьоркьор республикаялда тIоритIулел къецазулги, гьелда дандчIвалел масъалабазулги хIакъалъулъ. Рахьдал мацIазул учительзабазда гьоркьоб конкуренция гьечIолъиялъул хIасил лъикIаб кколарин абуна гьелъ.

Миллиял мацIазда кьолел
передачабазул масъала

ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель ГIали Камаловас ракIалде­щвезавуна 50-абилел соназда республикаялъул миллиял газетал цIунизе вахъарав магIарул газеталъул бетIерав редактор ва ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель МухIамад Шамхалов. «Дагъистаналъул обкомалъул хIукмуялда рекъон, «Дагъистаналъул правда» газеталъул дубляж гьабизе миллиял газетал тIамураб мехалда, магIарул газета хъван букIана 30 азаргоялде гIагарун чияс. 1949-1957 соназда хутIана 6000. Гьесул ва ГIабдурахIман Данияловасул хIаракаталдалъун бажарана миллиял газеталги рахьдал мацIалда адабиятгун пресса цIализе гъира бугел цIалдолелги цIунизе.
Жакъа буго гьелдаса квешаб хIал. Министерствоялъул цIаралдасаго бахъана «печаталъул» абураб ра­гIи. Нижер министерствоялъул данде­лъи­ялда цохIо нухалда рехсана прессаялъул цIар, кинабго бицунеб жо сверун буго бухьеназдеги, технологияздеги ва цогидалги суалазде. Доб мехалда, рахьдал мацIал цIунеян ахIи бана ЦКялде. Гьанже лъиде хитIаб гьабилеб? МацIазул масъалабазул хIакъалъулъ дица кагътал хъван рукIана РФялъул президент Владимир Путинихъеги, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул председатель Вячеслав Володинихъеги, РФялъул Журналистазул союзалъул председатель Соловьевасухъеги…
Рахьдал мацIазул къадру борхизабулел нухаллъун дида рихьула:
1. Рахьдал мацIалъул учителасул харжалде тIаде 15 процент кьей.
2. ДГУялда цIидасан рагьизе Дагъистаналъул филологиялъул факультет.
3. Телевидениялдаги радиоялдаги миллиял мацIазда кьолел передачабазул заман цIикIкIинаби. Гьениб бицунеб жоялде цIикIкIун кIваркьей. Гьелъухъ балагьулел ва гIенеккулел гIадамазул хIисаб гьаби.
4. Учительзабаздаги маданията­лъул идарабазул хIалтIухъабаздаги ми­ллиял газетал хъвазари.
5. Рахьдал мацIалда ОГЭ ва ЕГЭ тIоритIи.
6. Лъималазул ахалдасаго рахьдал мацI малъи.
7. Рахьдал мацIал цIуниялъул фонд гIуцIи.
8. ЦIидасан рагьизе Дагъистаналъул цIалул тIахьазул басмахана», — ян абуна Камаловас.
Рехсараб фонд рагьизе бигьаяб иш бугин абуна Уммупазил ГIумаровалъ. «Гъоркьиса цо чияс нижее кьун букIана цIалул тIахьал риччазе гIарац. Гьеб хIалтIизабичIого хутIана. Гьеб рехизе бегьула фондалде. РачIаха нилъеца гьедин гьабизе», — ян абуна гьелъ.
Дагъистаналъул тIахьазул басмаханаялъул директор Марина ГIу­маровалъ борхана миллиял ма­цIазда лъималазул тIахьал рахъиялъул масъала. «Нижер басмаханаялъул иш кколаро лъималазе тIахьал риччай. ГьечIо гьел хIадурулеб цо­ги басмаханаги. Амма лъималазе тIахьалги рахъичIого, рахьдал ма­цIалде рокьи куцазе бажаруларо», — ян абуна гьелъ.

Орфографиялъул комиссия

ДРялъул бетIерасда цебе гIу­цIа­раб Гражданияб жамгIият це­бе­тIезабия­лъулгун инсанасул ихтиярал цIуниялъул советалъул председатель Зикрула Илясовас бицана рахьдал мацIал цIуниялъул иш бараб бугин Орфографиялъул комиссиязул хIалтIул хIасилалда. «Цереккун гIуцIун ру­кIана гьел, амма цониги нухалда тIобитIичIо гьезул данделъи. ГIуцIизе ккола щибаб мацIалъул хасаб комиссия.
Рахьдал мацIалъул къадру цIи­кIкIиналъул нухлъун дида бихьула па­чалихъиял хъулухъазде гIадамал росулеб мехалда, гьезда рахьдал мацIалъул экзамен кьезабиги. КIу­дияб кIвар буго гьеб рахъалъ телевидениялдасанги радиоялдасанги кьолел передачабазулги», — ян абуна гьес.
«Данделъиялда рехсарал суалалги загьир гьарурал пикрабиги кьочIое росун, хасаб протоколги хъван, гьеб кьезе буго ДРялъул хIукуматалъухъе», — ян абуна данделъиялъул ахиралда Уммупазил ГIумаровалъ.
Кавсарат Сулейманова